ЦIалараб гIоларо, цIалкIизеги ккола

 

Нижехъе гьоболлъухъе щун вукIана Лъондода росулъа меценат АхI­мад ГъазимухIамадов, жиндирго вацасул вас МухIамадгун — Абу-Даби шагьаралда бугеб ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул пачалихъияб банкалъул шаргIияб аудиталъул департаменталъул бетIергун. У, нужеда мекъи бичIчIичIо: МухIамад Шагьрурамазанович ккола дунялалдаго цIар араб банкалъул хIаким. БитIараб бицани, тIоцебесеб нухалъ рагIулеб букIана «шаргIияб аудитги», «исламияб банкинги» ва гьелда хурхарал цогидал рагIабиги.

Таманаб жо цIализе ккезе бугин цин дицаго, — ян ккана ракIалде шаргIияб аудиталъулги исламияб банкингалъулги хъвазе ккани. Амма гьелдаса кIвар цIикIкIараб суал букIана живго МухIамадил хIакъалъулъ хъвазе ккей. МугIрузул ракьанда, расалъуда тIибитIараб магIарул росулъа къисматалъ кIиазарабилел соназул байбихьуда рикIкIадаб Еги­петалде ккараб МухIамадил хъизамалъ нахъа тараб нухлул лъалкIалги, исламиябгун дунявияб лъай тIалаб гьабулаго, батIи-батIиял пачалихъазде рухьарал сапаралги. ГIадада гурелъул абулеб кинидаса бахъараб молоде щвезегIан лъай тIалаб гьабеян. Цо-цояз тIадеги жубала, Китаялде щвезегIан лъелго унги тIалаб гьабизе кколин лъай абун. ТIадехун абухъе, кIудияв хIакимчи вукIаниги, гIодове виччарав, сабураб каламалъул гIолохъанчи МухIамадил хIакъалъулъ паркъараб тIоцебесеб пикру букIана «ГIадатлъиялъ тIадегIанлъарав инсан» абураб.

Апараглъи: лъаялъулгун гIумрудул университетал

— Нилъеда лъалаха араб гIасруя­лъул ахиралда рукIарал рагъулал тунка-гIусиял, цо дагьабги пикру цогидазулалдаса батIиял чагIазде гьабулеб букIараб гьужум. Дир эмен Шагьрурамазаница пикру гьабуна, жиндирго инсуца малъараб динияб лъай-гIелму гьоркьоб къотIизе течIого, Египеталде яги Сириялде ун, хадубккунги тIалаб гьабизе. Бигьа букIинчIо дир эбел-инсуе, жидерго херал умумулги рехун тун, щиб ккелебали лъалареб галиги тIамун, улка бахун къватIире, апараглъуде ине, — ян бицана МухIамадица. – 2000 соналъул 7 июлалда щвана ниж Сириялде ва байбихьана «цIияб» гIумру. Дагьа-макъабго гIараб мацI лъалеб букIиналъ квербакъана лъай тIалаб гьабиялъе «рагъа-рачаризе». Гьебго соналъул октябралда дун цIализе лъугьана Дамаскалда бугеб пачалихъияб Аль-ФатхI институталде. ШаргIияб абун цIар бугониги, къоло кIиго батIияб предмет лъазабулаан нижеца гьениб. Гьениб щвана дие исламияб лъаялъул кьучI. Хадубккун лъай щвана СагIудиязул ГIарабиялъул Мадинаялда бугеб исламияб университеталда. Гьениве цIализе лъугьана 2003 соналда. Лъай тIалаб гьабизе гъира бугел гIолилазул рес буго жакъа дунялалъул бокьараб улкаялде ине ва гьеб щвезе. Щибха гьелъие хIажатаб жо? Телефоназде ругьун гьаричIого, тIахьал цIализе малъила лъималазда, лъаялда тIадчIей гьабила: рахьдал мацIазда кIалъай лъималгун, авар мацIги малъе гьезда. ГIурус мацIалда дандечIарав чи гуро дун, гьебги лъазе ккола, жакъа ресал гIатIидал ругелъул, лъазе ккола гIарабгун ингилис мацIалги. Чияр пачалихъазул цIалул идараялде щведалги лъазабизе ккола бащдаб лъагIелалъ ингилис мацI. ЗахIматаб жо щибго гьечIо лъай тIалаб гьабизе къваригIаразегун хадусеб гIумруялъул пикру гьабулезе. Малайзиялъул Куала-Лумпуралда бугеб халкъазда гьоркьосеб INCEIF университеталде цIализе лъугьараб 2010 соналда байбихьана исламиял финансал, ай проценталги тIаде рехун, риба гьабун гуреб, шаргIияб къагIидаялъ банказдаса босараб гIарац хIалтIизабиялъул къагIидаби лъазаризе. Гьениб щвана шаргIияб банкингалъул магистрасул диплом.

