Жинца хъвараб кагътида жаниб гIадин рагьуларо гьелъул авторасул пикраби…
Ахираб заманалда, гIемерал гьечIониги, къватIире рачIине байбихьун руго магIарул мацIалда хъварал Шамил имамасул, Кавказалъул рагъазул темаялда хурхарал тIахьалги мажмугIалги. Дагьаб цебегIан гьединаб иргадулаб тIехь щвана цIалулезухъе – «Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб. Гьеб ккола кIудияв имамас 220 сон тIубаялде сайгъат гьабураб басма. Гьелда руго 1863 соналдаса 1904 соналде щвезегIан имамасул хъизамалъул вакилзабаз цоцазухъе ва гьединго гьезухъе цогидаз гIажамалъ хъварал кагътал. Гьезул аслияб къадар ккола ГIусмани империялда гIумру гьабулел рукIарал Шамилил васал ГъазимухIамадицаги МухIамадкамилицаги Россиялда хутIарав жидерго гьоркьохъев вац МухIамадшапигIихъе хъварал кагътал. МажмугI данде гьабуна ва басмаялда бахъана Дагъистаналъул халкъияв шагIир, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад ХIамзаевас. Гьеб мажмугIалъул кIваралъул, гьенир кьурал кагътазул хIакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагIиялда МухIамадица хъвалеб буго гьадин: «Гьанжесеб Дагъистаналъул жамагIаталъе, хасго магIарул чиясе кIудияв имамасул гIумруялда хурхарабщинаб жоялъул бугеб кIварги хIисабалде босун, хIукму ккана Шамил имамас 220 сон тIубаялде гьал кагътал басмаялда рахъизе. Гьелдаго цадахъ гьезулъ бугеб материалалъул буго кIудияб къимат гуманитарияб гIелмуялъул батIи-батIиял рахъазеги: тарихалъе, адабияталъе, мацIалъул гIелмуялъе, политологиялъе, культурологиялъе, этнографиялъе ва гь.ц. Кагътал цIалараб мехалда, бихьулеб буго Шамилил лъимал тIадегIанаб культураялъул, камилаб гIелму-лъай щварал, исламияб тарихги, аварагзабазул къисабиги, шаргIалъул къануналги лъалел чагIи рукIараблъи», – ян.
ТIехьалда кьун буго кинабниги 74 кагъат:
– ЧIохъа ГIинкъав ХIажил яс Аминатица жиндирго бетIергьанчи МухIамадшапигIихъе 1863 соналда Калугаялдаса хъвараб кагъат.
– Шамилил яс Нажабатица Россиялда тарал вацал ГъазимухIамадихъеги МухIамадшапигIихъеги Истамбулалдаса хъвараб кагъат.
– Россиялда вукIарав МухIамадшапигIица 1876 соналда Истамбулалде кIудияв вац ГъазимухIамадихъе хъвараб кагъат.
– Россиялда вукIарав гьитIинав вац МухIамадшапигIихъе ГъазимухIамадица 1879–1900 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (49 кагъат).
– Россиялда вукIарав кIудияв вац МухIамадшапигIихъе гьитIинав вац МухIамадкамилица 1880–1902 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (14 кагъат).
– Истамбулалда чIарав мугьажир, ТIанусиса ХIажияхIял вас Гъайирбегица Россиялда вукIарав МухIамадшапигIихъе 1882, 1887 соназда хъварал кагътал (кIиго кагъат).
– Хунзахъа КъадимухIамадица 1886, 1902 соназда МухIамадшапигIихъе хъварал кагътал (кIиго кагъат).
– Шамилил вацгIал Генуса Жамалудиница МухIамадшапигIихъе хъварал кагътал.
– Гъазигъумекиса Жамалудин-устарасул вас ГIабдурахIманица 1896 соналда МухIамадшапигIихъе хъвараб кагъат.
– Шамилил гьитIинав вас МухIамадкамилица 1904 соналда Мадинаялдаса Генуса Жамалудинил вас ХIусенихъе хъвараб кагъат.
– Темир-Хан-Шураса пуланав МухIамадгIалица МухIамадшапигIихъе хъвараб кагъат.
