«Росугун дагIбадани, чиякълъула…» Гьединаб буго магIарул кици. Щивасул гIумрудулъ гIагараб росдаца ккола кIудияб бакI. ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магIарул росабазул хIакъалъулъ гIатIидал баянал кьун, гьезул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цIалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритIеян. Амма хIажат буго...