Гьанже университетазул бицунеб бугелъул, абун тела БахIрейналда бугеб финансазул институтазулгун исламиял банказул генералияб советалда (СИБАФИ) лъугIизарунин профессионалиял курсал абун. Дун ккола Дубаялда бугеб арбитражалъул ва ракълилал хIукмабазде рачIунеб халкъазда гьоркьосеб институталъ кьураб сертификаталда рекъон, исламияв арбитрлъунги. Арбитрасдаги диванчиян абизе бегьулеб батила. ШаргIияв (шаргIиял суалазул рахъалъ) гIакълучи ва аудитор абун буго цоги махщел БахIрейналъул халкъазда гьоркьосеб идараялъ кьураб сертификаталда рекъон.

ШаргIияб аудиталъул рахъалъ консультант

ГьабсагIат нухмалъи гьабулеб буго Абу-Даби шагьаралда бугеб ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул «Аль-Масраф» пачалихъияб банкалъул шаргIияб аудиталъул департаменталъе ва сагIудиязул банказул цолъиялда, гьелъул вакил хIисабалда, бачуна хIалтIиги.

Цевеккун хIалтIулев вукIана Халкъазда гьоркьосеб къоло щуго исламияб банкгун цадахъаб хIалтIи гIуцIараб Shariah Review Bureau идараялда. Гьенибги лъикIаб хIалбихьи щвана шаргIияб аудиталъулгун исламияб банкингалъулъги ва исламияб экспертизаялъулгун финансазулал идараби AAOIFIялъул тIалабазда рекъон шаргIиял къануналги цIунарал исламиязде сверизариялъулъги.

ШаргIияв аудитор, къайи-къоноялъулъ, къотIи-къаязулъ ва гьарулел хъулухъазулъ шаргIиял тIалабал цIуниялъул рахъалъ эксперт хIисабалда батIи-батIиял пачалихъазул 22 банкгун, активазул 16, страховияб анлъго ва финансазулабгун техникияб лъабго компаниягун ва финансазулаб щуго идарагун хIалтIана. Вохарав вуго дунялалъул картаялда тIад гьитIинаб тIанкIлъун бугеб дир гIагараб Лъондода росуги ЦIумада районги дунялалдаго лъазабиялъулъ дирги гьитIинабго бутIа букIиналдаса, дидасаги цебе чанги цIар арал дир ракьцоязги ватIаналъул цIар борхатго ккун букIаниги…

Умумузул нухмалъиги гIагарлъиялъул рахъкквейги

— ТIоцебесеб иргаялда, баркала кьола сундулъго дие кумек-квербакъи гьабурал эбел-инсуе, мунагьал чураяв кIудияв эмен Шамсулварае ва имгIалзабазе.

Хасго имгIал АхIмадие, Малайзиялъул университеталда дун цIализе гIарац хIажат бугин абидал, жиндирго ишалги кIиабилеб планалде рехун, дир цIали нухда ине, гIарац битIарав.

Жакъа гьезда цеве нечадго гIодове къуланиги, гьезул диде бугеб божилъи хвезабичIин абун, вохунги вукIуна дун. Буго гьелъиеги цо гIилла: имгIал рагIулев вуго дида жиндирго лъималазда абулев Шагьрурамазанил МухIамад вугин нужер цIалул хъаравул: жакъа школалдаги, метер школа лъугIун хадусеб цIалиги кьварараб гьесул бербалагьиялда гъоркь букIине бугин нужерилан, гьев вукIине вугин нужее лъурал къиматазул диванчийилан. Гьелде вахарав чи дун гьечIониги, гIагарлъиялъ диде гьабураб божилъи дица ритIухъ гьабун бугин абун цо бицун бажарулареб асар кIанцIана рекIелъе. Нужеда ракIалде ккоге дунго веццулев вугин абун, гьечIо: АхIмадида лъалебцин букIинчIо дун гьезухъе гьоболлъухъе вачIунев вукIин. АхIмад-дацил рагIиялда жинцаги гъулбасулин, цIалул завуч МухIамад-Гъази (гьедин лъалаан дун ГIарабиялъ) вугин нужеран абуна хадубго имгIал МухIамадицаги.

