Дагъистаналде вачIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу МахIачхъалаялъул аэропорталда министрасда дандчIвай гьабуна ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасги ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновасги. Гьел щвана Югалъул рагъулаб округалда, ай МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги Каспиялъул флотилиялъе ралел ругел объектазде. ГьабсагIаталда ралел руго гуми рещтIунел бакIал, флотилиялъул аскариязе хIажатаб инфраструктура: казармаби, маданияталъулгун рекIелгъеялъул центр, офицеразе мина. ХIалтIизе байбихьун...