Жинца хъвараб кагътида жаниб гIадин рагьуларо гьелъул авторасул пикрабиги, хьулалги, къасдалги, гIамал-хасиятги, напсалъулаб дунялги. Гьелдаго цадахъ гьениб загьирлъун букIуна кагъат хъвараб заманги, гьелъул хаслъиги, суалалги, гIамал-гIадаталги. Гьединлъидал Шамил имамасул лъималазул кагътазул къиматаб рахълъун ккола гьел рукIин хъвараб заманалъул документалиял нугIзаллъун. Щайгурелъул гьезул авторалги адресаталги рукIиндал ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда Дагъистаналдаги, Россиялдаги ГIусмани империялдаги ккарал кIудиял, тарихиял лъугьа-бахъиназул жигарал гIахьалчагIилъунги чIагоял нугIзаллъунги. Масала, Россиялда хутIарал вацал ГъазимухIамадихъеги МухIамадшапигIихъеги Мадинаялдаса имамасул яс Нажабатица хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал: «Расуласда цере чIедал, ПатIиматул-Загьраил кIалтIе щведал, БакъигIалдехун руссиндал, УхIудалдехун сверидал, ХIамзатихъ балагьидал, нижер гьабулеб дугIаги нижер гьабулеб гьариги инсуйги нужееги буго. Аллагьас къабул гьабеги эзул хIурматалъе гIоло. Амин, амин.Исана эменги Мадинаялда чIун вуго. Нужедаса ятIалъун, кидаго чIезе кIвеларилан йикIана, вацал, дун. Нужедаса ятIалъиялъул ургъелалъ унтун йиго дун, загIиплъунги йиго. Гьаб унтараб черхги босун, гьаб Мадинаги тун, ячIине кIоларого буго. Дунго аний йигониги, ракI нужеда аскIоб буго, нуж рекIелъа араб дакъикъа гьечIо, къасиги къадги хириялщинал зияратазда нужее дугIа гьабулей йиго. Аллагьас къабул гьабеги. Рохелгун цоцазда рихьизе хъван батаги, бусурманаб ракьалда данде гьареги».
Гьал мухъал цIалидал, цебе чIолеб буго рикIкIадаб Россиялда хутIарал гIазизал вацазул ургъалида йигей, гьезухъ урхъарай, Мадина-Мунаварраялда, Аварагасул ракьалда, хириял зияратазде хьвадулаго, БетIергьанасдаса гьезие сахлъиги саламалъиги гьарулей, гьезде хIасрат тIамурай къадруяй яцалъул сипат. Гьелъ нилъ тIамулел руго пикру гьабизе имамасул рокъоб, хъизамалда жаниб букIараб гIумруялъулги, ахIвал-хIалалъулги, гьелъул вакилзабазда, хасго лъималазда гьоркьоб цоцаздехун букIараб адаб-хIурматалъулги, рокьулги, чIужугIаданалъ бихьинчиясул, яцалъ вацазул гьабулеб букIараб кIудияб къадруялъулги.
Балагьараб мехалда, гIумру рагъазда, гъазаваталъул нухда аниги, кIудияв имамас кIвар кьолеб букIун буго жиндирго лъималазе тарбия кьеялдеги, гьезда гьоркьоб лъикIаб, гьуинаб гьоркьоблъи букIинабиялдеги. Гьеб гуребдай гвангъараб мисал жакъасеб магIарул гIелалъе, жидерго лъималазе тарбия-лъай кьолаго, пайда босизе мустахIикъаб. Гьеб буго кIудияв имамасги гьесул наслуялъги нилъее тараб рухIияб ирс!
Шамил имамасул лъималазул кагътал цIалараб мехалда, кIвар буссинабизе бачIунеб буго гьезул лъабго хаслъиялде: мацIалде, хIасилалде ва хъвараб куц-къагIидаялде.
