«ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазул хIукму ккана росабазул жамагIатазулгун дандчIваял гьариялъул мурадалда, «ХIакъикъат» — пуланаб районалда» абураб ахIиялда гъоркь, тадбирал тIоритIизе. Гьелъул мурадги ккола халкъалъулгун бухьен щула гьаби; рахьдал мацIалъул, адабияталъул бугеб ахIвал-хIал лъазаби; миллаталъул гIолел ва гIоларел рахъал цIехей, гьел газеталда рахъи; гIолохъанал мухбирзабазе, журналистазе кумек гьаби; газеталъе подписка гьабиялъе квербакъи букIинаби. Жакъа Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ...
