Запись

Спортсменал руччаби

Намус билизе течIел   Спорталъ кьола къуват, гьелъул кумекалдалъун кIола захIмалъаби къезаризе Гьале тIаде щвана халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо – 8 март. ХIурматиял руччаби, хириял улбул, яцал, лъудби ва ясал, баркула нужеда гьаб ихдалил берцинаб ва гьайбатаб нужер гьимиялъ гвангъизабураб, байрам. Халкъалъул гIумру тIей гьечIого бухьараб буго лъикIал ишазулъ, жамгIияб гIумруялъулъ нужер чIагояб гIахьаллъиялда. Нужеца...

Запись

Спорт политика гуро, гьеб буго ракълилаб чапар

Россиялъул тIасабищараб команда тIадбуссана Югалъул Кореялдаса   ЛъугIана Югалъул Кореялъул Пхенчхан шагьаралда тIоритIарал XXIII хасалил Олимпиялъул хIаял. Киналха гьел рукIарал Россиялъул тIасабищараб командаялъе? Хасалил спортивиял тайпабазул рахъалъ бищунго къуватал спорт­сменазул 20 процент гурого гьениб гIахьаллъичIолъи хIисабалде босани, хIасилал цIакъ лъикIал ккана. КIиго меседил, анлъго гIарцул ва ичIго мазгарул медалалгун тIадруссана Россиялъул спортсменал Олимпиадаялдаса. Абизе ккола,...

Запись

Эркенаб гугари

ХIалбихьиял рукIина   Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ Европаялъул чемпионаталда церерахъине ругел спортсменазул сияхI тасдикъ гьабун гьечIо КIиго анкьалъ цебе Красноярскалда Иван Ярыгинги ракIалдещвезавун тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турниралда Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъ ккуна тIоцебесеб бакI. Анкьго меседил ва ункъо гIарцул медалал щвана нилъер гугарухъабазе. Амма рехсараб турниралда бергьанщинав спортсмен Каспийскалда букIине бугеб эркенаб гугариялъул...

Запись

Байрахъ — Олимпиадаялъул, спортсменал — Россиялъул

Россиялдаса Югалъулаб Кореялде ине вуго 168 спортсмен   18 соналъул хасалил Олимпиада. Гьениб гIахьаллъизе буго 92 пачалихъалъул команда, гьездаго гъорлъ Россиялъулги. Амма нилъер команда цебе бахъине буго Олимпиялъул байрахъалда гъоркь. Гьелъи­е гIиллалъун халкъазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъ (МОК) бихьизабуна Россиялъул тIасабищараб командаялъул гIемерисел спорт­сменаз Сочиялъул Олимпиа­даялда допинг хIалтIизаби. Гьеб гьедин букIанин дунялалъулго допингалда дандечIараб комитеталъул комиссиялда...

Запись

ГьитIинаб росулъа кIудияб дунялалде

РакIалда буго UFCялъулъулгун къотIи гьабизе   Дагьал церегIан къоязда тIадагьаб цIайиялда цеве вахъунев Дагъистаналдаса речIчIухъан Юсуп СагIадулаев цеве вахъана Азиялъул One Championship компаниялъ тIобитIараб иргадулаб турниралда. 32 сон барав дагъистаниясда данде къеркьана 41 сон барав Япониялдаса речIчIухъан Масакадзу Иманари. Къеркьей халатбахъана регламенталда бихьизабураб лъабабго раундалда ва лъабалдаго Юсупица дандиясда тIад тIокIлъиги бихьизабуна. Гьеб букIана СагIадулаевасул...

Запись

7 меседил ва 4 гIарцул медаль

Иван Ярыгин ракIалдещвеялъе эркенаб гугариялъул рахъалъ XXIX халкъазда гьоркьосеб турнир   26-28 январалда Красноярскалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Гран-при «Иван Ярыгин» абураб халкъазда гьоркьосеб турнир. Дагъистаналъул командаялъе гьениб щвана тIоцебесеб бакI ва батIи-батIиял даражабазул 11 медаль. Турнир тIобитIулеб ахирисеб къоялъ ункъабго финалалда тIоцересел бакIал кквезе ресал ругел гугарухъаби рукIана бищунго къуватал. Гьединаб мехалда гугариялъухъ балагьаразе...

Запись

Дагъистан хIадурго буго чемпионаталде

Республикаялде вачIине вуго 1000-ялдасаги цIикIкIун спортсмен ва тренер   2017 соналъул 24 августалда Парижалда букIараб гугариялъул халкъазда гьоркьосеб федерациялъул (UWW) данделъиялда лъазабуна иргадулаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат Дагъистаналъул Каспийскалда, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялда тIобитIизе бугин. Гьелде щвезегIан нилъер республикаялда гьединал чIахIиял турнирал тIоритIун рукIинчIо. Гьайгьай, Россиялдагицин кIиго нухалъ гурони тIобитIичIо гугариялъул рахъалъ Европаялъул...

Запись

Турниралъул хIасилал гьаруна

Къецазда гIахьаллъана 960 команда   «ТIомол торгIо — 2017» абураб, фут­болалъул рахъалъ шагьара­лъулаб къоло цоабилеб турниралда бергьарал командабазе ва при­зеразе шапакъатал кьеялъул тад­бир тIобитIана ичIабилеб но­яб­ралда МахIачхъалаялда. Лев Яшин ракIалдещвеялъе, «Динамо» спортивияб жамагIаталъ 95 сон ва МахIачхъалаялъ 160 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIана исана гьел къецал.Дагъистаналъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул республикая­лъул лъималазулгун гIолилазул спор­тивияб школалъул базаялда...

Запись

Васильев возглавил оргкомитет по подготовке к проведению чемпионата Европы 2018 года по борьбе в Каспийске

Врио Главы Дагестана Владимир Васильев возглавил оргкомитет по подготовке к проведению чемпионата Европы по борьбе 2018 года в Каспийске. Об этом ТАСС сообщил зампредседателя наблюдательного совета Федерации спортивной борьбы России (ФСБР), вице-президент Европейского отделения Объединенного мира борьбы (UWW-Europe) Георгий Брюсов. Он сообщил, что его заместителями будут врио председателя Правительства Дагестана Абдусамад Гамидов, президент ФСБР, вице-президент...

Запись

Чемпионасе – 300 азарго гъуруш

Араб гьатIанкъоялъ МахIачхъа­лаялда «Труд» стадионалъул Волейболалъул централда тIобитIана, Пекиналда рукIарал Олимпиялъул хIаязул гIарцулав призер Мурад ХIайдаровасул призазе гIоло, эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб анкьабилеб турнир.   Цебехун анлъго нухалъ гьел къецал тIоритIана машгьурав гугарухъанасул ракьцояз – Гумбет районалдаса гIадамаз гIумру гьабулеб ЦIияблак районалда. Хадуб, гьелда гIахьаллъулезул ва гугариялъухъ балагьизе бокьарал гIадамазул къадар цIикIкIиндал, суал бачIана...