Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамад ГIабасовас – 60 сон
Авар миллаталъул кочIолаб гъасда къадруялъ борхараб тах дурги буго. Намусалъ угьараб, яхIалъ бекIкIараб, хIурмат тIадегIанаб, тIокIлъи босараб.
МухIамад ГIабасов, халкъияв артист, хутIила дур кечIги халкъалъе даим. МагIарул кечIалъул къимат цIунарав, къиматалда вуго магIарулазе.
Бицана дур кечIалъ магIарул тарих, магIалгIан къвакIарал магIарулазул. ГIагарал мугIрузе ахIана дуца. АхIи бана гIадат-гIамал цIунеян.
Дур кечIалъ рачуна лъимерлъиялде, гIагараб росулъе, гьоболлъи базе. ГIолохъанлъиялъул сухъмахъазухъе, сухъмахъал хисарал шагьрабазухъе.
МагIарул ясазул сабру — дур кочIолъ. МагIарул васазул кьвари – дур кочIолъ. МагIаруллъиялъул гьогьен – дур кочIолъ. Гьуинлъи жубараб тIагIам – дур кочIолъ.
Пагьму-гьунаралъул щибаб хIокIалъул къиса буго нижей дур 60 сон. МугIрузда кьучI лъураб дур кочIол къисмат къарнабаз цIунила гIолел гIелазе.
Пагьму-гьунаралъул тIогьазда
МухIамад ГIабасов лъаларев чи магIарулазда гьоркьов ватиларин абунигицин, мекъи ккеларо. Аслияб къагIидаялда гьев лъала, кочIохъан хIисабалда. Рорхатал мугIруздаги согIал кьурабаздаги тIирщараб, барщараб МухIамадил кочIол дуниял цIакъго бечедаб буго. Дагьал церегIан къояз, МухIамадида гIумруялъул 60 сон баркизеги, жиндирго пагьму-гьунаралъул нухалъул хIакъалъулъ гьес бицунелъухъ гIенеккизеги, щвана гьесухъе Операялъул ва балеталъул театралде. ГьабсагIаталда МухIамад хIалтIулев вуго гьеб театралъул директорлъун.
Гьавуна ва гIуна МухIамад тIабигIат берцинаб Шамил районалъул Гьоор росулъ. Ва тIоцере гьенир рагьана вукIинесев халкъияв кочIохъанасул пагьму-гьунаралъул нуцIби. ГIагараб росдал сухъмахъазул хIалги бихьулаго, гьеб боржана магIаруллъиялде. Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. МухIамадил кечIин абуни, къобахъанагIан гIолохъанлъулеб буго…
1988 соналда МухIамадица лъугIизабуна Дагъистаналъул культпросветучилище. Гьелдаса хадув микьго соналъ хIалтIана гIагараб районалда. Гьеб цIалиялда гIей гьабичIо МухIамадица. ЦIализе лъугьана ДГПИялъул музыкалияб факультеталде.
МагIарул музыкалияб маданияталъул борхалъиялде вахунеб тIоцебесеб хIокIлъун гьесие букIана 1996 соналда «Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIар щвей.
ГIагараб районалда гIуралго соназги хIалтIун, МухIамад хъизангун цадахъ вахъана МахIачхъалаялде. Гьев хIалтIизе лъугьана гьанжего гьанже рагьараб Операялъул ва балеталъул театралде. Цадахъго творчествоялъулаб биография байбихьана «Дагъистан» кьурдул ва кочIол ансамблялда. 2005 соналда МухIамад ГIабасов мустахIикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тIадегIанаб цIаралъе.
2017 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго Операялъул ва балеталъул театралъе. Инсул кьварараб тарбиялъул нухдасан ана гьесул васалги Салман ва Белек. Инсуцаго гIадин, гьезги жакъа къоялъги, цIар лъезегицин захIматаб, магIарул музыкалияб маданияталъе хIабургъараблъун кколеб гьаб заманалда, борхатго ккун буго магIарул кочIол берцинлъиги чвахиги. Гьелги хIалтIулел руго гьебго театралда.
РакIалде щвезарилин, театралда хIалтIулаго, МухIамадица хIарал цо-цо ролалги:
— Г. ХIасановасул «Хочбар» асаралда — Хочбар, С. Рахманиновасул «Алекоялда» — гIолохъанав цыганав, Наби Дагиров «Ирчи Казак» — Ирчи Казак, Чайковский «Евгений Онегин» — Ленский, М. Кажлаев «Валида» — Мурад, А. Пушкин «Медный всадник» — Евгений ва цогидалги.
