БекIкIун къачIачIони, къед лъугьунаро

 

  Авартеатралъул гьаракьгун бакъан дагь-дагьккун рагIизе байбихьана гьал ахирал моцIаз. Буго гьезул рекIелъе лъугьунедухъ кьолеб рекламаги, щибаб спектаклялда зал цIураб халкъги, камун гьечIо хайир бугел сапаралги. ГIадамаз бицунелде кIваркьеялъул рахъги хисулеб буго. Кида букIараб жо, нижер къаламцояз гурони, театралъе критика гьабун гIадамаз рагIи аби, саламатал макъалаби хъвай, гьелде кIваркьей?

ГЬУРИ ЧIВАЧIОНИ, ГIУЧI БАГЪАРУЛАРО

  Гьал къоязда жамгIиял гьиназда багъарана гьеб чIаголъи. ЦIияб соналъул байрамалде шоу хIисабалда сценаялда лъураб «РачIа къороласе чIужу ячине» абураб, кечI-бакъаналъул, махсара-хочIалъул постановка бугоан Фейсбукалдасан цо магIарулас какун. ГIезегIан лъикIги хъван бугоан. Амма Авар театралъухъ, мацIалъухъ вухIулев чияс щайдай пикраби гIурус мацIалъ загьир гьаруралинги бижулеб буго суал.

   ГIемерисел гьев авторасде данде тIирун чIун руго, лъикIаб цебелъей букIанин, жидее кутакалда рекIее гIунинги абун. РукIана, сценаялда бихьараб гIалагъважаялъ жидер кутакалда бетIер унтизабунин, давление баханин абулелги. Бищунго гIайиб чIвалеб букIана сценаялда гIуруслъи цIикIкIиналда. Гьури чIвачIони, гIучI багъаруларин абулелъул магIарулаз, гIиллаго гьечIого ругел гIарзал гьел рукIинищха. Кинавго чиги цо коцониб кьа­ бураб гIакълу-лъаялъул вукIуна­ релъул, щивас жиндирго бихьи, бичIчIи загьир гьабун батила. Кин батаниги, гьеб кинабго буго ни­ лъерго миллияб театр бокьиялъул гIаламат.

 

 

ЗАГIИПАБ БИХЬИЧIОГО, ЗАЛИМАБ БИЧIЧIУЛАРО

 

  Байрамкъоялдаса хадуб гьеб постановка такрар гьабизе бугин, рачIаян бачIана театралдаса ни- жер редакциялде ахIиги цадахъго пригласительниял белталги.

  Гъира-шавкъалда рачIун гIада­ маз занкIун цIуна зал. ХIалтIул къоял ругониги, рикIкIадал ма­ гIарул районаздасагицин ругоан хасгьабун гьенире рачIарал лъалел-хъвалел гIадамал, культураялъул хIаракатчагIи. Цебеккун бихьаралги ругоан кIиабизеги рачIун.

  «Хисизабун бугин рагIана, анкьида жаниб щиб аз хисулеб жо…», «Щай эб хисизабунгIаги? Диени цебесебги цIакъ бокьана» — гьадинал шур-шурал рукIана пардав рагьилалда цебе. Сценаялда бихьизабизе бугеб гIуруслъиялъе критика гьабизе ниятгун театралде ячIарай дунгиха.

 

  МагIарул гурони мацIго лъаларев махсара-хочIалъе цIакъав ЦIорол Дадаги ватана тадбир бачунев.

  Миллиял кьурдабазул расен бахъулел актерал рихьидал, цо лахIзаталъ ракIалде щвана МахIмуд ГIабдулхаликъовас жиндирго «Дир театр» тIехь байбихьулаго хъварал мухъал: «Гьанжеялдаса нусго соналъ цебе магIарулазда гьикъун букIарабани «щиб кколеб театр» абун, гьез жаваб кьелаан, букIкIине нодоги гьабун, лъаларин. МагIарулазул кIалзулаб творчествоялда жаниб гьеб рагIи киданиги хIалтIизабулеб букIин­ чIелъул. Театр абулеб рагIиялъул бакIалда гьезул кIалдиб ругьунлъун букIана: годекIан, гъастIакквел, ригьнакIо, бертин, нартал, хъартал, расанкIаби, рагIул гIомо, мацIазул хадиро ва гь. ц. Гьел киналго рагIаби цолъизаруни — гьеб ккола театр. МагIарулазул некIсиял гIадатаздаса тIирщун бачIана авар халкъалда гьоркьоб театралияб искусство».

Гьеле гьеб, лъугIун унебщинаб халкъияб творчество сценаялдаса чIаголъизабизе гIураб бечелъиги, ресги буго жакъа театралда. Гьеб буго рохизе ккараб хIужа. Руго анкьгьунарал гIадал гIолохъа­ налги, гьезие мисаллъун, гIе­ мер соназулаб хIалбихьи щварал махщелчагIиги. Узухъда, гьеб бе- челъи халкъалъе къабулаб хIалалъ бихьизаби режиссерасда барабги букIинарищха.

 

«ЧIВАЗЕ ГIАЙИБГО БАЛАГЬИЧIО»

 

   Дица гIорхъолъа ун хасго гьеб шоу беццулеб бугинги ккоге, какунги гьеб щай, концерт хIи­сабалда бихьизабураб байрамалъул программа. Къокъго абуни, разиго ана гIадамал гьениса.

  — БитIараб бицани, дун урхъун йикIана гъодинаб ихтилатсухIматалъухъ. Гьаб ахираб кIиго лъагIелалъ цIакъ хьул букIана театралде щвезе. ТIокIалъ щвезего щвеладай гьениеян щакдарабигицин рукIунаан, — ин абуна ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, ЧIарада районалъул халкъияб театралъул режиссер Рашидат ГIалиасхIабовалъ.

 — Шоу къабул гьабизе ккола шоу хIисабалда, тематика цIунизе ккараб жоги дида гьениб бихьичIо. Гьаб цо бокIон дагьаб загIипаб бугин ккани, цоялъ цояб хисун, гьеб кIоченабулеб ихтилатги гьунарги бачIана цебе. Гьезда чIвазе гIайибго балагьичIо дица. КигIанги бокьана, баркала «къо- роласе лъади хъирщулеб» сухIмат гIуцIаразе. Халкъалъе къиматал кочIохъаби гьоркьор гIахьаллъизе ахIиги цIакъ лъикIаб хIукму гьабун буго театралъул нухмалъулез. Гьал ахирал соназ унтиялъги къварилъиялъги кIвекIарал гIадамазе хIажат буго аваданлъи. Гьеб гьукъани, гIадамал ццидаллъун лъугьуна.

  Байбихьудаго сценарийги постановкаги загIипаб букIараб батани, цIакъ къокъаб заманалда жаниб гIуруслъи нахъе чIаран буго гьениса. МагIарулазе хасиятаб гуребщинаб сценариялда гьоркьоса бахъун батила, гIадамаз загьир гьарурал пикрабиги хIисабалде росун, миллиябщинаб бичIчIулев театралъул директорасул тIалабалда гъоркь.

  Басриял цIи гьарун, цIи-цIиял лъун, магIарулазе бокьулеб къагIидаялъ репертуар бечед гьабиялда тIад хIалтIулеб буго театралъул нухмалъи.