Ахираб заманалда цIикIкIунел руго хъизам биххиялъул хIужаби Дагьалъ цеве редакциялде вачIун вукIана МухIамад МухIамадов. Гьев гьавуна ва гIуна ЦIоралда. Жиндир гIумруялъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес: «Дир эбел-эмен ратIалъана дун гьитIинго вукIаго. Дун гIезавуна кIудияй эбелалъ. Гьелъ кидаго абулаан, дуда нахъаса вахъине чи гьечIин, квешаб пишаялде машгъуллъугейин. Школалда цIалулагоги школа лъугIун хадубги дица хIаракат бахъулаан...