Миллияб маданияталъул хаслъиги цIунулаго…
МухIамадилгун, тIоцебесеб иргаялда, бицен ккана, жакъасеб магIарул кечI-бакъаналда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ:
— Нилъеца цIунизе ккола магIарул кочIол хаслъи. ХIисаб гьабуни, чанха вугев жакъа гьединав кочIохъан. КочIолъ рукIине ккола магIарул бахIарчияб халкъалъул тарихги, умумузул гIамал-хасиятги, гIолохъанаб гIелалъе гьарулел малъа-хъваялги. ГIолохъабазени гьанже гьединал кучIдул рокьулелгицин гьечIо. Гьел рагIабазухъцин гIенеккуларо, гьезие гIицIго кIанцIезе щвани гIола, кьурдулелинги абун. Дица абиларо гIолохъаби щибго бичIчIи гьечIел ругилан. Гьел гIезегIан цIодорал, гIакъилал руго. Амма гьезда рихьулел гьечIо магIарул кечI-бакъаналъул унго-унгоял концертал. Гьеб киналъулго ургъел тIаде босулев чи гьечIеб мехалда, хIасилги гьадинаб букIуна. Гьеб кинабго гIун бачIунеб гIелалда кIочене тани, нилъ рилизе-тIагIинеги рес буго. МацIги цIарги нилъеца хадусел гIелазе цIунани, хвасарлъизе буго нилъер миллатги. Дирги букIине буго концерт 28 ноябралда ГIурус театралда. Цо-цо мехалда ракIалде ккола рачIинадай гIадамалин абун. Гьезие жакъа бокьулеб буго батIияб кечI. МагIарул кочIол тIагIам кIочонеб буго.
Дица гьединго гIемер пикру гьабула, масала, жакъасеб магIарул кочIол хаслъиги хвезе течIого, гьеб ахIулебги гьелъухъ гIенеккизеги лъалеб, гьелъул тIагIамги бичIчIулеб жакъасеб нилъер гIел цебеса ани, кинабдай букIина магIарул кочIол къисматилан. Хвасар гьабизе ккараб хIал буго гIицIго мацIалъул гуребги – магIарул кочIолги! – ян бицана гьес.
КечIалъ лъикIлъиялде ахIула инсан
Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго кечI-бакъан гьукъараб бугилан. Гьелда тIасанги жиндирго пикру загьир гьабуна халкъияв артистас:
— Дир творчествоялъул аслияб темалъун ккола рокьи — ТIадегIанасде, диналде, ВатIаналде, эбелалде, гIага-божаразде, гьудул-гьалмагълъиялде, хъизан-лъималазде, чIужугIаданалде. Нижеца, кочIохъабаз, чIаго гьарула шагIирзабазул кучIдул. Масала, ХIамзатил Расулил «Къункъраби» кечI. Гьеб кечI дунялалдаго машгьурлъана кочIохъабаз ахIиялдалъун. Гьединабго къисмат буго цогидал кучIдузулги. ШагIирзабиги гьечIони, гьез хъвараб ахIизе кочIохъабиги гьечIони, дида кколаха, гIадамазе щолеб тарбиялъул бащдабгицин щвезе батиларилан. Масала, ЦIадаса ХIамзатил «ГIумруялъул дарсал», Инхоса ГIалихIажиясул «Кицабиял алфазал» ва цогидалги дунялалдаго машгьурал рагIул устарзабазул дарсазухъги гIенеккулел гьечIони, тарбия кьолел гьединалго кучIдулги рагIулел гьечIони, чIороголъизе руго нилъер ракIал. Унго-унгояб кечIалъ кьола кутакаб тарбия. Гьанибго абизе бокьун буго – кечI ахIулеб мехалда, гьелъул рагIабазухъ гIенеккизе лъалел ва бокьулел цIакъго дагьлъулел руго. Гьелде кIвар кьезе заманги некIого щун бугоан, пайда щибха – гьеб иш тIаде кколез гьелъул пикру гьабулеб гьечIеб мехалда…
Улбузул саринал лъица ахIилел?!
