Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачIана хасаб рагъулаб операциялъул (СВО) гIахьалчи Мурад Багьилов. Гьев ккола Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул директорги. РФялъул президент Владимир Путиница мобилизация лъазабураб мехалда, гьеб ахIуе жаваб кьуразул тIоцересезул кьерда вукIана Мурадги.
— ГьабсагIаталда нуж кинаб бакIалда ругел, Мурад?
— СВОялде аралдаса, ай 2022 соналъул 24 сентябралдаса нахъе дун вукIана Запорожье областалда. Малый Токмачка ва цогидал бакIал нацистазукьа эркен гьариялъул рагъазулъги гIахьаллъана. Декабралъул ахиралде отпускалъ рокъове витIана дун. Метер тIадвуссинеги ккола. Дораса кIалъана полигоналде вачIаян, ниж батIияб бакIалде ритIизе ругилан. Кир рукIине ругел – мухIканго дида жеги лъаларо.
— СВОялъул кинаб рахъалда жакъа хIалуцин цIикIкIараб бугеб?
— Парахатаб бакIго букIинищха, кьалда ругелъул. Амма хIалуцин цIакъго цIикIкIунеб буго Херсоналда. Днепралъул доб рахъалда – нацистал, гьаб цояб рахъалда – нилъерал. Гьедин гьабуна генерал Суровикинил буюрухъалда рекъон. Нилъерал гьаб рагIалде рачинчIелани, 15 азаргогIанасев рагъухъан чIваялъул хIинкъи букIана. Гьел цIуниялъул мурадалда генералас аскар нахъе бачана.
Гьелдаса нахъе доз кутакалда хIаракат гьабулеб букIана нилъерал Херсоналдаса тIуранго нахъе рачахъизе, амма жидер рахъалде рачIунезе кьварараб дандечIей гьабулаан нилъераз. ГIемерал нацистазе ахир лъуна гьениб. ЧIинкIиллъаби гIемераб бакI буго гьеб. Аслияб куцалда буго дроназул рагъ. Гьабгощинаб заманалда нилъерал цере инчIеб бакIги ккола Херсоналъул ракь. Дир пикруялда, гьанже гьенибе кьаби щвезабизе батила нилъераз.
— СВОялъулги КIудияб ВатIанияб рагъулги заман (халалъиялъул рахъалъ) бащалъанилан тIибитIизабулеб буго социалиял гьиназдаса. ХIасил кинаб бугеб?
— Луганск Республикаялъул ракьазул 99,9 процент нацистазухъа бахъана. Донецк Республикаялъул 10-12 процент хутIана эркен гьабизе – гьениб бахъичIого хутIун буго Славянск ва Краматорск шагьарал. Запорожьеялъулги 80-ниги процент нилъеразухъ буго – Запорожье шагьаралде щвезе 15 километр хутIун буго.
— ГIезегIан ракь эркен гьабуна гьениб, рагъуе ахир лъелародай?
— Рагъ лъугIи – гьеб буго дова вугев нилъер щивав рагъухъанасул бищунго кIудияб анищ. Нацистазулгун заманалъулаб рекъел гьабизе бегьуларо. Цо-кIиго анкьил болжалалда метргун бащалъиялъул биццатаб бетоналъул щулалъаби гьарула доз. Нилъер рагъулаб нухмалъи гьелда разилъиларо.
Рагъуе ахир лъезе ккани, нилъер аскариял ругеб бакIалдаса 150-200 километралъул манзил эркенго чIезабизе ккола. Щай? Дозул дроналги ракетабиги нилъеразухъе гIунтIунгутIизе, нилъер улкаялъе гьездаса бугеб хIинкъи тIагIинабизе. Днепропетровск, Сумск, Харьковск областал – гьениб, нилъер аскариял дора гьечIониги, кьвагьа-гIанхъи букIуна, яргъил нахърателал, гьеб гьабулел цехал, цIатари сокIкIарал бакIал кьвагьизарула. Гьел ракьал рукIине ккола «буфернияб зоналъун». Гьелде тIадеги, Николаев, Одесса шагьарал Украинаялъухъ тезе бокьиларо нилъер улкаялъе. Гьеб буго гIицIго дир пикру.
БатIияб иш буго, нилъераз тIалаб гьарулел шартIазда дол разилъани. КIочене бегьуларо: нилъеда данде къеркьолеб буго тIолабго БакътIерхьул Европа. Аслияб къагIидаялда жакъа нилъеде данде рагъулел руго къватIисел улкабаздаса солдатал. Европаялъ Украинаялъе кьолел руго 500 километралъул манзилалде роржунел ракетаби. ГьедигIанасеб яги гьелдаса цIикIкIараб манзил букIине ккола нилъер гIорхъабазда гьоркьоб. Гьанжени Европаялдаги бичIчIулеб бугин ккола, жидер хIаракат гIададисеб бугеблъи. Гьеб буго гIорхъодаса щугогIан километралда нилъераз «Орешник» кьвагьиялъул хIасил. Гьебги кьвагьизабуна боеголовка гьечIого. Долъул къуватги гучги бихьидал, кантIана гIемерисел.
— Нилъер аскариязул аслияб къагIида, гьужум (тактика) кинаб бугеб?
— ГIемерисел бакIал нилъераз рахъула тушманасда нахъасан тIадеги кIанцIун. Бадиса бадире рагъ гьабулел бакIал нацистаз кутакалда щула гьарула. Гьел рахъизе къеркьолаго, гIемерал камиял ккеялъул хIинкъи буго. Гьединлъидал, тушманасул загIипал рахъалги ралагьун, балъгоял маневралги гIуцIун, тохлъукье тIаде кIанцIула нилъерал. Нилъер солдатал тIаде рачIунел рихьидал, бугелъуб ярагъги, документалги рехун тун, лъутизе гIамал гьабула доз. Гьедин бахъана Гуляй-поле ва цогидал бакIал.

