Хунзахъ районалъул цIар бугел васаз цIар босулеб буго гьале жакъаги. БахIарчилъиялъул къиса къалъарал умумузул наслу цIилъулеб буго.
Хунздерил тIалъуда тIавап гьабулел цIумазул борхалъи тIаса бищараз цIарал цIвабзазухъе ритIулел руго, чилъиялъул сарин ахIулеб буго.
Улкаялъул тарих цIигьабун хъвалел чIухIи бихьуларищ гьезул роржадул!? МугIрузда тIегьараб тIадегIанлъиялъ талихIалъул къиса бицунеб буго…
Тарихалъул тIанчалги нахъехун регулаго…
СВО байбихьаралдаса нахъе дица жидер хIакъалъулъ макъалаби хъварал гIемерисел бахIарзазул кIудиял умумул кколел ратана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи-бахIарзал. Гьелъул магIна ккола бахIарчиял умумузул цIаразеги гьунаразеги мустахIикъал ругин жакъасел гIолилал-бахIарзалин абураб. Гьединаб, къадруялъ бакараб бакълъун гвангъараб къиса хадусел наслабазе толеб буго гьаб макъала дица жиндир хIакъалъулъ бицунев вугев ракьцояв МухIамад Гьиматовасги.
КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарчи, гIемерал рагъулал шапакъатал щварав Хунзахъ районалъул Жалакьури росулъа МухIамад Гьиматовасда доб мехалда ракIалдецин ккун букIун батиларо жиндир цIар кьурав ирсилас ВатIаналъул парахалъи 80 соналдасанги цIидасанги цIунизе бугилан. Гьев ккола Ленинградалъул блокадаялда бахIарчияб халкъалда цадахъ гьелъул бухIиги, ракъи-квачги, хвел-гIакъубаги гIахьал гьабурав бахIарчи. «ГIумруялъул нух» илан цIар кьураб магистралалдасан баччун буго 361 азарго тонна къайи-къоноялъул, гьезда гьоркьоса – кванил нигIматазул 262 азарго тонна. Гьеб бахIарчилъиялда гьоркьоб гьитIинабго, амма кIудияб багьадурлъиялъул бутIа буго Жалакьуриса бахIарчи, водительлъун хIалтIулев вукIарав МухIамад Гьиматовасулги. Рагъдаса хадувги гьев хIалхьиялда чIечIо – хIалтIана Буйнакскиялъул автопаркалда шоферлъун. Долдаса нахъе ана 85 сон — Ленинградалъул блокада байбихьаралдаса. 1944 соналъул 27 январалда Ленинград эркен гьабуна тушманасдаса. Гьал къояз улкаялда кIодо гьабуна гьеб бахIарчияб къо – 2026 соналъул 27 январь. Долдаса нахъеги ун буго 82 сон. Жакъа дица гьаб гьитIинабго макъала сайгъат гьабулеб буго Ленинградалъул рагъул бахIарзазе ва гьединазул цоявлъун вукIарав МухIамад Гьиматовасул ирсилав, СВОялъул бахIарчи МухIамад Гьиматовасе ва киналго жакъасел бахIарзал-рагъухъабазе.

БахIарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса
Кидаялиго вацлъиялъулаблъун букIараб Украинаялда жакъа ватIаналъул эркенлъиги цIунун рагъулезда гьоркьов вуго Жалакьуриса МухIамадгIалилги ТIанусиса Наидалги вас, КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарчи, кIудадалги кIудада МухIамадил бахIарчияб цIар ирсалъе щварав МухIамад Гьиматов.
27 сон гурони гIумруялъул гьечIев, СВО байбихьаралдаса нахъе гьенив вугев гIолилав мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьелде тIадеги гьесул руго Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул ва цогидалги шапакъатал:
— «За боевые отличия» — кIиго медаль.
Медалал «Адмирал Кузнецов»,
«За участие в специальной военной операции».
