Новость на родном

«Сариназул сиялъ» гьабураб асар

   5 февралалда МахIач­хъа­лаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб биб­­лиотекаялда данделъу­н ру­кIана, Дагъистаналъул хал­къияй шагIир Баху-Меседу Ра­­су­ловалъул проекталда ре­къон, къватIибе бачIараб «Са­ри­назул си» абураб, 15 авто­расул кучIдуздаса гIу­цIараб, тIехьалъул хIа­къа­лъулъ бицине. Тадбир нухда бачарав Ма­гIарул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас би­цана магIарул адабияталъулги тIехьалда лъурал кучIдузул авторазулги хIакъалъулъ. — Рохизе ккараб хIужа буго рахьдал...

Новость на родном

ГIахьвалазул азбука

Республикаялъулаб «Лотос» басмаханаялъ къватIибе биччана лъималазе цIалул тIехь — «Букварь» гIахьвалазул мацIалда, гьеб мацI гьоркьобе ккола гIандадерилгун дидоязул группаялде. Гьеб тIехьалъул цебелъей тIобитIана, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда, гьениб «Тарки-тау – 2019» VIII тIахьазул ярмарка тIобитIулеб заманалда.«ГIахьвалазул азбука» ккола гIахьвалазе гьезул рахьдал мацIалда къватIибе биччараб тIоцебесеб цIалул тIехь. Гьелъ лъималазе кумек гьабизе буго хъвазе-цIализе...

Новость на родном

МагIарул Лиза

Хъвана 2019 соналъул ноябралда,Елизавета Семенюк гьаюралдаса 105 сон тIубаялде   МахIачхъала. Редукторазул авал. Дун Ак-гёль хIорил рагIалда «ГIурус мугIалималъе» эхетараб памятникалда цеве. БукIун батиларо Дагъистаналда гIурус мугIалималъ лъалкI течIеб бакI. ЛъикIал рагIабаз ракIалде щвезарула ва жакъаги баркала кьола гьезие чIахIиял гIелазул гIадамаз.Нилъер рахьдал мацI тIагIиналъе хIинкъи бугеб гьаб заманалда дида ракIалде ячIана, бащдаб гIасруялде гIагарал...

Новость на родном

Будалаазул, щайтIабазул ва чанахъабазул хIакъалъулъ

«Балъгояб даптар» тIехьалдаса   — ЩайтIабацагун будалааз лъимал рачун иналъул харбал дида гьитIинаб мехалдаго рагIун рукIана. Дир кIодоца бицунаан цо гъоркьнусесда Маала раса абураб магIарда ватун вугила цо гIажаибав, нилъер лъималаздаса батIияв вас, — ин байбихьана ункъачоца.   — Сундулъ букIараб гьесул батIалъи?     — Живго гьев вас вукIунха батIияв, нилъер лъималазда релълъарав гурев....

Новость на родном

Пикрабазул цIумур зваргъелеб буго

Мун, хъущтIун аниги, гIодоб ккун гьечIо, ГIедегIе, Дагъистан, тIаде борхизе. Дагьаб тараниги, тIагъур бортичIо ЧIухIун балагье мун дуниялалъухъ.                             Залму Батирова («Дагъистан»)     Араб анкьалда Поэзиялъул театралда Дагъистаналъул халкъияй шаг1ир Залму Батирова дандчIвана жиндирго цIалдолелгун. ШагIиралъул шигIрабазул кIудияб ц1адухъе ракIарун рукIана магIарул адабият бокьулелги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, къаламцоялги. Гьеб цIаялъул бищунго канал хIенхIаллъун шагIиралъе...

Новость на родном

Къисматги, гIумруги, кечIги

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз гIуцIаралдаса тIубана 85 сон       Гьале жакъаги дун памятниказухъ      Нус-нус соназул тарих бугеб Дагъистаналъул адабият. Гьелъул буго хасаб улка – адабияталъул улка. Гьеб улкаялъул хважаинзабилъун кколел шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул цолъи гIуцIаралдаса исана тIубана 85 сон. Гьеб улкаялда, зобалаздеги цIабуцIун, машгьурлъиялъул тIогьазда, бахIарчилъиялъул байрахъги парпазабулаго, чIухIадго эхетун буго 85 мегIер....

Новость на родном

Рокьи гьечIеб ракIалъ кечI хъваларо

  Бокьула дие магIарул шигIрабазул дунялалда гьоболлъи базе, гьезде ургъел бикьизе, дирго къисматалъул гьезие бицине. Гьезулъ гIемерисеб мехалда дунгоги ятула. Унго-унгояб кечIалъ гьабун толеб лазатха дие! Бокьула шагIирзабигун гара-чIваризеги, жакъасеб гьеб улкаялда бугеб ахIвал-хIалалъулги бицун.     Бицен гьабуна дица гьелъул хIакъалъулъ редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIарай Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъеги. Гьелъ дие жаваб кочIодалъун...

Новость на родном

Нур сунареб бакъ

Наби ГIисаев гьавуна ЦIунтIа районалъул Гьинухъ росулъ. ЛъугIизабуна ДГУялъул филологияб факультет. ХIалтIана ЦIунтIа районалъул «ЗахIматалъе рецц» абураб газеталда, Гьинухъ росдал гьоркьохъеб школалда магIарул мацIалъул учительлъун. ГьабсагIаталда вуго хIалхьиялда.   Наби ГIисаев ккола кучIдузул тIахьазул автор. ШагIирасул юбилеялде басмаялде бахъун букIана гьесул тIасарищарал асаразул кIиго том. Дагьалъ цебе басмаялде бахъана гIурус мацIалде таржама гьарурал кучIдузул кIиабилеб...

Новость на родном

Эбелалъул гьаракь

  Ракьалде бачIиндал, тIоцебе лъимералда дандчIвайги гьабула гьелъ. Гьеб гьаракьалъ дунялалъего бицуна жиндирго талихIалъул рохел.   ТалихIалда къвалги бан, гьеб боржуна зодор бищунго берцинал цIвабзахъеги. Гьезул маржаналги гьарун, жиндирго лъимадул горбода дализарула.   Цинги кинидеги къулун йигей эбелалъул гьаракь гаргадула лъимергун, цо гьеб гьаракьалъ лъимер беэдун толеб куцха! Гьеб гьаркьица ахIарал лъугIи гьечIел сариназ нухарегIула...

Новость на родном

ШигIрабазул гIидра тIегьалеб буго

МагIарул шагIир Залму МухIамадовалъулгун дир лъай-хъвай ккаралдаса гIурабго заман буго. Берцинаб гьурмада гьимулел зодикьерал бералги, беразул хIоринир лъедолел анищалги, гьезул гъварилъуда бахчараб балъголъиги, гьеб киналдаго тIад нурлъун гвангъун рещтIун бугеб гьуинаб гьимиги. Рокьул цIураб гIажаибаб балагьиялъ бицунеб бугин ккола гьелъул шигIрабазул гIидраялда тIегьарал сариназул.   ХIикматаб сихIкъотIиги тIуркIизабун, цIидасанги рагIулеб буго магIаруллъиялъухъги рорхатал мугIрузда тIавап...