Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03… ва буго Дагъистан, 05
Къого соналъ цебегIанго дадал гIарцуца къватIисеб хIукуматалда гIумру гьабизе ворчIарав «цIияв дагъистанияс» хъван букIана «Щай дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ватIаналде «лагIараб» макъала. Гьелда ничгьечIица жужахIалъул къавмалъулгIанги рехсечIеб гIунгутIи тун букIинчIо МугIрул Улкаялъул гIадамазул.
Амма дагъистанияз (СВОялда, ракълилаб гIумруялда, тIабигIияб балагьалъул къохIехьеялда…) рихьизарулел бахIарчиял гьунараз, яхI бугел ишаз къойил кьарияб мугьру чIвала дов хиянатчияс абуралъул гIаксалда иш букIиналда тIад.
28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва захIматаб хIалбихьилъун — 107 соналъ букIинчIеб гIадаб гучаб тIабигIияб балагьалъул асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мацI лъалареб боцIи. Метеорологаз моцIие бегьулеблъун бихьизабураб цIадал къадаралдаса 417 % цIикIкIун бана гьеб, Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб. Ралъад тIун бараб цIадал гучал иххаз риххизаруна кьоял, нухал, маххул нухал, лъелги токалъулги мухъал. 800 хъизам хутIана гIумруялъ данде гьабураб гIарцухъ бараб мина-картги гьечIого, гъанкъана 1200 ах-хур, рикIкIен къосинебгIан гIемер рукъалъул боцIи-панз. Канлъигун бухьен гьечIого хутIана бащдаб миллионалдасаги цIикIкIун чи. Дир гIадатаб халкъалъе ккараб зиян политиказ борцунеб буго миллиардаз.

Амма дие жакъа гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. ЦIоб ГIатIидав Аллагьасде жидерго бугеб мутIигIлъигун, ракIразилъи-имангун къулчIана ватIанцояз тIаде бачIараб къварилъи. Гьале, машинабиги ричун гумузда хьвадизе, лъеда тIад гIумру гьабизе ругьун гьарилилан махсараби гьарулелцин дир аваданал ватIанцоязул цо-цоял….
Жакъа бицине бокьун буго сундухъ дие гьаб халкъ хирияб бугебали.
Гьеб батизе бегьула, къанагIатаб унтуца хвалил кIичIикье ккарал лъимал хвасар гьариялъе анкьида жаниб жидерго мукъсанаб «бищунго гIодобегIанаб харжил роценалдаса» 230 млн гъурущ бакIаризе кIолеб цолъиялъухъги.
Жидерго гIумруялъе хIинкъигун бехе унеб гьалагаб гIурулъе катитIанчIи хвасар гьаризе рортулеб «гIалхулаб» бахIарчилъиялъухъги.
ТIабигIияб балагьалдаса хадур жиде-жидер рокъоре, гостиницабазде гьоболлъи базе гIадамал ахIулел, лъадал балагьалдалъун машинаби, техника хваразул гьеб къачIазе, бихха-хочи ккараб бакIалдаса кьищни нахъе босизе, насосалъ лъим цIузе хIадурал ругин ахIи барал рикIкIен гIемерал лъазабияздасан бихьулеб квергIатIилъиялъухъги.
Хасаб тахбакI дир рекIелъ гьал гIажаибал гIадамаз ккун батила дол чIегIерал къояз рокъоса къватIире рахъине санагIат гьечIел херал-беццазе рокъо-рокъобе къваригIараб-тараб босун ун бихьизабураб гурхIел-цIобалъги.
Узухъда, хъизамалда цогIаги сурукъ гьечIого хутIуларин абухъе, камуларо жал думалъго гьанир хутIизеги ругин, сиратIалъул кьоги ришватги кьун бахинин ракIалде кколел хъантIелалги. Гьединалха доб гьекъолеб лъел щуго литралъухъ 170-180 гъурущ ахIулел даранчагIиги, гьадаб гIалагъважаялда гьоркьоб нухлул хIакъ анцIго нухалъ цIикIкIун босарал таксисталги. Гьединазе нилъеца тела рогьоялъул хъорщода бакI.
Реццалъул хъорщодайин абуни чIвала «Тооба» рахIмуялъулаб кумек бакIарулеб платформаялда чвахунцIадаздалъун зарал ккаразе 30 млн гъурущ, цIарги бахчун, садакъа гьабурав «Египетский мангуст» сахаватчи. Ялъуни 1957 соналдаса нахъе Хасавюрт районалде бахъараб хунздерил гIадамаздасан гIуцIараб Шагьада росулъа свак лъаларев экскаваторщик ГIалисканди. Гьев гIолохъанаб гуреб ригьалъул чи я жиндаго, я жиндирго техникаялда барахщичIого, сордо-къоялъ хIалтIун вуго росуцоязул буголъи хвасар гьабизелъун. Шегьдерил росулъ бащдаб къадар рукъзабазул гъанкъичIого хутIун буго гьесул захIматалдалъун. Жив халкъалда лъазе мустахIикъав вуго Шодродаса ХатIиб абурав бахIарчиги. Жиндирго кIитIалаяб рукъ лъеда гъоркье ун къварилъиялда вугев гьесул къуват гIун буго лъабго лъималгун эбелалъул гIумру хвасар гьабун, гъанкъулеб бугеб жидерго рокъоса, решеткаги хъухъан, гьел къватIире рахъизе.
Рокьиларел кинха дагъистаниял, ЦIияб ЦIиликь росулъ гIадал гIолохъаби жанир ругеб? Кодор ккун гьанжего гьанже гьарурал бачал-кьагIигун риччарал ракъвачIо гьел гьал захIматал къояз. БоцIудацин гьезул гурхIелалъул гучалъ лъил ракIха чучилареб?
Рецциларел кин, росдал имамасул ахIиялда хадур рилълъун, ункъо сагIаталда жаниб анлъго «Газель» гьекъолеб лъел цIезабун къварилъи ккаразе битIарал Хунзахъ росдал гIадамал…
Жеги чанго гьумер цIун рехсезе бегьилаан сундухъ дие дагъистаниял рокьулелали, щай дун гьезда гьоркьоса йикIиналдаса чIухIулеяли. Амма щай? Киназдаго бихьидал гьазул гурхIел бугел ракIалги бахIарчияб гIамалги, яхI буголъигун чилъиги, къварилъиялда сверухъ букъараб зар гIадин цолъиги?!
Хьул буго гьезул гIамалалдаги къохIехьеялдаги рекъараб кумек пачалихъалдасан Дагъистаналъул халкъалъе щвезе букIиналде ва жидерго къварилъигун гьел рехун тунгутIиялде.
Расул ХIамзатовас, жиндирго ватIаналъул бицунаго, абулаан Дагъистаналъул лъабго хазина: ракь (мугIрул, гIатIиракьал), лъим (Каспий ралъад, хIорал) ва хутIарабщинаб ругилан.
Жакъа нахъе вукIаравани, ракIчIун абизе кIола, шагIирас Дагъистаналъул аслияб ва хиси гьечIеб хазиналъун гьелъул гIадамал рикIкIинаан.
Ф. МухIамадова, «Росдал захIматчи» газеталъул бетIерай редактор

