«Анжигун» бажаричIо, цIиялъул хIалбихьила

Ахираб заманалда профессионалияб лигаялда МахIачхъалаялъул лъабго команда хIалеб букIаниги, гьезул цонигиялъ рихьизарулел гьечIо лъикIал хIасилал. Гьел командабиги руго турниралъул таблицаялъул рачIалда.

АхIвал-хIал гьединаб букIиналъе гIиллалъунги ккола клубазул я спонсорал, я гIураб къадаралда финансаздалъун гьел хьезарун бажарулел нухмалъулел гьечIолъи. Амма Россиялъул батIи-батIиял информациялъул алатаз лъазабухъе, кватIичIого Дагъистаналда цIидасан гIуцIизе буго къуватаб клуб. Гьелъул хважаинлъунги вукIине вуго Сулейман Керимовасул вас СагIид. Клуб гIуцIизе бегьула МахIачхъалаялда «Анжи-Аренаялда». Гьенир ругелъулха футболистазе хIажатал шартIал чIезарун. Ялъуни, абулеб буго, СагIид Керимовас цIияб команда Дербенталда гIуцIизе бегьулинги. Дагьаб цебе рехсараб шагьаралъул мэр Хизри Абакаровас бакIалъулаб стадион шагьаралъул кверщаликье тIадбуссинабиялъги бицуна гьениб футбол цебетIезабизе ракIалда букIиналъул.
Камулел гьечIо Керимоваз «Анжиялъе» нухмалъи гьабизе бегьулин абулелги. Рехсараб командаялъул футболисталгун гьал къоязда дандчIван вукIана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул футболалъул тIаса бищараб командаялъул экс-тренер Валерий Газзаевги.
— «Анжи» буго бечедаб тарихалъул, жиндирго хасал гIадатал ругеб команда. Гьединал клубал Россиялда къанагIат гурони гьечIо. Нужеца цIунизе ккола гьеб. Хьул буго команда цо заманалда Россиялъул премьер-лигаялде борчIилин ва футболалда хадуб халкколезеги гьелъул берцинаб хIаялъухъ балагьизе рес щвелин, — ан абуна Валерий Газзаевас.