РФялъул президент Владимир Путинил Указалда рекъон, Гьудуллъиялъул орден кьуна ДРялъул муфти, шайих АхIмад-хIажи-афандие. Дагъистаналъул гIалимзабазул Советалъул председатель гьеб шапакъаталъе мустахIикълъана рухIиялгун культуриял гIадатал цIунаралъухъ ва церетIезаруралъухъ, гьединго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи щула гьабиялъул мурадалда гьабулеб бугеб хIалтIухъ.Гьал къоязда Дагъистаналъул бетIер Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда, муфтиясул каранда гьеб орденги бан, регионалъул нухмалъулес абуна:«Нилъер республикаялда гIумру гьабулеб буго...
