Шамил районалъул ГIуриб росулъа Багьавудин ХIамзатов дида лъалелдаса кIикъогоялдаса цIикIун сон буго. Гьев лъала махщел цIикIкIарав щекъер-мукъулалъул (ЛОР) врач хIисабалда гуревги, магIна-гIин, тадбир бугев, ракIбацIцIадав, ритIухълъи бокьулев инсан ва жамгIияв хIаракатчи гIадинги. Бащдаб гIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ хIалтIана гьев тохтурлъун гIагараб районалъул больницаялда. Махщел камилав, квер битIарав тохтурас гьелщинал соназда гьарурал операциял рикIкIун хIал кIвеларо. Квер тIадагьав...

