Къецал

Гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда къецал унел руго руччабазда гьоркьор.50 кг цIайиялда цее яхъуней Дагъистаналдаса спортсменка Милана Дадашева Рималда унеб гьеб чемпионаталъул бащдаб финалалда дандчIвана Украинаялдаса речIчIухъан Оксана Ливачгун. 
ХIалуцараб къеркьеялда 8:9 хIисабгун нилъерай Оксанакьа къуна. Амма гьелъул рес буго мазгарул медалалъе гIоло гугаризе.
Гьединго Рималда унеб Европаялъул чемпионаталъул финалалде рорчIана Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цере рахъунел Ольга Хорошавцева (55 кг), Ханум Валиева (68 кг) ва Екатерина Букина (76 кг).
Дагъистаналъул гугариялъул школалъул цоги вакил Инна Тражукова чемпионаталда жегиги гугаричIо. Бихьиназда ва руччабазда гьоркьор Европаялъул чемпионаталда рукIарал къецазул хIакъалъулъ рагIа-ракьанде щун кьезе буго казияталъул хадусеб номералда.