Дие абизе бокьараб жо буго жакъа дун, магIарул гIадатияб хъизамалдаса лъимералъ нахъе тарал болъаби ругин жибго лъимералъул цIалуде гъираги, эбел-инсуца, МухIамад аварагасул хIадисалда нахъги рилълъун, лъималазе мустахIикъаб лъай щвезе хIаракат бахъинги, сундулъго гьез дир рахъкквейгиян. Зулмуги гьабун, юристал, экономистал ва тохтурзабилъун цIализе ритIичIого, дур пикруялда рекъон, кинаб лъай дуе бокьун бугеб щвезе, гьаб цоялдаса гьелъул тIокIлъи-батIалъи щибин абун гьикъун, бахIс хIисабалда, щивас жиндирго пикруги загьир гьабун, цойидеги рачIун, лъимералъ тIаса бищараб бакIалде цIализе ритIи бихьула дида битIараблъун. Щай? Щайгурелъул, гIемерал дандчIвайдал жидерго ракIаз цоги махщел тIаса бищун бугониги, эбел-инсуе бокьун, цоги бакIазде цIализе арал гIолохъаби, жидер махщалидаса думалъго батIиял бакIазда хIалтIулел. Гьезда бичIчIулеб батилаха, лъай гьечIелгун рагъани, ургъалабалъе кколеблъиги, диплом кодоб бугониги, рекIел цIайи гьечIеб мехалъ, гьеб ишалъулъ жал махщалилаллъун кколареблъиги. Гьединал пишабазда хурхун бачIараб бугин тола дица «ЦIалараб гIоларин, цIалкIизеги кколин» абураб умумузул абиги.

ГIолеб гIелалда цоги абила: лъазабе рахьдал мацI, бокьа гIагараб ватIан, цIуне нилъерго умумузул гIадатал, абухъего, басриябги цIуне, цIиябги босе. ГIарабиялда яшав гьабун ругел дир лъимал, каникулазул заманалда, дица ритIула Дагъистаналде: инсул лъандадерилги эбелалъул аварги мацIал жеги лъикI лъазаризе, кIоченчIого рукIине. Щай нилъеца гьел кIочене тезе кколел, кIинусгоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе имам Шамилида цадахъ улка тун къватIире, апараглъуде арал нилъер ракьцояз Турциялдаги Мисри-Шамалдаги жакъаги цIунун ругеб мехалда аварги рахьдалги мацIал?!

Дие абизе бокьараб жо букIана, цебелъураб масъала тIубазе, гьелъ хIасил кьезе ккани, хIажалъулин дурго къвакIиги, кьвариги, къур­кьунгутIиги, аскIор ругезул рахъкквейги ва нухги, гIемерисеб нухалъ шагьра гуреб, сухъмахъ букIунин абун. Дир гIумруги гьединабго букIана: жиндилъ борхалъаби­ги сухъмахъалги гIемер ругеб. Доб Лъондодаги Гъизилюрталдаги цIа­лу­леб мехалъ пикруцин гьабулеб букIинчIо гьалгощинал пачалихъаздеги щвелин, ГIарабазул Эмиратазда «Аль-Масраф» банкалда хъулухъги щвелин абун. Гьеб ккола дир эмен Шагьрурамазанил лъималазе гъваридаб лъай кьезе букIараб гъира-шавкъ ва гьесул анищ тIубазе гIагарлъиялъ инсул ккураб рахъ, гьелде кьураб кIвар. Гьедин байбихьи лъуна нижер хъизамалъул щивас жиндирго лъаялъул нухде. Эмен цIалана Аль-Азгьар университеталда, эбел — чияр пачалихъаздаса рачIарал студентазе хасгьарурал классал ругеб Исламияб институталда, дун – Аль-Фатфалда, яцал — Бадрудин аль-ХIасани институталда. ГьитIинав вацас тIоцебесеб классалде гали лъуна. Гьедин байбихьана рикIкIадаб 2000 соналда нижер хъизамалъул апараглъи ва лъаялде нух.

Жакъасеб харбилъ гIемер бицен гьабураб исламияб банкингалъулги, шаргIияб аудиталъулги, гьелъул хаслъаби-тIокIлъабазулги, бугеб кIваралъулги мухIканго бичIчIизеги гьабун, нилъеца бицен цоги нухалъ гьабила, Аллагьас хъван батани. Жакъа Пачалихъияб Думаялъ тасдикъги гьабун, хIалбихьиялъулаб проект хIисабалда Дагъистаналдагун Чачаналда ва Татарстаналда Сбербанказул филиалазда рагьун руго гьезул отделал, амма пайда щибха… Пайда щибха, ре­къон­кколеб лъаялъул специалистал гьечIолъиялъ хIинкъи буго гьел къаялда. Гьелъ буго дица абулеб гьитIинго кIвар кьейин батIи-батIиял мацIал лъазариялде. Щай рукIине бегьуларел магIарулал, цогидазе мисалияб куцалда, дунялалъул ва Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда банказул хIалтIухъабилъун ва нухмалъулеллъун. Нилъее камураб щибго гьечIо, гIицIго нилъерго лъаялда тIадчIейги, нилъеего масъалаби церелъейги гуреб.

Гьадинаб букIана ва буго Лъондодаса Шамсулварал Шагьрурамазанил вас МухIамадил лъаялде галаби тIамураб гIумрудул сухъмахъ, жакъаги гьабугьинан цебехун унеб бугеб.

Хадижат Залимханова