Руччабазул байрам

Кин йигей, магIарулай?

 

Нужер ракIазулъа бакъ лъугIугеги

Хъистаман-адал гъасда
батараб хинлъи

Хъистаман Султанбегова. МагIарул шагIир ва хъвадарухъан. ЖамгIияй хIаракатчIужу. Лъималазул рокьуца сверун ккурай талихIай эбел. Жиндир гъасда гIемерал руччабазда хинлъи батарай Хъистаман-ада. Диеги гьединайлъун хутIизе йиго гьей хIикматай магIарулай. ГIемер щола дун гьелъу­хъе ясал-шагIирзабигун цадахъ. Гьелъ ургъун ратулелщинал проекталги, ниж тIаде щвелалде. Гара-чIварула, къватIире ра­чIарал цIиял тIахьазул бицун. ТIо­ритIула адабияталъул сагIтал, кучIдул пасихIго рикIкIиналъул ва ахIиялъул къецал, хIатта, магIарул хъвадарухъабазул асараздаса гIуцIу­ла ва рихьизарула спектаклял. Хъистаман-адаца ракIалдещвезарула ма­гIарулазул гIадатал, гIамалал. Хъис­таманил гъасда бакун букIуна кидаго сунареб цIаги. Гьеб цIадухъ цогIаги нухалда хинлъи щваразе кIиабизеги бокьула гьенире ра­чIи­не. Абула, алжан эбелалъул хIа­тIикь букIунила. Гьебин абуни, батана Хъистаманил ясал Ханикада, ХIабизат, Аниятида. Кинха гьезда рухIдаллъиларей — эбелалъеги гьелъул гьалбадериеги хъулухъалъе эхетарал хIурулгIинзабаз гьеб гъасда цIунун бугебщинаб рокьиги цIаги! Эбелалъухъе рачIаразул гьез гьабун толеб хIурмат!
Баркула Хъистаман-ададаги гьелъул ясаздаги Микьабилеб марталъул байрам. Гьебгун цадахъ гьезул щиялъухъе рещтIаги талихIалъул бакъ. Гьелъул чIораз гвангъизабураб къисматги кенчIаги магIарулалъул тIадегIанаб намусалъул борхалъиялда даимаб цIвалъун.

Салам, Савдат-эбел

Савдатил цIар бахъидал, дида чIвала магIаруллъиялъулго махI. Цее ячIуна, рарал соназухъ хал­гьа­бичIого, жегиги жан-жи­га­рал­да йигей, азбаралда цебе бугеб пастIаний хIалтIулей лебалай ма­гIарулай. Савдат-эбел. Гьедин хIе­ренго, недегьго абула гьелда гьей лъалез. ГIабасилав лъалезда лъалаан гьейги. ШагIирасухъе ра­чIанщиназ цин гьей цIехолаан. Ша­гIирасул гIумруялъул канлъун даим гьесул хьолбохъа камуларей йикIарай Савдат гьанже дагьа-макъабго чиякълъиялъ къакъалей йиго. Гьеб бахчизеги хIаракат бахъула гьелъ. Амма телефоналдасан кIалъалелъул, жиндиего хириял ясазул гьаракь рагIидал, магIу кквезе кIоларо гьелда. Вай, бабал тIанчIи, нужехъ урхъун йигеб куцха дунинги абун, гIодун йиччан тола. Дунгиха, Савдат-эбел, духъ урхъун йигей. Дур тепсиялъухъгиха. Дуца бицунеб гьуинаб харбихъгиха.
Баркула дуда, нижер Савдат-эбел, тIаде щвараб ихдалил махIазул цIураб хIайранаб байрам. Сахаватлъиялъул цIураб дур минаялъуса талихIалъул махI тIагIунгеги!

