Исана 155 сон тIубала имам Шамил Аллагьасул къадаралде щваралдаса. ГIемераб жо лъугьана гьелдаса нахъе, чанги балагьалги талихIалги къоял хIехьезеги рорхизеги ккана Дагъистаналъги магIарулазги. Гьезда гьоркьор рукIана имам веццаралги гьесде гъегъ баралги къоял. Амма сундухъго балагьичIого, кигIан мех баниги, кIочон течIо халкъалда Шамилги гьесул бахIарчияб тарихги, свинчIо гьев багьадурасдехун халкъалъул рокьиги хIурматги. МагIарулазул гьеб хIалги пикруги пасихIго загьир гьабун буго Инхелоса Къурбанил мухъазулъ:
ЧIухIула Дагъистан дур харбидалъун,
Дунял биххизегIан мех ккун бицунеб.
ЦохIо гамачIалъул си гIезабулеб,
Сахаб гьумер ками кида кIоченеб!
Жакъа, имам Шамил ракIалде щолаго, гIорхъи гьечIеб щукру гьабизе бачIуна БетIергьан Аллагьасе, гьединав гIажаибав, ватIанги миллатги дунялалда рагIизабурав инсан магIарул халкъалда гьоркьоса вахъинавуралъухъ.
Баянаб букIахъе, имам Шамил хвана ва вукъун вуго хирияб ракьалда – Мадина шагьаралъул БакъигI абурал хабалазда. Амма гIемерисезда лъаларо гьесул гIумруялъул ахирал лахIзатал кин аралали, кин ва лъица гьев абадияб рокъове тIовитIаравали. КъанагIат ругониги, цо-цо асаразулъ дандчIвала гьеб хIужаялде канлъи рехарал бакIал.
Гьединазул цояб ккола «Дагъистаналъул гъалбацI имам Шамил» абураб турказул хъвадарухъан ТIарикъ Мумтаз Гёзтепел тIехь. Гьеб хъвалаго, авторасе кумек гьабун буго гьесулгун лъикIаб гьоркьоблъи букIарал имам Шамилил вас МухIамадкамилицаги гьесул вас СагIид-бегицаги. Гьединлъидал гьеб тIохьода Шамилил гIумруялъул хIакъалъулъ бицараб жо ккола гьев кIиявго инсанасул кIалдиса араб, гьез бицараб ва гьезул бер кIутIараб хIакъаб жо.
Гьайгьай, бицен гьабулеб тIехь кколаро гIелмияб цIех-рехлъун, гьеб буго документалиябгун художествияб жанралда хъвараб асар. Гьединлъидал гьелъул мацIги буго гьеб жанралда рекъараб. Гъоркьехун кьолеб буго «Дагъистаналъул арслан имам Шамил» абураб тIохьодаса къокъ гьабун буссинабураб имам Шамилил гIумруялъул ахирал лахIзатазул хIакъалъулъ жинда жаниб баян кьураб бутIа.
* * *
Шамил, тIуванго дунялалъул ишаздаса рикIкIалъун, рухIанияб гIаламалде гьоркьове арал дол къоязда цIакъ загIиплъана ва ахиралдаги кIудияб гIазаб-гIакъуба хIехьезе кIолареб хIалалде ккана. ГIумруялъул ахирал къоял Шамилие зинданлъун гьарураб гьеб унти доб заманалда лъазе ва дару гьабизе рес гьечIеб халатаб ва цIакъ захIматаб унти букIана. Цо-цо мехалда гьев, чаран гIадав гIадамасул гъваридаб зигара рагIулаан, ва гьеб хIал рагIаразул ракIал унтулаан.
Жиндир сахлъи ахирги хьул къотIараб, дарман гьабизе рес гьечIеб бакIалде бачIараблъи бичIчIарав Шамилица султIан ГIабдулгIазизихъе хъвала кагъат гIурус пачаясда гьарейин, ахираб нухалъ вихьизе гIоло, Россиялда хутIарав кIудияв вас ГъазимухIамадие Турциялде вачIине изну кьейилан. СултIан ГIабдулгIазизица кумек гьабула хIурматияв гьоболасул ахираб гьари тIубазе гIоло.
