Сверухъе ралагьизе к1очон буго нилъеда

ГIумруялда кIудияб къимат бугеб жоялъул хIакъалъулъ бицунеб мехалъ, пикрабалъе рачIуна батIи-батIиял суратал гIадамас къиматаблъун рикIкIунеб жоялъул.Цоязул гьеб буго цIияб рукъ, машина, квартира, кIудияб харж, дуниял бихьизе свери ва гьединго цогидалги. Амма  цIакъго дагьал гIадамаз гурони гIумруялда бугеб къиматаб, кIвар бугеб жолъун рикIкIунаро материалиял рахъалъ бечелъи гуреб, инсанасул рухIияб рахъ, жанисеб тIабигIат.   
Нилъеда тIад бачIараб коронавирусалъгун, пандемиялъ тIамуна гIадамал гIумруялъул къиматалъухъ батIияб куцалъ балагьизе ва гьединго ургъизе.ТIолго гIадамазул гIумру бикьана. Самоизоляциялда рукIаго гIадамас пикру гьабизе байбихьана цебего кIочон тун рукIарал жалазул, ва гьединго бичIчIана цере рихьулел рукIинчIел ва жинца кIвар буссинабулеб букIинчIел, кигIанги гIемерал гIадатиял жал ругел. Гьезда гьоркьоб буго гIагарлъигун, хъизангун цоцалъ рекъон рукIин, 
Гьединго гIадатияб, амма цIакъ къиматаб жо буго гьими. Гьелъ кIудияб асар гьабула нилъер гIумруялъе. гьимулев, хIалхъублъи гьечIев гIадангун кIалъазе батIияб гъираги рохелги букIуна. Амма пашманлъизе бачIуна, дунялалъул магIишаталда хадур рекерелулел рукIун, гIадамаз пикру гьабуларо гьадинаб кIвар бугеб жоялъул. КъватIазда, тукабазда, жамгIиял бакIазда, гIемерисел гIадамал рукIуна бецIаб, пашманаб яги цин бахъараб гьумергун. Амма гIадан жинда аскIов вугесе гьимараб мехалъ сверухъ бугеб щинаб жо тIегьазе байбихьула.  
Гьединго гIумруялъул къиматаб жо буго цо-цоязе кумек гьаби.
 пандемиялъул заманалъ гIемераз цо-цоязе, мискиназе, тохтурзабазе кумек гьабулеб букIана. Гьеб цоцалъ гъункиялъ, щулалъиялъ кумек гьабуна унтиялда дандчIвай гьабизе.  
Гьанже нилъеда лъана нилъер гIумруялъул хиралъи. Нилъ бищунго гьитIинаб гIадатияб жоялдаса рохулел руго. Гьединал рохелазул цояб буго нилъерго гьудулзабигун яги гIагаралгун тира-сверизе ин, гьелгун дандчIвай. Цебе гьединаб жо нилъее гьанже гIадин къиматаблъун букIинчIо. Щиб лъугьаниги, кигIан кIудиял захIмалъаби дандчIваниги нилъеда лъазе ккола гьединаб гIадатияб жоялъулги хIикмат букIин нилъее. Гьанже нилъеда гьеб бичIчIинчIониги, заман араб мехалъ нилъеда лъала гьелъул къимат. Аслияб жо буго жиб-жиб цIияб къоялдаса нилъ роху рукIин, захIмалъаби дандчIваниги хьул къотIичIого рукIине ва гьединго нилъее Аллагьас кьурал щинал нигIматазде даимаб щукру гьаби.
 
Мальвина МухIамадова, ДГУялъул, журналистазул отделениялъул, 3 курсалъул студентка