Новость на родном

Авартеатр — басриябги цIиябги

     Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъ лъазабураб рагьараб конкурсалда рекъон, Авартеатралъул директорлъун вищана МухIамад БисавгIалиев. Гьеб цIияб хабар лъана араб итни къоялъ. 5 октябралъ, ай хадусеб къоялъин абуни, цIияв директор хъулухъалде тIамулев вукIин бицине, коллективалъул гьесул лъай-хъвай гьабизе Авартеатралде ячIун йикIана, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Мадина Жаватханова. Директор хIисабалда цIияв вугониги, Авартеатралъе жив цIияв, чиярав вукIинчIин...

Новость на родном

«МацI кинаб бицаниги щиб, нилъер кьибил цо буго…

         Гьалгощинал соназ журналистинги йикIун, бежтIадерил хаслъи лъазабизе гIамал гьабичIолъиялдаса дунго намуслъана дагьал церегIан къоязда гьение щведал. КигIанго гьайбатаб сверухълъи бугониги, сурат бахъизе лъалхъизе бегьилин ккечIо гьенире унаго, лъалеб букIаралъул нижехъ балагьун БежтIа участокалъул гIадамал ругеблъи. Кутакалда кьварун документазул хал гьабулеб аскариязул посталда бащдаб сагIаталдасаги цIикIкIун чIезаридал, къватIисеб улкаялде унеб хIисаб бугин абун,...

Новость на родном

Библиотекабазулги клубазулги къисмат кинабдай ккела?

       Гьал къоязда Хунзахъ районалъул культураялъул рукъзабазул ва клубазул хIалтIухъабаз хитIаб гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасухъе.    Гьеб хитIабалда гьез хъвалеб буго ункъо соналъ цере жал 0,75 ставкаялде рачанин, гьеб мехалда тIадкIалъай гьабичIого жалги чIанин абун. Хадубги 0, 5 ставкаялде рачанин, гьеб мехалдаги руцIцIун чIанин. Гьанже абуни районалъул нухмалъиялъе къваригIун бугила тIуранго...

Новость на родном

ХIасан ГьитIинов: «Сурат букIине ккола кIалъалеб»

«Художник ХIасан», «ХIотодаса ХIасан» абун, киназдаго лъалев, киназго адаб-хIурмат гьабулев, росабалъа райцентралде рачIарал чагIазул гьари тIубазабулев чи вукIана ГьитIинов ХIасан ХIебда хIалтIулеб мехалдаго. Гьес хъварал лозунгаз, плакатаз, рахъарал суратаз анцI-анцI соназ берцин гьарун рукIунаан райцентралда тIоритIулел байрамалъулал тадбирал. Шамил районалъул ХIотода росулъа ХIасаница лъугIизабуна Да­гъистаналъул художествияб училище. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго МахIачхъалаялда. Жакъа художникас гьарулел...

Новость на родном

Каримула ГIАБДУЛАЕВ: «ДандчIвазе рачIайин ахIараб гIела!»

     Маданияталда чороклъи гIемерлъиялъ, ракI тIаде цIалеб жо дагь­лъиялъ кечI-бакъаналдаса рикIкIалъаниги, цо-цо лъикIал гьунар­ чагIазулгун гара-чIвари гьабизе бокьула мех-мехалъ.    МагIарул кечI-бакъан бокьулезда гIемер лъикI лъалев композитор Каримула ГIабдулаев вачIун вукIана гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ. ГIемераб рецц-бакъ гьабиларо, цо кверзул килщазде рикIкIун лъу­гIулел магIарулазул композиторазул мухъилъ цебесеб кьерда вукIана гьев кидаго. Каримула ГIабдулаевасул бакъан репертуаралда...

Новость на родном

Гьаваялда бижараб гьунар

  ТалихIалъул цIваялъухъе гьабураб роржен   АсхIабгIали цIалулев вукIана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гIадин, гьесулги рукIана жиндир­го анищал. Гьелги гьес жиндирго цIваялда аскIор паракъат гьарун рукIана. Зама-заманалдасан гье­зухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритIулаан. Цо къоялда, АсхIабгIалидацин гьикъичIого, гье­сул цIваялъ анищазда гъуна куркь­бал ва гьев вачун щвезавуна жин­дирго анищалъухъе гьоболлъухъ. ГIолиласда бичIчIана гьез жиндие рахIат тезе гьечIеблъи....

Новость на родном

«Гьорол эбелалдаса» хадуб – «Бертадул кечI»

Чанго батIияб халкъалъул бакъанги жубазабун, нилъер цо-цо кочIохъаби цого бакI мерхьунел ругебгIан мехалда, Мордовиялдасаги ячIун, эрзяназул миллаталъул кочIохъан Ежевика СпиркиналъкIиабилебги магIарул кечI лъазабуна ахIизе. Гьебги ккола умумузул «Бертадул кечI». ЧIунтараб Гъамсукь «Гьорол эбелалъул» хIакъалъулъ бахъараб гье лъул клипалъ гIезегIан ахIи-хIур гьабун букIана гъоркьиса. Цоязе къваригIун букIана гьелъ гьениб магIарул миллияб ретIел ретIине. Цогидаз гIайиб чIвана, гьанжесеб къагIидаялде буссинабулаго, гьелъ умумузул...

Новость на родном

ЛъагIилухъе сапар

Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тIобитIун букIана ре­спубликаялъул «Рахьдал мацIалъул лъагIалил учитель» конкурс. Гьелда гIахьаллъарай мугIалималъ дарсил цо бутIа сайгъат гьабун букIана ГIабасил МахIамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъ­ул кумекалдалъун бухьен гьабун букIана шагIирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букIана ЛъагIилухъе щвезе. Кинго санагIалъи рекъечIо ва гьедин ана заман.     Исана нижер гьеб анищ тIубана. Дагъистаналъул...

Новость на родном

Бечедаб ирс нахъе тарав редактор ва хъвадарухъан

Гьал къоязда гIумруялъул 60 сон тIубалаан мунагьал чураяв журналист, хъвадарухъан, публи­цист Сабир НурмухIамадовас. Гьев къадаралде щвана ункъо соналъ цеве. Амма нахъе хутIана Сабирица хIадур гьарурал ва къватIире риччарал Дагъистаналъул КIудиял Энциклопедиязул (БЭД) ункъо том, «Дагъистаналъул киналго росаби, шагьарал ва поселокал» абураб тIехь, «Па­лестинаялъул маргьа – Интернет версия», «Намусалъул кодекс. ГIумар Эрцалов», Северияб Кав­казалъул регионалияб жамгIиябгун...

Новость на родном

Нилъер гIумруги шагIирасул гIакълабиги

Зоб роцIун цIад банани, цIакъ бохула тIабигIат, ГIадамил ракI роцIунеб цIад хIажатаб ракьалда. (Инхоса ГIали-хIажи) ГьацIул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго ки­рехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хIабургъараб заманалда, шагIир, гIакъил, гIалим Ин­хоса ГIали-хIажил асараз къобахъанагIан гIажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тIехьги босун, гIакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазул­ги...