Инсул хIакъалъулъ хабар рагIараб мехалда, кIудияб ургъелги чIван, ГъазимухIамадица сапар бухьуна Россиялдаса ХIижазалде.
Шамилил чорхол хIал цIакъго цIакъ захIмалъулеб букIин бихьарал гьесул лъудби Загьидатицаги ШугIайнатицаги хабар гьабула шайих АхIмад ал-РипагIиде, имамасул ахIвал-хIал цIакъго квеш бугилан абун. Шайих АхIмад ал-РипагIи гьебго минадул цогидаб цо бутIаялда вукIана гIумру гьабун. Къокъаб заманалда жанив Шамилил рухIияв ва иман бугев вацлъун лъугьарав гьев камилав ва ритIухъав шайих вачIараб мехалъ, унтарасул бусада сверухъ ракIарун рукIарал гьесул хъизаналъул чагIи, гьебсагIат рокъоса къватIире ана. ГIицIго гьанжего гьанже анкьго сон барав, Мадинаялда вукIарав цохIого цо вас МухIамадкамил, Шамилил гьариялдалъун, рокъов жанив тола ва вахъун чIун вукIуна.
Шайих АхIмад ал-РипагIи, рокъове жанивеги лъугьун, Шамилил къаданив чIола. КIудияб рокьигун ва пашманлъигун валагьула гьев ахираб цIа свине хIадурлъарал гъваридал ва гIодориччарал Шамилил беразухъ. Жеги рухI бахъичIев ва гIакълуялда вукIине хIаракат бахъулев вукIарав Шамилидехун, Аллагьасда цеве чIезе рес щварав цо шагьидасдехун кинигин, хитIаб гьабула гьес. Шайихасул рагIабазул магIна букIана гьадинаб: «Ле, Аллагьасда цеве вугев дир вац, дуца абе Аллагь цо вугилан ва, гьев тун, батIияв Аллагьги гьечIилан!»
КIудияб рухI Аллагьасе кьезелъун машгъул вукIарав ва хIалуцараб унтуда жанив вухIулев вугев Шамилица, гьеб хитIаб рагIарабго, жиндир бетIер къадруялда ва асар гьабиледухъ шайихасдехунги буссинабула. Ва гъваридаб макьидаса ворчIарав гIадин, бералги рагьулаго, квераз ишан гьабула. Бищунго балагьал ва хIакъал хвелал хIинкъизарурав ва гIажалал соназ даим гьел нахъчIвалеб букIараб Дагъистаналъул гъалбацIил жал Бичасул хиси гьечIеб ихтияралда цебе бортула ва мукIурлъиялъул рецц лъаларев гьев багьадур тIоцебесеб ва ахираб нухалда жиндир БетIергьанасе мутIигIлъулев вукIана. Гьеб лахIзаталда Шамилица кIиябго квералъул килщал цоцалъ рахараб хIалалда каранда лъола. ХIурматияб ва къадруяб ахираталъул нухлулас, абадияб сапаралде вахъунаго, кверазе хIаракат гьабизе квалкваллъун букIараб гьеб хIалалдаса ворчIизе гIоло, жиндие кумек гьабизелъун, свине хIадурлъарал бераз ишан гьабула. ГьебсагIат, цоцаздаса ратIа гьарун, килщал эркенлъарав Шамилица, кверал черх халаса риччала ва, кваранаб квералъул шагьадкилищги борхун, шагьадат битIула.

ГIурус пачаясул макьу тIуризарурал ва бищунго къуватал аскарал санаца щущахъ рихизарурал нуралъул ва цIадул цIурал имамасул берал, Мадинаялъул завалалда свине хIадурлъулеб букIараб маркIачIул бакъуда цадахъ гIадин суна. Бесдаллъараб Кавказ зинданалъул бецIлъиялъубе рехараб гьеб балагьаб бакъкквей букIаго, маркIачIул как базе анцIила щуго минут хутIула. БукIана гьижрияб тарихалъул 1287 соналъул 25 зулкъагIида, хамиз къо.
