Гьал къоязда ниж щвана «ГIазим» абураб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул генералияв директор, гьелъул учредителазул цояв ГIабдухIалим Мачаевасухъе. Фондалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицун гьабуна гьесулгун гара-чIвари. Гьес чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъе, хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулевлъун, вукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.
— ГIабдухIалим, мун гIемерал соназ хIалтIана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Кин ккарав гурхIел-рахIмуялъулаб ишалде, кин ва лъида ракIалде ккараб «ГIазим» фонд гIуцIизе?
— «ГIазим» фондалъул бицен ккана ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулевлъун вукIараб мехалдаго. «Зеленое яблоко» тукабазул мухъ, «Перец групп» абураб жамгIияб кванил нигIматал ричулел бакIал ва тукаби данде гьарураб компания буго щибаб лъагIалие жидер магIишаталдаса закагIат бахъулел. Компаниязул нухмалъулел ккола Зиявудин ва МустIафа ГIабдурахIмановал, Идрис Шагьназаров. Гьел ккола фондалъул учредителалги. ДРялъул ЖамгIияб палатаялда хIалтIулеб мехалдаго гьел гIолохъабигун цадахъ нижеца, ресукъазул сияхIги гIуцIун, ,бикьулаан рехсарал компаниязул магIишаталдаса бахъараб закагIат. Компаниялги кIодолъулел ругин ва закагIат бахъараб гIарац шаргIалда рекъон кьезе кколеб бакIалде щвезабизе къваригIун бугин абун, нижеца хIукму гьабуна гурхIел-рахIмуялъул фонд гIуцIизе. ЗакагIаталъул гIарац шаргIалда рекъон кьезе кколеб бакIалде кьезе, гIарац кибе унеб бугебали мухIканлъи чIезабизе хIажат букIана. Гьедин, 2020 соналда гIуцIана «ГIазим» фонд. Аль-ГIазим абураб Аллагьасул цIаралъул магIна ккола — ТIадегIанав абураб.
Дида чангояз гьикъана хIакимлъиялда, нухмалъиялда хIалтIулев вукIарав чи, гьанже гьебги рехун тун, гурхIел-рахIмуялъул хIалтIуде вуссиналъе гIилла щибилан абун. Дица гьеб дирго талихIлъун рикIкIуна. БатIи-батIиял хъулухъазда хIалтIаниги, гIумруялъул ахиралде щведал, ахираталда диего батулеб, кири цIикIкIараб ишалде вуссине щвей буго дир талихI.
— Дагъистан рикIкIуна улкаялдаго бищун цоцаздехун гурхIел-рахIму цIикIкIараб ва кумекалъе кидаго хIадураб регионлъун. Руго нилъер гьанир гурхIел-рахIмуялъул чанги фондалги. Цогидазда дандеккун, нужер фондалъул хаслъи щиб?
— Нижеца, цогидал фондаз гIадин, гIарац бакIаруларо. КIудиял дармил компанияз бахъараб закагIат бачIуна фондалде, хадуб гьеб бикьула шаргIалда рекъон закагIат кьезе кколел гIадамазе. Фондалъул хIакъалъулъ гьанже цIикIкIун лъараб мехалда, жидерго рахъалдаса закагIатгун рачIунел руго цогидал предпринимателалги. «36.6» абураб аптекаялъ 2-3 миллион бачIуна, гьединго цогидал чIахIиял ва гIисинал тукабазги байбихьана закагIат, нижер фондги гьоркьобккун, кьезе.
ГIарац бугел чагIи республикаялда гIемер руго, амма киназго гуро закагIат бахъулеб. Щибаб соналда гIага-шагарго 30-35 миллион гъурущ кьола «Зеленое яблоко», «Перец групп» компаниязул нухмалъулез. Цо-цо агрофирмабаз ва гIуцIабаз бачIараб гIарацги тIаде жубан, лъагIалида жаниб гIага-шагарго 40-42 миллион гъурущгIанасеб гIарац бачIуна фондалде.
Рамазан моцI ахиралде щвелалде нижеца фондалде бачIараб гIарац бикьун лъугIизабизе ккола. КIиго миллион гъурущ гIарац хутIун буго гьабсагIат фондалда. Гьале жакъаги БацIада росулъ рукъ бухIараб хъизамалъе 500 азарго гъурущ кьуна фондалъ.
— Мина бухIарал гIадамазе кумек гьабулелъул, щиб хIисабалде босулеб? Кин чIезабулеб чан гъурущ гьеб хъизамалъе кумек гьабун кьезе бугебали?
— Ккараб заралалъухъ балагьун, мина цIидаса базе яги къачIазе кигIан гIарац къваригIунебали халгьабула. Гьениб букIараб къайиялъул хIисаб гьабун, кинаб зарал гьеб хъизамалъе ккун бугебали хIисабалдеги босун, кьезе кколеб гIарцул къадар чIезабула.
— ЗакагIаталъе бачIараб гIарац лъие кьолеб, кин гьеб хIалтIизабизе бегьулеб? Диниял гIалимзабазулгун дандбалищ гьеб хIалтIи?
