Гьидерил кьоде щварав лъаратIисес, гьенив дандчIварав Лъахъ росулъа Шитмарида цIехон буго дуда цIар щибилан абун. Досги жаваб кьун буго Шитмар бугин. Шитмар абураб цIар чиясда букIине рес гьечIилан пикруги гьабун, гьоболас нахъеги цIехон буго: «Дуда цIар щиб кколеб?» — абун. Гьидалъес кIиабизеги добго жаваб кьедал, жив махсараде кколев вугин ракIалде ккарав лъаратIисес абун буго: «Шитмар щиб букIунеб, инсуца дуда лъураб цIар щиб?» — ян.
Цо пуланаб компаниялда, лъай-хъвай гьабулаго, цояс жинда цIар БахIричи бугин абидал, гIажаиблъана киналго. Дагьаб хадуб, тах роходе бахиндал, гьениб цо херасе бокьула гьоболасул рахъалъ лълъар борхизе. Гьеб борхизе вахъарасда, кигIан ургъаниги, ракIалде щоларо гьоболасул цIар, ахирги тату хварав чияс абула: «Дица лълъар гьекъолеб буго гьав БихIлакил сахлъиялдасан», — абун.
Лъимада цIар лъей ккола цIакъ жавабчилъи цIикIкIараб тадбир. ЦIар буго инсанасе тIоцебе щолеб, гьавидал гьесда рагIулеб ва гIумруялъ гьевгун хутIулеб калам. Нилъер умумузул цIараздехун букIун буго цIакъ беричаб бербалагьи. Гьел божулел рукIун руго чиясул цIарул цо кинабалиго балъгояб магIна, къуват букIунин абулеб жоялда.
НекIо гIадамазе ва тухумазе тIокIцIарал кьолел рукIун руго. Масала, рас чIегIерав васасда — ЧIегIерчи, берцинай ясалда — ХIурулгIин абун.
ЦIар буго инсанасе умумуз кьолеб бищунго тIоцебесеб ва къиматаб сайгъат. Цебе лъимадуе цIар кьолаго, умумуз гIакълу дандбалаан кьибилалъул чIахIиязда, ракIалде щвезарулаан хварал, рагъул-кьалул бахIарзал ва лъикIал гIадамал. ТIаса бищулаан чиясе яхI-намусалъул, бахIарчилъиялъул, къохIехьеялъул, берцинлъиялъул ва узданлъиялъул гIаламат жиндилъ бугеб цIар. Абула, бахIарчиял ва гIакъилал умумузул цIар лъурав чиясе гьезул гIамал-хасият щолиланги.
Чабхъад унаго, какал разе чIараб бакIалда цо муридас ХIажимурадида цIехон буго: «Дагъистаналдаго тIибитIун буго дур бахIарчилъиялъул хабар. Дуца хIехьолеб, нижеца хIехьолареб жо щиб бугеб? Дудаса къурабищ бугеб нижер бахIарчилъи?» — абун. КъотIи ккун буго хIалбихьизе. ХIажимурадица дов муридасул цабзазда гьоркьоб жиндирго килищ, досул килищ жиндирго цабзазда гьоркьоб лъун буго. КъотIиялда рекъон, гьалмагъас ишара гьабурабго, дагь-дагьккун килщал цабзаз данде къалел рукIун руго. Заман балалдего дов муридасдаса гьаракь борчIун вуго. Гьеб мехалъ ХIажимурадица абун буго: «Цо лахIзаталъги дуца яхI гьабун букIарабани, дидаса гьаракь борчIизе букIана. Цогидазда дандеккун, дица цо дагьабго цIикIкIун яхI гьабула, гьелъулъ буго дир бахIарчилъи», — ян.