Гьижрияб 1212 соналда Дагъистаналъул Генуб росулъ гьавурав Шамил, жиндир кIудияб цIар тарихиял асараздаги машгьурал биценаздаги тун, 74 сон бараб мехалда Аллагьасда цеве чIола ва Аварагасул гьоболлъун лъугьуна.
Шамилил рухI босаралдаса дагьаб мех иналдего, гьесул жаназа гъоркьияб тIалаялда букIараб РипагIи тIарикъаталъул зикру ва гIибадат гьабулеб хасаб рокъобе жанибе босула ва, нуцIбиги къан, гьеб сордоялъ гьениб цIунула.
Нахъисеб къоялъ, рогьалида жинцаго гьеб бакIги рагьун, шайих АхIмад ал-РипагIи хварасул къаданив чIола ва Шамилил хъизаналъул чагIи ахIула гьенире, гьезда ахираб нухалъ мунагьал чурадил гьумер бихьизе гIоло.
Цее Шамилил кIудияй лъади Загьидатги гьаюн, ШугIайнатги, ясал ПатIиматги, Сапиятги, Баху-Меседоги, Нажабатги, гьелъул рос Давудги, Шамилил бищун гьитIинав вас МухIамадкамилги, гьесухъ ялагьулей Валигъизги мунагьал чурадил жаназаялда сверухъ чIола.
Гьебмехалда шайих АхIмад ал-РипагIица, гьанжего гьанже анкьго сон барав МухIамадкамилил кверги ккун, гьев Шамилил хирияб жаназаялде аскIовеги вачун, абула: «Дир вас, инсул хирияб кверда убач гьабе», – ян. Васас бесдаллъиялъул пашманлъигун ва виххигун кIиябго квералъ босула хвалчадуе бищун тIадегIанаб къиматги къадруги кьураб, жинда релълъараб тIокIаб гьечIеб гъалбацIил квачI ва гьелда убач гьабула.
Шайих АхIмад ал-РипагIица, лъимадул бесдалаб ботIродаги къочун, абула: «Гьеб гьуинаб махI буго гIицIго шагьадаталъул даражаялде хиралъаразул букIунеб махI. Ва, щаклъи гьечIого, дур эмен ккола, Аллагьасул бищун мустахIикъал шугьадазул гIазизаб къапилаялъул церехъабаздаса цояв», – ан.
Мадинаялда гIусманиязул падишагьасул вакиллъун вукIарав шайихулхIарам ХIажи Амин-паша, Шамилил хъизаналда зигараги бан, имамасул жаназаялде аскIове вачIуна. Гьес жинцаго халгьабула гьеб чурулеб ва гьелда мусру жемулеб къагIидаялъухъ. Жаназа чурулаго, ХIажи Амин-пашаца, гулгунги босун, лъим тIола. Гьедин гьес загьир гьабула Шамилидехун бугеб жиндир вазипаги падишагьасул цIаралдасан бищунго тIадегIанаб ва кIудияб хIурматги.
Шамил вукъулеб къоялъ, гьесул табуталда гъоркь лъугьуна Мадинаялъул гIадамазул махIшар. Кодов ккун восун, гьев кIудияв, чIухIарав абадияв нухлулав, Аварагасул хирияб хабада аскIове щвезавуна ва, жамагIаталъул гучаб хIузургун, гьениб жаназаялъул как бана. Хадуб Жаннат ул-БакъигIилан абулел хабалазда, Аварагасул руччаби рукъун ругеб зияраталда аскIоб, Шамилие цебего рекIее гIун букIараб гьитIинаб цо гохIккараб бакIалда вукъана.
АхIмад МуртазагIалиев
