Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларо

Лъай буго цIакъ кIвар бугеб бутIа нилъер гIумруялда.Дунял бижаралдаса нахъе лъай бугел гIадамазе гIемер адабги хIурматги гьабулеб букIана, гьел рукIана къадруги бугел кIудияб ссиги бугел чагIи.  
Лъай буго гIадамасул даража тIадегIан гьабулеб жо. ГIемераб бицине  бегьула лъалев чиясул лъаларесдаса цIикIкIарал ихтиярал ругеллъи. Аварагас абулеб букIана: «Нужеца гIелму-лъай тIалаб гьабейин, киниялдаса хобалде щвезегIан», — абун. Кутакалда пашманлъула жиб-жиб къоялъ гIелму лъай тIалаб гьаби жиндирго налъилъун рикIкIунарел  гIолилал рихьулеб мехалъ, гьез абула гьанже заманалъ гьеб къварагIунеб жо гурин. Дица абулеб гьечIо жамгIиял яги тIабигIиял гIелмаби лъазе тIадаб бугин, дица абулеб буго чара гьечIого къваригIунеб гIелмуялъул хIакъалъулъ жив-жив чиясда лъазе кколеб. Лъайги гьечIого гьеб тIалаб гьабизе ниятги гьечIого гIадан парахлъараб мехалъ гьеб буго балагьалъул бащалъи. Амма лъай гьечIев чияс жиндир лъай гьечIолъиги рикIкIинчIого дагIбадизеги тIад кIалъазеги лъугьараб мехалъ – гьеб буго кIудияб балагь.
Гьединав чияс фитна гьабула гIадамазда гьоркьоб. Гьеб букIуна дунялалъул масъалалдаги динияб масъалалдаги бан.  
ГIелму тIалаб гьабулаго диниялдаги дунявияб гIелмуялдаги батIалъи гьабизе бегьуларо. Дай гурелъул гьеб кIиябго хIажатаб буго инсанасе. Бокьарав динияв чиясда лъазе тIадаб буго диниял масъалаби ва гьединго цогидалги, дунялалда рарал гIелмабазул аслу. Тарих букIа, грамматика букIа, яги битIараб гъалатI гьечIеб калам.  Гьединго бицине бегьула бокьарав гIадатияв чиясул хIакъалъулъ, гьесда тIадаб буго жиндирго диналда хурхараб лъай тIалаб гьабизе.  
Чанго нухалъ дун нугIлъун йикIана бищунго гIадатал, бигьаял суалазда жаваб кьезе кIолареб мехалъ. Мисалале босани, нилъеда лъазе тIадаб нилъерго ВатIаналъул хIакъалъулъ суал яги нилъерго диналда чан аслу бугеблъи лъалареб мехалъ. Чанго нухалъ ножодаги бихьун батила телевизоралдаса, социалияб цIех-рех гьабулеб мехалъ гIолилазда гьоркьоб къанагIат гурони рукIинчIо суалазе битIараб жаваб кьолел чагIи. Мисалалъе гьезда лъалеб букIинчIо чан материк бугеблъи ва кинаб материкалда тIад нилъер хIукумат бугебалиги. Гьелъ релъизе тIамулел руго, цо рахъалдаса. Амма цогияб рахъалдаса цIакъ пашманаб жо буго. РахIатхун пикру гьабулаан, щибдай букIина бачIунеб заманалда гьадинаб хIал гьоркьоса къотIичIони.  
Сундуе гIоло дица гьаб хъвалеб буго? Дие бокьун буго  щивав чиясда бичIчIизе лъай тIалаб гьабиялъул хиралъиги, кIварги. КигIан кIвар бугеб жо лъай бугеблъи лъазе. Амма дица абулеб гьечIо лъай бугев чи гьев тIадегIанаб цIалул заведениеги лъугIарав диплом бугев чи вугин абун. Гуро. Лъай бугев чи гьев вуго тIоцеве адаб-хасияталъул къагIидаби лъалев, жиндирго гIелмуялъул, тIахьал цIалиялдалъун, культураялдалъун ва чIванкъотIараб масъалаялъул кумекалдалъун, хIаракатги бахъун мурадалде шварав чи. Лъай бугев чияс сундулъго балагьичIого сверухъ бугеб дуниял лъазе жигар бахъула. Гьесда лъикI лъазе кколаро, масала, чан элемент бугеблъи  Менделеевасул таблицаялда, амма гьесул букIине ккола химиялъул хIакъалъулъ гIаммаб лъай. Гьединав чиясе бигьаго букIуна бокьараб сверухълъиялда.  
Гьединго лъай бугев чиясда батIи-батIиял сектабаз асар гьабуларо, щай гурелъул гьесда лъала битIараб лъай тIад бухьулеб пикруялдаса батIа гьабизе. Гьес цIеха-рехон балагьула,анализ-пикру гьабула бихьарабги рагIарабги жоялъул. Нилъер гIумруялда цIакъ кIудияб кIвар бугеб жо буго лъай. Ва гьединго кинан нилъеца нилъерго гIумру тIамилеб нилъеда бараб буго. Гьединлъидал лъай тIалаб гьабиялъе кIвар кьезе ккола. Нилъеда кIочене бегьуларо нилъер гIумру нилъеда бан бугеблъи!
 
МухIамадова Мальваина. ДГУялъул журналистазул отеделениялъул 3 курсалъул студент