Салам, хIурматиял магIарулал, «ХIакъикъат» газеталъул гьудулзаби, авар мацIалъул учительзаби, рахьдал мацI бокьулел лъимал ва чIахIиял!
Цоги нухалда баркула нужеда тIаде щвараб цIияб сонги. Баркат-рахIмат гIемераб батаги. ГIемерлъаги нилъеда гьоркьор магIарул мацIги, тарихги, адабиятги бокьулел магIарулал. Гьайгьай, нужер кумекалдалъун газеталъул гIадатлъун лъугьун буго санайил «ЧIагояб классика» фестиваль-конкурс тIобитIи. Исанасеб фестиваль сайгъат гьабизе буго магIарул прозаялъе, ай хабариял асаразе.
Кидаго гIадин, гьенир гIахьаллъизе бегьула учительзабиги, цIалдохъабиги, гьезул эбел-эменги ва цогидалги. Къец тIобитIизе буго, гIахьалчагIазул соназда рекъон, чанго батIияб бутIаялда:
1) Ясли-ахазул лъимал
2) Байбихьул классазул цIалдохъаби
3) 5-8 классазул цIалдохъаби
4) 9-11 классазул цалдохъаби
5) Учительзаби
6) ХутIарал чIахIиялги.
Фестиваль-конкурсалъул аслияб мурадлъун ккола гIисиназулги чIахIиязулги авар прозаялде рокьи бижизаби, миллияб адабияталъул тарихги цоги нухалда ракIалде щвезаби, хъвадарухъабаз нилъее тарал хIикматал асаразул гъасда гьоболлъи бай, хадусел гIелазе гьеб бечедаб хазина цIуни. ГIенеккарал паналъиледухъ хабариял асарал рикIкIун бажари — гьеб буго кIудияб махщел. Арал соназда, гIахьалчагIи ругьунлъизегIан, толеб букIана кучIдул рикIкIинеги. Амма кучIдузул конкурсал цIакъго гIемер кколел руго. Гьенир гIахьаллъулезул къадарги соналдаса соналде цIикIкIунеб буго. Гьединлъидал ракIалде ккана гIицIго прозаялъул фестиваль тIобитIизе. Конкурсалда тIасан суалалги гIемерал рукIунелъул, гьанирги гьарулел руго номинациял:
1) МагIарул хъвадарухъанасул асаралдаса
2) Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асараздаса (магIарул мацIалде руссинарурал. Нужецагоги руссинаризе бегьула)
3) ГIурус адабияталъул прозаялдаса (нужецагоги руссинаризе бегьула авар мацIалде)
4) ГIахьалчиясул асаралдаса (нужецагоги хъвазе бегьула бокьараб темаялда)
Исанасеб сон улкаялъул президентас Россиялъул халкъазул цолъиялъул ЛъагIеллъун лъазабун бугелъул, нилъецаги авар прозаялъул исанасеб фестиваль сайгъат гьабулеб буго Халкъазул цолъиялъул лъагIелалъе.
Нужерго хIалтIаби, ай магIарул мацIалда проза рекIехъе цIалулеб видео (цо-лъабго минут) битIизе бегьула 20 марталде щвезегIан. Фестивалалда гIахьаллъизе, МахIачхъалаялде рачIине руго видео нижехъе битIарал киналго гIахьалчагIи. Гьеб тIобитIизе буго Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда 25 марталда, ай цIалдохъабазеги учительзабазеги тадбиралда гIахьаллъизе санагIалъи бугеб заманалда, КIалбиччанкъоялъул байрамги нухарегIун, ихдалил каникулазул ахиралда. Гьеб ккола арбагI къо.
Гьединго букIине буго хасаб номинация. Ш. Хъазанбиевалъухъе ва МухIамад Манаповасухъе ритIарал хIалтIаби ритIизе бегьула газеталъул телеграм-канал бачуней ПатIимат СултIанмухIамадовалъухъеги. Каналалъул подписчиказ кьезе руго гьаркьал. Щварал гьаркьазда рекъон кьезе руго бакIалги.
Гьаниб гьадин мухIканго хъван бугониги, цо-цоял кIалъанги рачIуна кучIдул бегьуларищилан абун. Гьаб нухалда гIицIго прозаялъе кьезе буго къимат. Амма цо-цо гIахьалчагIазул хIалтIаби рукIуна «Гьоболасул хIама хIортIе бачанин. Гьекъаниги гьекъечIониги, ургъел гьечIин» абураб гIадалги. Гьединал хIалтIаби рикIкIинеги гьечIо. Гьадинабго цIаралда гъоркь гIурус мацIалда тIобитIулеб конкурсги берцин бихьун, гьабулеб конкурс буго гьаб. Бокьилаан интернеталдаса халгьабизе, гIурус мацIалда цIалдохъабаз асарал рикIкIунеб къагIидаялъулъги. Гьединаб кIудияб гьари буго цIалдохъаби хIадурулел учительзабаздеги.
БакIалги кьезе руго, церего гIадин, жюриялъул членаз кьурал баллазда рекъон.
а) 60 баллалде щвезегIан — лъабабилел бакIал.
б) 61- 80 балл- кIиабилел бакIал.
в) 81-100 балл — тIоцересел бакIал.
Жюриялъе цIакъго асар гьабураб щуго хIалтIи мустахIикълъизе буго Гран-приялъеги.
Рехсолел руго цо-цо авторазул цIаралги, нужеца жидер асарал, конкурсалде хIадурулаго, хIалтIизаризе бегьулел:
— Расул ХIамзатов, Фазу ГIалиева, Муса МухIамадов, ГIарип Расулов, МухIамад ГIабдулхIалимов, ГъазимухIамад ГъалбацIов, МухIамад Шамхалов, Ражаб ДинмухIамаев, Асадула МухIамаев, ПатIимат МуртазагIалиева, МухIамад Сулиманов, Багъатар ХIажиев, ХIусен ХIажиев ва цогидалги.
Бокьарав шагIирасулги рукIуна хабариял асарал. Масала, руго гьел ТубхIат Зургьаловалъул, ГIайшат Малачиевалъул, МухIамад Хириясулаевасул, ХIасан ХIабибовасул ва цогидазулги. Ясли-ахазул ва байбихьул классазул лъималазе гIадал асарал рукIуна «Лачен» журналалдаги «ХIакъикъат» газеталъул «БурутI» гьумералдаги.
ХIалтIаби ритIизе бегьула гьал адресазде, кIалъазе бегьула гьал номеразде:
1) Шамай Хъазанбиева — 8-963-413-82-99; samay.kazanbieva@mail.ru
2) ПатIимат СултIанмухIамадова, (телеграм-каналалъе) — 8-988-436-51-45; yasaypatimat@mail.ru
3) МухIамад Манапов — 8-988-665-41-83; magomed.manapov2001@mail.ru
Адабгун «ХIакъикъат» газеталъул редакция.
Шамай Хъазанбиева
