Гьал къоязда чехь-бакьазул унтигун ва цIа-кан бахун Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялде ккана 102 чи, гьездаго гьоркьоб 50 лъимерги. Унтаразул «чехь-бакьазул инфекция» (ОКИ) букIин чIезабуна. ГIадамал унтиялъе гIиллаги ккола чорокаб лъим гьекъей. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул экспертаз ва ДРялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул хIалтIухъабаз гьеб лъугьа-бахъиналъухъ халгьабулебги буго. Гъизляр шагьаралда, чорокаб лъим сабаблъун, чехь-бакьалъул унти лъугьун гIадамазул...