— Гьелъул рахъалъ гIалимзабаздаги цIехон, цIех-рех гьабун буго байбихьудаго. ГIалимзабазулгун бухьенги букIуна. Къуръаналда бихьизабун буго закагIат кьезе бегьулеб микьго рахъ. Гьезда гьоркьоса цо-цоязул жакъа хIажалъи гьечIо (лагълъиялдаса тархъан гьари). ЗакагIат кьолезда гьоркьор руго мискин, пакъир, жамгIиял хIалтIаби гьарулаго налъукье ккарав чи. Ригьин-цIа гьабулев, рес гьечIев чи налъукье ккун ватани, гьесулги налъи закагIаталъ бецIизе бегьула. ЖамагIаталъе гьабулеб хIалтIуе гIоло ккараб налъи бецIизе бегьула закагIаталъ.
Нижеца сборги лъазабун гIарац бакIаруларо, гIицIго «Зеленое яблоко» абурал тукабазда лъун ругел къалабазухъе гIадатиял гIадамаз садакъаялъе бараб гIарац гурони. Гьениса кIудияб гIарац бачIунаро. Гьеб хIалтIизабула закагIаталъул гIарац хIалтIизабизе бегьулареб бакIалда.
ГIадамазе гурхIел-рахIмуялъулаб кумек гьабулелъул пайда босула цогидал фондазул хIалбихьиялдасаги. Нижехъе фондалде рачIуна рес къотIарал гIадамал. Цо-цо камуларо яхI гьечIел, гьереси бицун рачIунелги. Цогидал фондазулгун бугеб бухьеналдаса пайда босула гьеб мехалда. Нижеца гIуцIун буго батIи-батIиял фондазул гIаммаб картотека. «Инсан», «Надежда», «Чистое сердце». Гьезул цоялдегIаги кумек гьарун вачIарав чи, кIиабилеб нухалда цоги фондалдеги гьебго мурадалъ вачIани, хехго лъазе кIола, нижер гIаммаб базаялдаса.
— Бищунго гIемер кумек гьарун щал рачIунел? ТIоцебесеб иргаялда, лъие кумек гьабулеб?
— Аслияб къагIидаялъ фондалде рачIуна рес гьечIел ва налъукье ккарал гIадамал. Гьезие кумек гьабизе щвейги кIудияб кири ва талихI буго.
Рамазан моцIалъ 16-20 миллион гъурущ бачIуна «Зеленое яблоко» тукеналъ. Гьезул вуго 5000-гIанасев хIалтIухъан. Гьезда гьоркьор рукIуна моцIрое мухьги кьун квартирабазда гIумру гьабулел, росасул квербакъи гьечIого хIалтIулел руччаби ва цогидалги ресукъал гIадамал. Гьезие закагIат кьола «Зеленое яблоко» тукабаздаса закагIат бахъун бачIараб гIарцудаса.
ЦIакъго гIемерлъун буго онкология, лъималазул аутизм унтаби. Гьезие реабилитация гьабизе гIарац гьарун рачIуна. Гьел сах гьаризе ФОМСалъ гIарац кьолеб бугони, нижеца рекIадухъ гурони гIарац кьоларо.
ЗакагIат бахъун гIадамазе кьолеб гIарцул гIодобегIанаб къадар буго 30-35 азарго гъурущ. Чанго моцIалъе яги рес рекъезегIан квартираялъухъ гIарац кьола, налъаби рецIула.
Цо-цоял рачIуна 400-500 азарго гъурущ къваригIун бугин. Нижеца халгьабула сундуе гьеб къадаралда гIарац къваригIун бугебали. Нижеда божун кьун бугелъул закагIаталъул гIарац, нижеда тIад букIуна гьелъул жавабчилъиги. Метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебеги жаваб кьезе кколелъул дица гьелъул. Жавабчилъи цIакъ кIудияб иш буго гьаб.
— ЗакагIаталъе гIарац кьуразда цебе, гьеб лъие кьурабали хIисаб кьолищ нужеца?
— Нижеца гьабураб хIалтIул хIисаб кьун буго «ГIазим» фондалъул сайталда. Лъие чан гъурущ кьурабали, щивасул цIар ва щиб къварилъи-захIмалъи букIарабали бихьизабун, лъагIалица гьабураб хIалтIул сияхI буго сайталда. Фонд гIуцIаралдаса нахъе закагIаталъе кьун буго 150 миллионгIанасеб гъурущ. Учредителазеги, гьединго бокьарав чиясеги рес буго сайталдеги раккун информациялъухъ халгьабизе.
Нижеца щибаб рамазан моцIалъ чамасдакгун лъел шушби рикьула нухазда (30 азарго шиша). «Гъунисезул гIолилал» абураб волонтеразул къокъаялъ кумек гьабула гьеб бикьизе. Къурбан къоялъ Гъуниб районалда 25 гIиялъажо хъола. Гьениб кумек гьабула «Инсан» фондалъул волонтераз.
