Жинца хъвараб кагътида жаниб гIадин рагьуларо гьелъул авторасул пикраби… Ахираб заманалда, гIемерал гьечIониги, къватIире рачIине байбихьун руго магIарул мацIалда хъварал Шамил имамасул, Кавказалъул рагъазул темаялда хурхарал тIахьалги мажмугIалги. Дагьаб цебегIан гьединаб иргадулаб тIехь щвана цIалулезухъе – «Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб. Гьеб ккола кIудияв имамас 220 сон тIубаялде сайгъат гьабураб басма. Гьелда руго 1863...

