Новость на родном

Цо гьунаралъухъ – орден, цогидалъухъ…?

     Цо рагъулъ бихьизабураб кIиго гьунаралъухъ цо гурони шапакъат кьоларилан, Бихьинчилъиялъул Орденги кьун тун вуго Шамил Таймасханов.     Амма 1999 соналда гьес хвасар гьавурав 11 рагъухъанас рикIкIунеб буго Таймасхановасе Россиялъул БахIарчиясул цIар кьезе кколин.   ЦИН – ТIАНДО, ХАДУБ – ХАРАМИ        Шамил Таймасхановасул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ Болъихъ...

Новость на родном

КвартIил кIутIи рагIула, рекIел кIутIи кинигин…

       17 июналда ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб республикаялъул музеялда рагьана Россиялъул халкъияв художник, машгьурав цIулал устар ХIамзат ГъазимухIамадовасул хIалтIабазул цебелъей.      ХIамзат ккола Унсоколо росулъа цIар рагIарал художниказулги цIулал устарзабазулги наслу-тухумалъул чи. Гьев вуго гIицIго ансадерие хасиятал накъищал рикIиялъул махщелчи. ГIолохъанго тIатана гьесулъ махщел, сон барабгIан камиллъа­на жиндиего хасиятаб устарлъия­лъул хатIги, художникасул мацIги. ХIамзатица,...

Новость на родном

ЛъикIлъиялъул кверал кирего щолев

      Шамил районалъул Гьандихъ росдал жамагIаталъул цIаралдасан редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Росдаеги рай- оналъеги пайдаял, республикаялдаго машгьурал гIезегIан гIадамал рахъараб росу ккола нижер. Гьезул кьерда хасаб бакI ккола, рагIулъги дугIадулъги нижеца адабалда рехсолев, ГIалиев ГIарипица. Росдае гьес гьарунщинал пайдаял ишал рехсон хIал кIоларо, сияхI цIакъго халатаб буго.     Дагьал церегIан къоязда ГIарипица...

Новость на родном

Багъатар: сипатал ва суратал  (студентасул хIакъалъулъ очерк)

  Бищун гвангъараб чирахъ  Гьорода хех бихьула. Гьав ниж, гьудулзабазулъ Бищунго цеве хвана.                             Расул ХIАМЗАТОВ          Абула, студентал ургъел гьечIеб, гIанчIаб, цокIалаб хасияталъул «къавм» бугилан. Амма щивав чиясул гIамалалъул, муруваталъул, букIинесеб махщел-пишаялъул — сундулго гIаламатал — «гIанчIлъиги цокIаллъиги хъвалхьун», цудунго загьирлъун ратула, аскIор ругез кIвар гьабичIониги.     Багъатар нилъедаса ватIалъаралдаса 40-ялдаса цIикIкIун сон...

Новость на родном

  ГIелмуялъе кьураб гIумру Академик ХIамзатил ХIажияв гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

           ХIажи ХIамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул ЦIада росулъ, халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугIизабуна ГIараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институт ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тIадегIанаб школалъул журналистикаялъул отделение.     1949-1952 соназда хIалтIана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда бугеб...

Новость на родном

Авиация-дир гIумрудул магIна

     Къасум Нажмудинов (мухIканго абуни ГIабдулкъасум ХIусенов) гьавуна 1933 соналъул 15 маялда Хунзахъ районалъул гьитIинабго Гъонохъ росулъ Нажмудинилги ЗулхIижатилги хъизамалда. ГIагараб росдал байбихьул школаги лъугIизабун, Къасум цIализе ана ГIараниб росдал школа-интернаталде.            Гьес ракIалде щвезабулаан: «12 сон барав чи вукIана дун. Гьеб заманалда Хунзахъ тIалъиялда тIасан роржунаан «ПО-2» тайпаялъул гIисинал самолетал ва рещтIунаан...

Новость на родном

РАКЬУЛЪ ТIУПАНЩИНАЛ ТIАГIАРАЛ ГУРО

        ГIабдурахIман Данияловасул гIагарай гIадан йикIин жинца гIадамазда лъазецин толароанин бицана МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Ругъжаса Чупан Мажидовасул яс ПатIиматица. Живго Чупанги Гъуниб районалъул нухмалъулесдаса байбихьун рохьил магIишаталъул министрасде щвезегIан батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIарав чи вуго. ПатIиматил эбел Зада кколаан ГIабдурахIман Данияловасул яцгIал. Даниялов хун анцIго моцIидасан гьавурав васасда ГIабдурахIман абун цIарги лъун буго ПатIиматица....

Новость на родном

«Жаназабазда тIасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гуро дун»

        ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тIубаялда бан Дагъистаналъул ГIелмияб централда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул бетIерги, Данияловасул гIагарлъиги, жамгIиял хIаракатчагIиги. ГIелмияб централъул хIалтIухъабаз тIадчIей гьабуна рагъул соназда Данияловасул хIаракатаб хIалтIуда.      Асар гьабуледухъ, цоцо мисалалги рачун, гьев ракIалде щвезавуна ДАССРалъул культураялъул министрлъун вукIарав ГIабдулатIип ХIажиевас. Масала, нилъер мадугьалзабазда...

Новость на родном

Рулалда нахъа чIужугIадан

          Гьаб заманалда шагьаразда жамгIияб транспорталъул шоферлъун хIалтIизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захIмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьарал­да жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола БежтIа росулъа ГIумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.       БАЯН     ТIоцебе троллейбус (токалдалъун хIалтIулеб транспорт)...

Новость на родном

    Умумузул ирс — наслабазе дарс

                   РекIелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тIокIлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. ГIолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тIатиндал, цIакъго ракI бохула. Шамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гIадаб бакI. Кьурди-кечIалъе гуребги, цIар рагIарал къадахъабиги цIулал устарза- биги гIемер рахъана гьениса. Халкъалъе загьираб гьунаралъул...