Музыкалияб фестивалалда — хореографиялъулаб драма «Имам Шамил» 27 ноябралда ГIурус театралда бихьизабуна СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул музыкаялда Россиялъул мустахIикъав артист Муса Оздоевас лъураб «Имам Шамил» абураб балет. АнцIила кIиабилеб нухалдаги дагъистаниязда ракIалдещвезабуна ватIаналъул бахIарчиял васаз бидуца хъвараб тарих.Пардав рагьарабго, цере рачIуна лъабавго имам: ГъазимухIамад, ХIамзатбег, Шамил. Гьез Дагъистаналъул тарихалда тана хасал лъалкIал. Балет гIуцIун...

