Бокьараб экономикаялъул кьучIлъун кколеб ВРПялъул (валовияб регионалияб продукт, лъагIалида жаниб гьабураб ва къачIараб кинабго продукциялъул, гIезарурал нигIматазул, бараб мина-къайиялъул, тIурарал хъулухъазул гIаммаб багьа) къадар 2025 соналда нилъер республикаялда бахана 1,3 триллион гъурщиде. Гьеб буго хIакъикъаталдаги кIудияб тарих, исана гьеб гIодобе ккеялъе гIиллабиги киналгIаги гьечIин ккола.
Гьелъул 20-гIанасеб процент ккола росдал магIишаталъ (гьелдаса цере руго ралел бакIазул магIишат ва даран-базар, хъулухъал тIурай). Гьенир тIубанго разияб хIал бугин ва дандчIваларин цIакъго гIемерал, захIматал масъалаби абун абизе рес гьечIо, амма ахирал соназда гьелъ рихьизарулел руго гIезегIан лъикIал хIасилал. Гьедин букIиналъе нугIлъи гьабула гьадинал хIужабаз — бакIарулеб цIолбол, гIи-цIцIаназул къадаралъул, къунцIулеб квасул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола тIоцебесеб бакI, бакIарулеб пиринчIалъул рахъалъ — кIиабилеб, чIегIербоцIул къадаралъул ва бакIарулеб пихъил рахъалъ — лъабабилеб.
Халатккун рарал цIадаз исана рес кьечIо жидер заманалда техника авлахъазде бачине, ракь къачIазе, цебеккунго хьон хьазе. Гъоркьиса хасалил могьолал (исана риидал ракIарулел) хьан рукIана 94 азарго гектаралда. Ракьулъ регьел букIиналъ гьезие ккана цIикIкIараб квербакъи, гьебго буго тIабигIиял ва рекьарал хурдузеги.
Исана ихдалилал культураби хьазе, рекьизе ккола (гьеб хIалтIи байбихьун буго) 225 азарго гектаралда: хурдул — 92 азарго гектаралда, могьолал — 57,3 азаргоялда, овощал — 40,1 азаргоялда, картошка — 18,3 азаргоялда, бахчаби — 7,8 азаргоялда, техникиял культураби (бакъдебусс, рапс ва гь. ц.) — 4,5 азаргоялда. Гьелъие хIажалъула 68 азарго тонна хьодул (гьелдаса 55 азарго тонна — картошка), гьеб къадаралдаса 94 процет гьанжелъизегIан хIадурунги буго.
Республикаялда ахал руго 30 азарго гектаралда, исана гьезде тIадеги гьел гьаризе ккола 500 гектаралда (ихдал гьаруна 432 гектаралда, хутIарал тана хаслихъе гьаризе). ЦIибил гIезабулеб гIатIилъиялъул (71 азарго гектар) ва бакIарараб къадаралъул (380 азарго тонна) рахъалъ республикаялъе бищунго цIар бугеблъун букIана 1984 сон. ГIатIилъи лъабгогIан нухалъ гIодобе кканиги (26 азарго гектар), бакIарараб къадар гъоркьиса букIана цIакъго лъикIаб (302 азарго тонна). Ругезда тIаде исана 800 гектаралда лъезе ккола цIолбол ахал. ГIияхъанлъиялъулги квешал хIасилал гьечIин ва хадусел планал дагьалги лъикIал ругинги абизе бегьула. Къинлъул кампаниялъул хIасилалда щвана 1 миллионгун 29 азарго кьегIер (цIунана гьаруразул 98 процент), гьеб рахъалъ цебесеб кьерда руго Гъуниб, ЧIарада, Казбек районал.
Санайил республикалда къунцIулаан 14 азаргогIанасеб тонна квасул (тIолабго Россиялда къунцIула 40 азаргогIанасеб), исанасел планазда рекъон къунцIизе ккола 15,7 азарго тонна. Гьеб цIакъ лъикI буго, амма квеш ккараб жо буго гьеб бичизе кIунгутIи ва гьелъул багьаги гIодобе ккей.
Дагъистаналда буго 105 азаргогIанасеб найил тIала, гъоркьиса гьез кьуна 1326 тонна гьацIул, цересел соназда дандеккун 300 тоннаялъ цIикIкIун. Исанасел планал ва хIисабал гьелдаса къурал гьечIо. Жибго цIакъ гьитIинаб бугониги, хур-хералъе кIудияб зарал гьабулеб рухIчIаголъи ккола гарцI. Гьединлъидал, цIакъго кIвар бугеблъун ккола жидер заманалда гьелда данде цIуниялъулаб хIалтIи гьаби. Исана гьеб хIалтIи гьабизе ккола 35 азарго гектаралда (аслияб куцалда северияб Дагъистаналда, гьениб байбихьана гьеб), пачалихъалъ гьелъие биччан буго 30 миллион гъурущ. ЛъикIаб гIаламатлъун ккола гьадинаб хIужаги. Исана соналъул нахъе тарал гьал моцIазда жаниб республикаялъ къватIисел пачалихъазде (Азербайжан, Грузия, Узбекистан, Тажикистан, Казахстан, Иран, ГIиракъ, Ливан, Китай ва гь.ц.) ричана: пиринчI — 730 тонна, чIегIербоцIи — 6 азарго бетIер, гIи-цIцIани — 5 азарго бетIер, гIиял гьан — 249 тонна, ччугIа — 270 тонна, квас — 21 тонна.
ГIабаш ГIабашилов