Гъоркьиса ниж гIахьаллъана «Забота» НКОялъ гIуцIараб «Социалияб такси» абураб программаялда. Коляскаялда гурони хьвадизе бажаруларел ресукъал гIадамаз тохтурасухъе ине ва цогидал хIажалъаби тIуразе, 10 нухалда рекIадухъ гIарацги кьечIого хIалтIизабизе бегьула гьеб программаялда рекъон такси. Ресукъал инвалидазе «Социалияб таксиялъухъ» кьезе миллионгун 200 азарго гъурущ биччана «ГIазим» фондалъ.
«ГIазим» фондалъ ресукъал имамзабазеги харжал кьола. БатIи-батIияб заманалда 15 азарго гъурущ кьолаан моцIрое. Имамзаби жамагIаталъ хьихьизе ккола, амма цо-цо бакIазда гьелъул тIалаб гьабулеб гьечIо. Щибаб лъагIалица хисун батIи-батIиял росабалъе ритIулел имамзаби гIемерисел рукIуна ресукъал. ЖамагIаталъги кьолеб гьечIони, гьезие кумек гьабизе ккеларищха. «Инсан» фондалъ гьабула гьезул сияхI ва кьола харж. Гьеб фондалдаса хIал бикьун, нижецаги кумек гьабула. Гъоркьиса нижеца имамзабазе харжалъе 2,5 миллион гъурущ кьуна. Гьеб буго рес гьечIел имамзабазе закагIат хIисабалда кьолеб гIарац.
Нижер гIадат буго щибаб соналда рес гьечIел хъизамазул лъималазе школалде ине хIажатаб къайи босулеб. Цебе кумек гьабулаан Гъуниб районалъул школлъималазе, гьанже хъутабазда ругезеги гьабизе байбихьун буго.
Фондалъ кумек гьабизе къайимлъиялда гъоркье росарал хъизамалги рукIуна. Рес рекъезегIан кумек гьабула цо-цо хъизамазе. Масала, лъабго-ункъо соналъ нижер къайимлъиялда гъоркь рукIарал, хадуб жидецаго жалго хьихьизе рес рекъарал гIадамал гьеб сияхIалдаса нахъе росула.
— Гъуниб районалда гуреб цогидал районазда гьабуларищ гьединаб кумек?
— Фонд букIин гIадамазда гьоркьоб лъаралдаса рачIине байбихьана цогидал районаздасаги гIадамал. Буйнакскиялдаса инвалидазул къокъа буго нижеца квербакъи гьабулеб. Хъутаналда ругезги закагIат щолезул сияхI бакIарулеб буго. Гьединазул сияхI кIудияб букIунаро.
ЗакагIат кьезе бегьулеб букIарабани, дица гьеб кьелаан букIараб росабалъе гIумру гьабизе тIадруссун арал гIадамазе, росулъ магIишат цIигьабулезе.
— БукIинеселде кинал планал ругел фондалъул? Ругищ цIиял проектал?
— Байбихьуда нижеца закагIаталъе бачIараб гIарац, закагIат бахъулел компаниязул ресукъал хIалтIухъабазда гьоркьоб бикьулаан. Хадуб фондалде бачIунеб гIарац цIикIкIиндал гIуцIана цо-цо кумекалъулал программабиги: «Къурбан», «Нухда ифтар», «Лъимал школалде къачIай», «Забота», «Социалияб такси» ва цогидалги программаби. Руго жеги цIиял пикрабиги. Гьезие ресал ралагьулевги вуго.
ГIолеб гIелалда рахьдал мацI малъизе, гьеб цIуниялъе ресал ратиялда тIад ургъулев вуго. ЛъикI цIалулел цIалдохъабигун студентазе стипендия кьезе бокьун буго. Амма стипендиялъе закагIаталъул гIарац кьезе бегьуларо. Фондалде гIарац кьолелъул гьев чиясулгун къотIи гьабизе кколеб буго гьеб гIарац закагIаталъе гуреб, пуланаб ишалъе квербакъиялъе хIалтIизабизе кьолеб бугин абун. Гурони, закагIаталъул гIарац бегьуларо гьединаб ишалъе хIалтIизабизе.
Гъуниб районалда хIалтIулелъул нижеца ургъун букIана, Хархаровас ва ХIамзатовас гIарацги рехун, районцоязе стипендиял кьолеб «Поколение» абураб фонд. Районаз цадахъ гьабулеб букIарабани, бажарилаан гьеб иш.
Бихьулеб буго магIарул мацIалъул иш лъикI гьечIеблъи. ГIисинал лъималазда гьеб лъалеб гьечIо. Шагьаразда гIумру гьабун ругезул бицинарин, росабалъ ругездацин лъалеб гьечIо.
ГIабдухIалим Мачаевасулгун гара-чIвариги лъугIун нахъе унел рукIаго тIаде вачIана «Инсан» фондалъул нухмалъулев МухIамад Мусаев. Гьел рачIун рукIана ресукъал имамзабазул сияхIги босун. 70 имам вугоан закагIат щолезул сияхIалда. ЛъикIаб ишлъун ккола гьединал гурхIел-рахIмуялъул фондал цадахъ рекъон хIалтIулел рукIин ва цоцазул хIалбихьияздаса пайда босулеб букIин.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА
