Гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда къецал унел руго руччабазда гьоркьор.50 кг цIайиялда цее яхъуней Дагъистаналдаса спортсменка Милана Дадашева Рималда унеб гьеб чемпионаталъул бащдаб финалалда дандчIвана Украинаялдаса речIчIухъан Оксана Ливачгун. ХIалуцараб къеркьеялда 8:9 хIисабгун нилъерай Оксанакьа къуна. Амма гьелъул рес буго мазгарул медалалъе гIоло гугаризе. Гьединго Рималда унеб Европаялъул чемпионаталъул финалалде рорчIана Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ...

