Рахьдал мацIазул халкъазда гьоркьосеб къоялъул хIурматалда, 19 февралалда ДРя-лъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул халкъазул мацIазулгун адабияталъул гIалимзабиги, республикаялъул вузазул преподавателалги, школазулгун школалда цебесеб лъай кьеялъул идарабазул педагогалги. Конференция нухда бачана ДНИИПалъул директорасул ишал тIуралей Меседу Шурпаевалъ. Гьелъ бицана 2019 соналда институталда гьарурал гIелмиял цIех-рехазулги, хIадурарал цIалулгун методикиял тIахьазулги, программабазулги хIакъалъулъ....