Баркула, ПатIимат,
Микьабилеб март

Газеталда хIалтIулаго, гIемерал гIадамазулгун лъай-хъвай ккола. Гьезул щивас рекIее кинаб букIаниги асарги гьабула. Лъана дида Шамил районалъул Гьолокьа Хизроева ПатIиматги. Гьей йиго кидаго гIадамазухъ урхъун йикIуней гIадан. Гьелъулъ буго лъималазеги гьезул лъималазеги бикьизе букIараб, амма кьезе шартIал щвечIеб кутакалда гьелегьараб рокьул цIа. Гьеб цIадул хинлъиялъухъе жакъаги ракIарула ПатIиматил гIагарлъиги гьудул-гьалмагълъиги. Лъималлъун гьелъие хутIана яцалъул лъималги гьезул лъималги.
МахIачхъалаялда медучилище лъугIарай гIолилай районалде тIадюссана. ГIемерал соназ хIалтIана районалъул батIи-батIиял росабалъ. ХIалтIана районцоязул баркалаялъе мустахIикъаб хIалалда.
АнцIгогIан соналъ Гьолокь росдал советалъул председательлъунги хIалтIана ПатIимат. Ригьналъ батичIеб талихI хIалтIулъ батана ПатIиматида.
ПатIа-ада. Гьедин хIеренго абула гьелда гIагарлъиялъ. Диегиха гьей кколей ПатIа-адалъун. Къисматалъул релълъарал тIанчал гIе­мерал рукIиндалищали, дир ракIги цIала гьелъухъе. Гьелъ дида ра­кIалдещвезабула магIаруллъи: белъунеб-бежулеб бакъвараб бакьалъул махIги, аскIобго гьалдолеб хьагиниб мугьги, дун ячIиналъухъ гIашикъго ялагьун чIун йикIуней ПатIа-адаги…
Баркула, ПатIимат, Микьабилеб март. Дир гIумруялъул тIохьода гIажаибго берцинаб къиса хъварай сахаватай ПатIимат, жегиги гIемерал соназ рагIаги дуда март моцIалъ рачунел хIайранал бакънал.

Дур кечIги кIалъана
дир къисматалда

Жакъа халкъияй шагIиралда баркизе рагIаби гIолел гьечIо. ХIур­матияй Залму. Лъала гьаб байрамалъ дуе абизегIанасеб асар гьабулареблъиги, бугониги, баркизе бокьун буго машгьурай шагIиралда тIабигIат цIилъулеб ихдалил байрам. Дур пикрабазул цIурмил гьаркьица цIидасанги тIуркIизаюлей йиго:
— Пикрабаца цIумур бухулеб буго,
ЧIаголъи лъугIараб лъикIлъи борчIизе,
Ургъалица гIакIа ахIулеб буго,
Ургъел гьечIелщинал ригьинаризе…
Кинаб заман босаниги, шагIирасул ахIухъ гIинтIамулареб заман букIун батиларо. Жакъа, къоло цоабилеб гIасруялда, дур гьаракьалъ, дур шигIрабаз ккола хасаб бакI. Дир къисматалдаги кIалъана мун. Гьай дица дунгойилан толаха:
— Гьаб рагIал батулареб рокьуе къулулаго,
Къокъана гьалъул гIумру, гIазу бана ботIроде.
Амма херлъичIо рокьи, хисичIо гьеб каранда.
ХутIана гьеб лъукъараб хъахIаб хIанчIил бакъанлъун.
Биччанте, хIурматияй Залму, гьаб гьайбатаб байрамгун духъе рещтIине дур гIумруялъе дагьалги берцинал кьерал кьолеб талихI.

Берцинаб гьурмадаса
гьими лъугIугеги

Хирияй ПатIимат. Дир ракI­цояй, ракьцояй. КIикъогогIан соналъ жа­ний хIалтIараб «ХIакъикъат» газеталъулгун дуца къо-мехлъикI гьабулеб лахIзат цебеса унеб гьечIо. Мунгун цадахъ хIалтIарал сонал дие рукIана аваданаллъун, рохел-талихI гьарзаяллъун. Бокьулаан гIенеккизе пашманаб, къварилъиялъул цIураб гьаракьалъ дуца эбелалде гьабураб кочIохъ. Гьеб пашманлъи диеги гIахьалаб букIиндалха. Цинги цолъулаан нилъер магIил гарал, ва гьез цадахъ рачунаан урхъукье гурони жиндихъе нилъ щолареб хунздерил тIалъуде. Лъала гьаниб дур бакI дие чIобоголъараблъиги. Амма гьеб чIаголъизе буго, мунгун цадахъ хIалтIарал соназул талихIал лахIзатал ракIалдещведал.
Баркула, гIагарай, нилъерго байрам. ЛъугIугеги дур берцинаб гьурмадаса гьайбатаб гьими. Лъималазул бадисан гьимаги дуе талихIалъул бакъ. Урхъун йигеб куцха дур шигIрабазухъ…
Шамай Хъазанбиева