Миллаталъул букIинесеб къисматалъул ургъел бугел цогидал гIадамазего гIадин, МухIамадиеги цIакъ ургъел буго рахьдал мацIалда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул.
— Эбелалъ, кинидеги къулун, рахьдал мацIалда лъимаде ахIулеб кечIалдаса берцинаб сипатго бугебдай! Гьеб кечIалъ гурищ лъимералъе гIумруги кьолеб! Гьеб кечI гурищ даим нилъеда цадахъ бугеб, эбелалъ рахьдал мацIалда ахIараб кечI! Гьанжесел гIолохъанал улбуз щиб мацIалда ахIизе бугеб лъимадуе кечI, рахьдал мацI лъалеб гьечIони. Гьелъул буго нилъер пашманлъи — кинаб мацIалда абизе бугеб эбелалъ лъимералда нух битIагийилан. Щай махIрум гьабулеб лъимер гьеб берцинаб талихIалдаса?! Жакъаги урхъула дун эбелалъул сариназухъ ва цо лахIзаталъ гьитIинлъула, гIолохъанлъула… МацI — гьеб буго нилъер щивасе Аллагьас кьураб бечелъи. Гьелъул къимат гьабичIезда Досул ццин бахъине буго. ГIолеб гIелалда гьеб бичIчIизабизеги захIмат буго, мацIги цIарги наслабаз наслабазе цIунизе кколеблъи. МагIарухъ гьелъул иш квеш гьечIо. МугIрул чIаго ругебгIан мехалъ, доба мацI лъаялъе къварилъи букIинаро. КIвар кьезе ккун буго шагьаралъул магIарулазде…
Дагъистаналъул гIадаталги гIадахъ росун…
Ва гара-чIвариялъул ахиралда нижер бицен ккана Операялъул ва балеталъул театралъул хIакъалъулъ.
— Опера, балетилан рагIараб мехалда, гIемерисез цебечIезабула тIубанго батIияб сипат-сурат. Россиялда рукIунел гIадал. Нижеца хIаракат бахъула опера букIа, балет букIа лъолелъул, батIалъи гьечIо, Дагъистаналъул гIадатал-гIамалал цIунизе. Масала, ХIамзатил Расулил «Хочбар» ва «МагIарулай» асаразул кьучIалда лъурал операялдаги балеталдаги гьелъул гIахьалчагIазда тIад букIана Дагъистаналъул хаслъи цIунараб парталги магIарул росу-ракьги. Киназдаго бичIчIулеб хIалалда бицана ва бихьизабуна магIарул тарих. Гьелги ва цогидалги асарал рихьизарулеб мехалда, ГIурус театралъул кIудияб зал кидаго кьабгIун цIунги букIуна. РачIуна гьенире цIикIкIараб ригьалъул гIадамалги, гьединго гIолохъанаб гIелги. Гьелъго бицунеб гьечIищха тIадегIанаб искусство бичIчIулел гIадамал нилъер рукIинги. Дагъистаналъул къагIида гьелъулъ цIунун бажариги – гьеб буго театралъул гIахьалчагIазул пагьму-гьунаралъул тIадегIанлъи. Гьединал бажари бугел актераз ккураб театрги буго гьаб, — ан бицана МухIамадица.
Баркиял гIемерлъаги гIумруялъул нухазда
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги баркула МухIамад ГIабасовасда 60 сонилаб юбилей. Гьарула гьесул кочIое даимаб роржен, искусствоялъул бищунго тIадегIанал тIогьал мутIигI гьаризе къуватги жан-жигарги, пагьму-гьунаралъе — кидагосеб роцIенги буцIцIенги. Жеги гьарула гьев сахаватав инсанасе гIемерал соназул талихIаб гIумру. Биччанте гьесул кечIалъ жеги санаца рохизаризе магIарулал. Машгьурлъи щванагIан, гIадатиявлъун хутIарав магIаруласул кучIдузул хинлъи абадияблъун хутIаги Дагъистаналъул музыкалияб маданияталда. Цогиги — МухIамадил кочIол адаб гьабулезеги кIудияб рохеллъун букIина гьев вихьизавун вугин «Россиялъул мустахIикъав артист» абураб тIадегIанаб цIаралъейилан абураб хабарги. Жеги данделъила нилъ МухIамадил кучIдузул горсверуда 28 ноябралда…
Шамай Хъазанбиева
