Анищалгун рокьи магIарухъ буго МагIарулазда Къурбан КIулизанов лъала кочIохъан хIисабалда. Гьаб нухалдайин абуни, МахIачхъалаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялде данделъун рукIана Къурбанил шигIрабазул гъасде. Данделъун рукIана шигIрабазухъги цIалдолез гьезие кьолеб къиматалъухъги гIенеккизе гьесул гьудул-гьалмагъзабиги, магIарул адабиятгун маданият бокьулел миллатцоялги, студенталги, журналисталги, шагIирзабиги.Къаси кьижаниги, къад вахъаниги,Сапаралъ аниги, тIадвуссаниги,Дунял сверулаго, сонал аниги,Анищалгун рокьи магIарухъ буго. Гьале...
