РохокъотIиялъе ккараб гIузру сабаблъун эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион Шамил КIудиямухIамадов ургуялде вахъинчIо 2018 соналдаса нахъе. Унтараб бакI сах гьабизе гьев щвана Германиялде, Италиялде ва цогидалги улкабазде.
Жиндир заманалда 86 кг цIайиялда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул цевехъанлъун вукIарав Шамил хIалтIулев вуго чорхол ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабиялда тIад. Гьесулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьаб эпидемиялъул заманалда сунде машгъуллъун вугевалиги.
— 2018 соналда Каспийскиялда букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда дун гугарана хIалихъе, унти къотIизе уколалги гьарун. Гьелдаса нахъе ургуялде вахъун бажаричIо. Гьединаб ахIвал-хIалалда Италиялъул гугариялъул федерациялдаса кIалъан рачIана жидер тIаса бищараб командаялъул мухъилъ гугаризе бокьиларищилан. Унтарав дие цIакъ рекIее гIуна гьеб хабар. Заман иналдего щвана Италиялде ва къотIи-къай гьабуна хадувккун рехсараб пачалихъалъул байрахъалда гъоркь цеве вахъине.
— ГьабсагIаталда щиб хIалалда мун вугев?
— Цо тIуван сахлъанин абизе бегьиларо. Амма бихьулеб буго къойидаса-къойиде мадар лъугьунеб букIин. Унтараб бакIалде хIалги ккезабичIого гугарула, гьарула хасал упражнениял.
— Коронавирусалъул пандемиялда бан исана тIоритIизе кколел рукIарал киналго спортивиял тадбирал рахъана хадусеб соналде, хIатта Олимпиялъул хIаялгицин. Гьезде хIадурлъизе кIвезе бугищ?
— Спортсменасе лъагIел кIудияб болжал ккола. Гьединлъидал, хьул буго черх рукIалиде бачIинабун бажарилин ва Олимпиялъул хIаязде ворчIилин абун.
— Италиялъул тIаса бищараб командаялъул тренеразулгун, федерациялъулгун бухьен бугищ?
-Телефоналдасан гьоркьоса къотIи гьечIеб бухьен букIуна нижер. Тренераз гьикъула ругьун гьавулев вугищилан, цIехола унтараб бакIалъул. Гьезулги мурад бугелъулха дие хехго мадар лъугьин, ургуялде вахъин.
— Италиялъул тIаса бищараб командаялда гъорлъ цеве вахъунев спортсмен, чанго нухалда дунялалъулгун Европаялъул чемпион, Франк Чамизолгун кинаб гьоркьоблъи бугеб?
— ЛъикIав спортсменго гIадин, гьев вуго кьучIав гьудулги. Дагъистаналде Чамизо вачIуна нилъер спортсменалгун цадахъ ругьун гьавизе, гьанив лъадаризе. Гьесие кумек гьабула эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъул тIаса бищараб командаялъул тренер ХIайдар ХIайдаровас.
— Чамизо вуго лъикIав гугарухъан, амма цо-цо мехалъ социалиял гьиназда лъурал роликазда гьес рихьизарулел жал рекIее гIоларо. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?
— БитIараб буго, нилъер яхI- намусалъ къабул гьабуларелги жал гьарула гьес. Амма кIочене бегьуларо гьев дагъистанияв гуреблъи. Америкаялда, Европаялда гIадамазул хьвада-чIвади гьединаб бугелъулха.
Дагъистаналде вачIараб заманалда гьаниб Франкица гIадлу хвезабуларо, малъараб куцалда хьвадула. ВукIа-вахъине кколеб къагIидаялъул гIемер бицуна нижеца гьесие.
— Гьал къоязда мун дараби, тохтурзабазе хасаб ретIел ва цогидаб хIажатаб босун щвана Гъуниб районалъул централияб больницаялде. Гьениб щиб ахIвал-хIал батараб?
— Гъуниб райбольницаялдаги, киса-кибего гIадин, унтарал, регарал гIезегIан руго. БетIерав тохтурас бицаралда рекъон, больницаялда ахIвал-хIал квешаб гьечIо, киназего кколеб къагIидаялда хъулухъ гьабун бажарулеб буго. Дунин абуни гьениве щвана инсуца витIун. Гьаб захIматаб заманалда унтаразе, ресукъазе, захIматаб ахIвал-хIалалда ругезе кумек гьабизе хIаракат бахъизе ккола щивас, Аллагьасе гIоло ниятги гьабун. Хадубккунги рукIине руго гьединалго акциял, тадбирал.