— Мун вуго учитель. Эркен гьарурал ракьазда гIумру гьабулеб халкъалъул хIакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур?
— Гьелги руго батIи-батIиял. Цоязул кIал гьиманиги, берал ццидал цIун рукIуна. Цогидал – ракI разиял, нилъеразе кумекалъе хIадурал, амма кутакалда хIинкъизарурал руго. БатIи-батIиял шагьаразда щивасул лъимал ругелъулха, нилъеразулгун бухьен халлъарабго, гьезие гIакъуба кьезе бегьула.
Араб гIасруялъул ахиралда гьарурал дозул лъималазе щун буго тIубанго батIияб тарбия. Хисизабураб, жидее санагIатаб рахъалде сверизабураб тарих малъун буго дозда. 20-30 соналъ кьураб тарбиялъул хIасил – бетIер сверараб гIел!
Эркен гьарурал ва Россиялда гъорлъе лъугьарал ракьазда ругел гIадамазда бихьулеб буго кIиябго пачалихъалъул бербалагьиялъулъ бугеб батIалъи. Цо гIадан йиго азбар лъухьулей. Украинаялда гъорлъ ругеб заманалдаги гьебго хIалтIи букIанила жиндир ва щолаанила 2000 гривна (гIага-шагарго 4000 гъурущ). Анкьго соналъ гIарацги бакIарун босанила жинца гьаб курткаян бихьизабуна гьелъ жиндаго ретIараб хинаб куртка. Гьанже гьелъие щолеб буго 60 азарго гъурущ. Россиялъ гьедин адаб гьабулей дие Украина щибизеян абуна гьелъ.
Гьединал пикраби руго чIахIиязул. Гьел урхъун руго советияб адабияталъухъ. Ленинил томгIаги босе жидееян гьарана гьез дида. Дица цадахъ босулеб руго лъабго тIехь: Борис Полевоясул «Повесть о настоящем человеке», Николай Островскиясул «Как закалялась сталь» ва Расул ХIамзатовасул «Молитва».
— КъватIисел улкабаздаса рагъухъаби ругищ гьанжеги нилъеде данде рагъулел?
— Руго, гьезул цIикIкIараселги – полякал, колумбийцал, Литваялдасагун Латвиялдаса. Гьезул ункъо легион гъурун бахъана. ЗахIматаб хIалалде ккедал, лъутизе гIамал гьабула доз. Гьаниб гIурусазул дандечIейго букIине гьечIин, кинабгIаги захIмалъи бихьичIого, гIемераб гIарац щолин маргьабиги рицун, рачIарал гьезда бихьулеб буго нилъер солдатазул къвакIиги бажариги. Украинаялъулал жалго жидецаго чIвала, асирлъуде ккунгутIизе. БандерачагIаз хIаракат гьабула чIаго хутIизе.
Нилъеразде гьесарал руччабазул цоялъ абуна, жиндир чагIиги ругила дозул рахъалда рагъулел. Дозие бокьилаанила Россиялде рачIине, амма щварал шапакъатазулги ккарал лъугьа-бахъиназулги цIех-рех гьабизе бугелъул, жидее гьаб рахъалда лъикI букIинарилан абулила. Зулму гьабун рагъде ритIун ругелъул, рагъазулъ гIахьаллъичIого рорчIилищха. Цогидалъ бицана, васас жиндие гIарац битIун бачIунилан: жиндирго картаялдаса Польшаялъул яги цогидаб пачалихъалъул картаялдеги битIун, хадуб щолила гьеб жиндихъе. Гьедин кIийиде рикьун руго дозул хъизамал.
— СВОялде инелдеги жакъаги Мурад Багьилов хисун вугищ?
— Рагъулъ цо къоялъниги гIахьаллъарав, доба бугеб хIал хIехьарав чи хисичIого хутIуларо. Рокъосезги абула, дун хъачIлъун вугилан.
— Гьезулгун бухьен гьабизе, телефоналдаса гьезухъе кIалъазе къварилъи букIунищ?
— Гьединаб заманги камуларо. Дицани лъазабун буго хъизаналдаги лъималаздаги, дун кIиго-лъабго къоялъ яги цIикIкIараб заманалъ кIалъачIогоян абун, ургъел чIван рукIунгеян. Кидаго гурелъул рес букIунеб рокъосезухъе ахIизе. Нижеца хъизамазда малъула, бухьеналда рукIинчIониги, чIахIиязда, ай эбел-инсуда, сон хъвадаранин яги кIалъалев вукIанин бицеян. Щайгурелъул чIахIиял чагIи къварилъун тезе бегьуларо. «Дихъе ахIуларо, чIужу хиралъун йихьула дуе», — ян эбелалъул бадибчIвайги букIуна. Долъ абулелъулха эбелалда, жиндихъе кIалъанин, кинабго лъикI бугин, ургъел гьабугеян абун. Гьанже кIицIул цIикIкIун эбелалъухъе кIалъалаха, барщунгутIизе (гьимана).
Мурад гьанже вуго медицинаялъул взводалда. Бокьараб заманалда къватIире рахъине ккола гьел, лъукъарал солдатазул тIалаб гьабизе. Тохлъизе бегьулареб иш буго гьеб. Гьединлъидал лъукъаразе кумекалъе рахъине хIадурго рукIунин абуна гьес.
Гара-чIвари гьабуна МадихIат ХIажиевалъ.