Знак отличия «За службу на Кавказе» ва цогидалги…
Гьале дица чIухIадго цIалулеб буго МухIамадил бахIарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса:
— гьавуна МухIамад Буйнакск шагьаралда. ЦIалана шагьаралъул №1 гимназиялда. 2016 соналда, 11 классги лъугIизабун, цIализе лъугьана Москваялде, Россиялъул пачалихъияб социалияб университеталъул юридикияб факультеталде. Цадахъго заочно цIализе лъугьана экономикияб факультеталдеги. ЦIализеги цIакъ лъикIав вукIана гIолилав. Практикаялъ гьев витIана Лефортово СУялде. Махщалиде бугеб гIолиласул рокьиги, хIалтIуде бугеб гъираги бихьун, цIали лъугIун хадувги гьев ахIула Лефортовалъул СУялъул кIудияв следователасул кумекчилъун хIалтIизе. Гьенив МухIамад хIалтIана 2018-2020 соназ.
2021 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан хъулухъ гьабулеб буго Россиялъул армиялда. Байбихьи лъуна ЧIегIер ралъдал флоталъул Крымалда бугеб рагъулабгун ралъдал базаялъул радиотехникияб командаялъул ралъдал «Ковровец» рагъулаб гамаялъул радиометристасул хъулухъалдасан. Гьединго «Ковровец» рагъулаб гамил экипажгун цадахъ МухIамад гIахьаллъана Сириялъул оперативияб зонаялдаги артиллериялъул радиометристлъун. СВО байбихьаралдаса нахъе хъулухъ гьабулеб буго «Георгий Курбатов» рагъулаб гамаялъул экипажгун цадахъ. Жакъа къоялде щвезегIанги тIуралел руго хасал рагъулал тIадкъаял Донецк Республикаялъул Угледаралъул мухъалда отделениялъул командирасул хъулухъалда. Гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьединго гIахьаллъана Херсон область эркен гьабиялъулъ тIоритIулел спецоперациязда взводалъул командирасул заместитель хIисабалдаги.
2022 соналъул щуабилеб июлалда МухIамад Гьиматов тIамула рагъулабгун политикияб рахъалъ ротаялъул командирасул заместительлъун.
ГьабсагIаталда МухIамад ккола Россиялъул ЧIегIер ралъдал флоталъул артиллерияб дивизионалъул батареялъул командир. МухIамад гьединго гIахьаллъана Курскиялда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназдаги. Гьелъухъ щвараб буго бахIарчиясе кIиабилеб медаль «За боевые отличия».

ТIогьолаб гIолохъанлъи, рокьул хIикматаб рогьел
БахIарчияв кIудадал бахIарчияв ирсилав, МухIамад, дур гьунараз пана гьаюн йиго дун. ТIогьолаб гIолохъанлъи, гIицIго 27 сон – гIищкъудай кьурал къоял, рокьул хIикматаб рогьел.
ГIагараб районалъул кIиго росдал вакил мун. Улка цIунулев вугев дуда бахиллъун йиго. Эмен МухIамадгIали, гъваридаб сабру дуе. Эбел Наида, дуе макьу гьуинаб щваги.
КIиго ясалда гьоркьов цо вугев дару-дарман. Наилягун Жамиля, сахлъи нужер вацасе. Жалакьури – ТIануси. КIиго росдал бахIарчи. БахIарчиял умумул чIухIун руго дудаса.
ГIагараб Хунзахъ район, дур цIияб тарихалда талихIал лъалкIал толел руго гьав гIолиласги. Улбузул макьу цIунун гьужумалъ унев гьасул, къиса рагIун, дур мугIруз бутIрул къулулел руго.
БахIарчияб кIиго гIел, ВатIан цIунун багъараб, жакъа нужер гьунарал щущан руго ракьалда. Хадусел наслабазул нухал къалъизе гIоло, гIагараб улкаялъул талихI даимлъиялъе.
Шамай Хъазанбиева