Дагъистаналда ислам тIибитIизе байбихьараб XIV гIасруялдаса нахъе нилъер умумуз байбихьун буго лъималазда гIарабазул цIарал лъезе. Гьел цIараз бусурбанчиясда малъула цIодоравлъун, гIакъилавлъун ва бахIарчиявлъун вукIине. Мисалалъе, гIарабазул цо-цо цIаразул таржама: Сайгид (талихIав), Расул (Аллагьасул вакил), Камал (гIакъилав), Къурбан (разияв)… Щибаб тухумалъул вукIуна аварагасул, асхIабзабазул цIар лъурав чи. Бихьиназда: МухIамад, ГIиса, Ибрагьим, ГIали. Руччабазда: ПатIимат, ГIайшат, Хадижат…

УргъичIого лъурал цIарал
Инкъилабалдаса хадуб байбихьана батIияб гIумру-магIишат, лъималазда лъуна батIи-батIиял цIарал. РукIана, рагIаби къокъ гьарун, ургъарал гIажаибал цIаралги: Мэлс — Маркс, Энгельс, Ленин, Сталин; Мират — мирный атом, Владилен — Владимир Ильич Ленин.
ЧIахIияб гIелалда гьоркьор цо-цо дандчIвала жидерго цIараздаса нечолел, гьезул гIемераб квалквал букIунилан гIарз гьабулел чагIи. Гьеб ккола ургъичIого, нилъер гIадат-гIамал хIисабалде босичIого, эбел-инсуца жидерго лъималазда цIарал лъеялъул квешаб хIасил. Масала, дида цадахъ ДГУялда цIалулев вукIана «Ноябрь» абун цIар бугев лезгияв. Жинда гьединаб ресукъаб цIар лъунин абун, саламатаб ракIхвей букIунаан гьесул жиндирго эбел-инсудаса. Гьес абулаан жинде Юра абун ахIеян.
ХIисаб гьабеха хадусел цIаразул ахIизе ва хъвазе бугеб захIмалъиялъул: Ворошилов, Киров, Буденный, Терешкова, Сталина, Октябрина… Гьайгьай, лъималазги гьединал цIарал ругел чагIи махсараде кквечIого толаро. Гьединлъидал, лъимада цIар лъолаго, лъикIаб букIуна росдал, миллаталъул гIадатал цIунани ва тухумалъул чIахIиязда дандбани.
Цо-цоязда ккола лъимадуе цIар кьей бигьаяб жо кколин. Гьединал умумуз, ургъичIого, магIна цIехечIого лъола лъималазда цIарал. Гьединлъидал Дагъистаналда руго Мадридалги, Колябиги, Сократалги, Миланалги, Камиллабиги, Дианабиги, Анжелабиги…
Чиясул хIакъалъулъ гIемераб жо бицуна цIаралъ. Умумузулгун рухIияб ва маданияталъулаб гьоркьоблъи тIечIого букIиналъе, чиясда лъазе ккола жиндирго цIаралъул магIна. Масала, «Нури» абулеб дир цIаралъул магIна ккола: нур, канлъи, къалъи, канлъул чIор. Гьединаб берцинаб, къокъаб, бигьаго ракIалда чIолеб цIар дие кьурал дир умумузе дица баркалаги кьола.
Хваразул цIар лъола цIигьаруразда
«Дир Дагъистан» абураб тIехьалда Расулица хъван буго: «ЦIар» абураб рагIул кIиго магIна буго магIарул мацIалда. Цо лъураб цIар, цо щвараб цIар — машгьурлъи. ЦIарни вараниялдаги лъола, амма чиясул цIар лъикIлъиялъул рахъалъ кIалухъ бахъизе кьураб буго», — ян.
МагIарул цо росулъ букIун буго ясазда цIар лъеялъул гIажаибаб гIадат. Лъимер гьабулей гIаданалъе бигьалъи букIунин абун, гьеб гьабун бахъинегIан цояс Къуръан цIалулеб букIун буго. Яс гьаюни, гьелда лъезе цIарги хIадурун гьечIони, Къуръан цIалулес ахиралда абураб рагIуде тIаде «атги» жубан, лъолеб букIун буго ясалда цIар. Масала, РахIимат — гурхIел-рахIму бугей, СалихIат — лъикIлъи гьабулей, Кавсарат — алжаналда бугеб гIоралъул цIар.