Кагътазул мацI буго гIажаибго бечедаб, камилаб, хъвалесул пикрабиги, мурадалги, рекIел хIалги, гьес абизе бокьараб жоги цIалулесда рагIа-ракьанде щун бичIчIизабулеб. Гьаниб бихьизабизе ккола Шамил имамасул лъималазул гIумруялда жаниб аслияблъун букIанин цохIого цо мацI – рахьдал, магIарул мацI. Гьайгьай, гьезда лъикIаб даражаялда лъалаан гIараб мацIги, амма гьезул рекIелъги чорхолъги бессараб, гьез пикру-хIисаб гьабулеб, гьезда дунял бичIчIизабулеб, сверухъ бугеб гIумругун гьезул бухьен чIезабулеб алатлъун букIана гIагараб калам. Гьединлъидалин гьезул кагътазулъ якъинго загьир гьабун букIин бихьулеб бугеб абизе бокьарабги, бицун бугеб бихьа-таралъул хIакъалъулъги, мухIканго ричIчIизарун ругел пикрабиги рекIел хIалги.
Гьелдаго цадахъ, кагътал цIалараб мехалда, бихьулеб буго гьезул автораз жидерго каламалда жанир батIи-батIиял – гIараб, гIурус, парс, турк – мацIаздаса росарал рагIабиги сверелалги хIалтIизарулел рукIараблъи. Хасго гIажаиблъизе бачIунеб буго ГъазимухIамадил каламалъулъ гIурус ва турк рагIаби рукIин. Балагьараб мехалда, Россиялдаги Турциялдаги тIамураб заманалда жаниб гьесие лъалеб асар гьабун буго гьел улкабазул мацIазги культурабазги.
Шамил имамасул лъималазул кагътазулъ гьединго загьирлъун буго гьел хъвараб заманги, гьеб заманалда ккарал лъугьа-бахъиналги, гьел лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъарал гIадамазул къисматги, гьезул гьоркьорлъабиги, цогидабги. Жакъа нилъеда лъаларев гIемерав магIарул чиясул цIарги, гьезул къисматаздаса хIужабиги дандчIвалел руго гьенир. Гьеб рахъалъ гьел кагътал ккола цIакъ къиматал тарихиял асараллъунги.
МагIарул эпистолярияб жанралъул гвангъараб мисаллъун рикIкIине бегьула Шамил имамасул лъималазул кагътал хъвараб куцги, гьезул гIуцIиги, хатIги. Масала, ГъазимухIамадица Россиялда вугев вац МухIамадшапигIихъе хъварал киналго кагътал байбихьулел руго гIага-шагарго гьадин: «Хирияв вацасде МухIамадшапигIихъе, ассаламу гIалайкум», – илан. Гьес жиндир щибаб кагъат лъугIизабулеб буго гьадинал рагIабаздалъун: «Дунги пакъирав, дунго цохIо хутIарав ГъазимухIамад», – илан. Гьеб чанго калимаялда жаниб загьирлъун бихьулеб буго гьев бахIарчияв инсанас гъурбаталда тIамизе ккараб апарагасул гIумруялъул хаслъиги гьеб хаслъиялъ бижизабураб рекIел хIалги: Аллагьас хъвараб къадаралдаса ворчIизе гьечIеб ресги, рикIкIад хутIараб гIазизаб ватIаналъухъ бугеб унтиги, рекIелъе киданиги босичIеб Россиялда тарав, къисматалъ тIокIалъ вихьизе хъвачIев гьитIинав вацасухъ бугеб хIасратаб чIалгIенги.
«Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб мажмугI ккола цIакъ къадруяб, хIажатаб басмалъун. Гьениб, аслияб материалалда цадахъ, кьун руго берцин къачIарал, къиматал сураталги цо-цо чагIазул хIакъалъулъ мухIканал баяналги. Гьеб тIехьалъ бечед гьабизе буго кIудияв имамасул хIакъалъулъ магIарул мацIалда бугеб адабият, цIалулезе рагьизе буго Шамил имамасулги гьесул лъималазулги гIумруялъул лъаларел тIанчал. Гьелдаго цадахъ гьеб тIехь ккола нилъер халкъалъул тарихалъул, гъазаваталъул рагъазул, Шамил имамасул хIакъалъулъ хъвалезеги умумузул ирс ва гьезул бахIарчияб къисмат хириялщиназеги пайдаяб ва багьа кIудияб асарлъун.
АхIмад МуртазагIалиев