Дагъистаналъул лъикIаздаса лъикIал халкъиял театразул форум-фестиваль тIобитIана ГIурус театралъул минаялъуб. «Халкъияб маска» абун цIар кьураб, Россиялда лъазабураб маданиябгун рухIияб ирс цIуниялъул соналда ва машгьурав шагIир Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда хурхинабураб гьеб тадбир тIобитIана республикаялъул Культураялъул министерствоялъул нухмалъиялда гъоркь, Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIаракаталдалъун. Дагъистаналъул гьайбатлъи, гьунаразул ва гIадат-гIамалалъул рахъалъ бечелъи, хаслъи бихьизабуна...

