РохокъотIиялъе ккараб гIузру сабаблъун эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Шамил КIудиямухIамадов ургуялде вахъинчIо 2018 соналдаса нахъе. Унтараб бакI сах гьабизе гьев щвана Германиялде, Италиялде ва цогидалги улкабазде. Жиндир заманалда 86 кг цIайиялда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул цевехъанлъун вукIарав Шамил хIалтIулев вуго чорхол ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялда тIад. Гьесулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьаб эпидемиялъул заманалда сунде...