ХIикмалъизарула цо-цо умумуз жидерго лъималазда ургъичIого лъурал, рагIизе, ахIизе бокьуларел, гIажаибал, гIантал цIарал рагIидал. ХIисаб гьабеха, кинаб захIмат букIунеб чиясе тIубараб гIумруялъ хадусел цIарал хадур рехъерхъизе ккедал: ГIонкIкIолав, Чохьолав, Бербуго, КIилъилай, Кьукьуле… Гьединал цIарал ругел цо-цояз, паспортал росулаго, жидерго цIарал хисула.
Расулил гьал жугьабаз нилъеда малъулеб буго лъималазда цIарал лъезе лъикIаб къагIида:
«Дир ракьалда кьалда
гIадан холаро,
Хваразул цIар лъола
цIигьаруразда.
Ва рижула васал меседил гIадал,
Инсул цIарги лъурал
жеги камилал».
Ахирал соназда магIарухъ модалъун лъугьун буго, жеги чIахIиял умумул чIаго рукIаго, лъималазда гьезул цIарал лъолеб къагIида. Гьеб ккола нилъер умумузул букIинчIеб гIадат. «Хведал лъималазда ниж кIочона, гьезда божуларо, ниж гьез, цIар лъун, кIодо гьаруларо», — ян абулеб гIадаб жо.
ГIурусазул цIарал
Буго цоги цIакъго сурукъаб гIадат. Умумуз лъурал цIаралги гIодоре рехун, Россиялъул шагьаралда бизнесалда ругел нилъер гIолохъабаз росулел руго гIурусазул ва жугьутIазул цIарал. Цо гьединасулгун дагIба ккана дир. ЧIванкъотIун гьес абуна, гIурус цIар бугони, Россиялда гIарац гьабизе бигьаго букIуна, — ян. ЦIар хисиялдаса бер бахъиго лъикIин абулаан умумуз. Хирияв МухIамад авараг кIодо гьавун, эбелалъ лъураб цIар гьес Роман абун хисун буго. Гьулакалде тIадеги къулун, эбелалъ ахIарал: «Дир МухIамад, МухIамад, махI берцинаб карул гъветI, квине лъикIаб пихъил гъветI» абурал берцинал рагIаби гьесие щайха? Гьанже Романида гIарцул гурони мацI бичIчIуларо.
«ЦIарал, цIарал, цIарал, берцинал цIарал, цIунизе умумуз нилъехъе кьурал», — абун ахIулеб кочIолъ ругел рагIабазул буго кIудияб магIнаги, босулесе кьолеб камилаб гIакълуги, амма киназго гуро гьезул гъварилъиялъулги камиллъиялъулги хIисаб гьабулеб.
«Азарго вас гьавеги,
Азарго яс гьаеги
БачIунебщинаб соналъ
Щибаб рокъоб магIарухъ».
Расулил гьеб кечI-дугIа къабуллъизабеян Аллагьасдаги гьарун, бокьун буго гIолохъанал улбузе гьадинаб гIакълу кьезе. ЦIар ккола кибниги хъвай-хъвагIай гьечIеб чиясул паспорт, гьесул гьумер, хасият, гIамал, гIадат. Лъимада цIар лъей ккола цIакъ ургъун улбуз гьабизе кколеб иш ва жавабчилъи цIикIкIараб тадбир. Тухумалъул кIудияздаги, гIумруялъул хIалбихьи бугезда дандги бан, нилъ магIарулал рукIинги хIисабалде босун, бахIарчиял, яхI-намус бугел, лъикIал чагIазул цIаралги цIалкIун лъураб цIаралъ берцин гьабила нужер лъималазул гIумру-магIишат.
Нури Нуриев