МахIачхъалаялъулаздаса «Краснодар» бергьана 5:0 хIисабгун Футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 21-абилеб туралда МахIачхъалаялъул «Анжи» хIана «Краснодар» командагун. Чемпионаталъул тIоцебесеб горсвериялда нилъер команда краснодаралъулаз къезабун букIана 4:0 хIисабгун. Голал кьабун рукIана Игнатьевас, Классоница, Вандерсоница ва Мамаевас. Гьезул лъабгояв, туснахъалда вугев Мамаев хутIизегIан, гьаб нухалъги рукIана Краснодаралъул аслияб къокъаялда гъорлъ. Классоницагун Вандерсоница голалцин кьабуна нилъеразе тIоцебесеб таймалдаго....
