
Авар театралъул 90 сонил тарихалда жаниб гьелъ магIарулазе сайгъат гьаруна чанги гьунар тIокIал, такрарлъи гьечIеб махщалил артистал. Гьеб сияхIалда гьоркьоб мустахIикъаб бакI ккола Дагъистаналъул халкъияв ва РФялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевасги. 8 октябралда гьесул гIумруялъул тIубана 80 сон.
ХIусенида юбилейги баркизе, гьесул гIумруялъул нухде цоги нухалъ берги щвезабизе церегIанго къоязда машгьурав артистасухъе гьоболлъухъе ун рукIана ниж.
Жиндиего хасиятаб къагIидаялъ аваданаб ракIгун, щивасе рекъолеб махсараялъулаб каламгун дандчIвай гьабуна ХIусеница.
Ахирал соназда сахлъиялъул иш дагьаб нахъеккун букIаниги, щибниги хIал лъазе биччачIого, гьурмада гьимигун, гIужилаб каламгун, рагьараб ракIгун — щибго тIаса камичIого гьадавго магIарулазе хирияв ХIусен вуго гьев гьабсагIатги.
Киданиги лъугьинчIо гIадамал релъизаризе
— Цо-цояз гьабсагIатги дун вихьараб лахIзаталъ абула, гьалейила дов, гIадамал релъанхъизарулев чийилан, — байбихьана ХIусеница бицине. — Амма дун киданиги залалъув вугев чи велъизавизейин абураб мурадгун сценаялде вахъинчIо. Дир тIубанго батIияб масъала букIана. Дие бокьун букIана дица хIалев героясул жанисеб рахъ — гьесул гIамал-хасият, психология бихьизабизе. Дица кигIан жавабияб драмаялъулаб роль хIаниги, релъулел рихьулаан залалъур гIодор чIарал.
Гьанже бицана, «Камалил Башир» драмаялда, Башир чIвазе Камалица гIащтIи борхулеб мехалъ релъулел рукIанила залалда цо-цо чагIи. Гьеб битIун гьечIо. Дида ккола гьениб гIемераб жо бараб бугин режиссерасдаги, роль хIалев актерасдаги. ТIуванго гьеб ролалда жанив вуцун гьавурав гIадин лъугьине ккола гьев, залаллда гIодор чIарал божизе ккани, гьезие унго-унгояб асар гьабизе бокьани.
— ТIоцебесеб роль ракIалда бугищ? Театралде сунца мун цIарав?
— МагIарул театр дие кидаго хирияб букIана. ГьитIинав чи вукIинарищха дун доб мехалъ, тIоцебе росулъе театр бачIиндал. Доб мехалъ гьелъухъ балагьизе билет босизе гIарац нижер букIунароан, нижехъе кьезе эбел-инсулги букIунароан гIарац. ЗахIматал, рагъда хадусел сонал рукIана гьел.
Амма щиб рес батунги спектаклялде ворчIизе гIамал гьабулаан росулъ. НуцIихъан ине щвечIони, гордухъан, гордухъан рес ккечIони, гъоркьарокъосан ворчIизе хIаракат бахъулаан. ГьедигIанги хирияб букIана театр. Амма доб мехалда актерлъун цIализе ине бокьун бугин абун букIарабани, щивго божилароан.
Школа лъугIидал, документал кьуна ДГУялъул филологияб факультеталде. ТIоцебесеб курс лъугIараб мех букIана, радиоялдасан рагIана Тбилисиялъул Шота Руставелил цIаралда бугеб театралияб институталде гIолохъаби цIализе росулел ругин абураб лъазаби. Гьеб мехалъ гъира ккана дирги. Кин букIаниги, цин Авар театралъул директорлъун дол соназ вукIарав МухIамад Батировасухъе ана пикру дандбазе. Доб мехалъ театр Буйнакскиялда букIана. ХIалтIизеги восилин, цIализе айилан абуна гьес. Щвана дунго цIалулев вукIараб университеталъул ректорасухъе, хъвана гIарза ва сапар бухьана Типлисалде. Ахиралде щвезегIан гьениве унев вукIин бахчана, хIатта эбел-инсудацин лъалароан. Типлисалде унеб къоялъ бицана гьезда. Щивлъун цIализегIаги унев вугевилан цIехана инсуца. Артистлъунилан жаваб кьуна дицаги. ГIумруялъго артистлъи гьабизе цIализе унев ватани, расги лъикIаб жо гуроха гьеб, дир василан кIалъана эмен. Инсуда бичIчIулебгIаги букIун батилаха артистасул гIумру кинаб жо букIунебали. Гьедин ана театралияб институталде. Иналдаса ракIги бухIичIо.

ГIасрудул бащалъи сценаялъе кьуна
— 1969 соналъ институтги лъугIун, артистасул дипломгун вуссана Дагъистаналде. Театрги 1968 соналъ Буйнаксиялдаса МахIачхъалаялде гочун букIана. Гьелдаса нахъе байбихьанин абизе бегьула театралъул гIумруялъул цIияб тIамач. Гьеб цIияб гIумрудул чвахиялда гьоркьове жувазе щвана диеги.
— Щивгун цадахъ ролал хIазе бигьаго букIараб?
— БатIи-батIиял рукIунаха актерал. Цоял цадахъ роль хIазе бакIал, гIамалги, хIалги, пикруги рекъезабизе кколел. Мисалалъе, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалда цадахъ роль хIазе бигьаго букIунаан. Амма цо нухалда, цадахъ цо спектаклялда роль хIазе кколей йикIарай гьейги унтун, гьелъул бакIалде ячIана мунагьал чураяй ПатIимат Хизроева. Щиб ккарабали лъаларо, амма гьелъ жиндирго квераз дир кIиябго квер ккведал, дида текст кIочана. Дой дунгун хIазе кколей йикIаралъул кверал рукIана хIеренал, тамахал. КIалдибе лъим босарав гIадин вуцIцIун чIарав дихъги ялагьун: «Мун щай кIалъаларев?» — абун гьикъана Хизроевалъ. Амма дида хваниги текст ракIалде бачIинчIо. Кинго дун кIалъачIеб мехалъ: «Гьа, дун кингоги ячIунаро дуе», — ян диде кверги хьвагIун ана гьей сценаялдаса нахъе.
— ПатIимат, дур кинаб бербалагьи букIараб гьединал лахIзатаздехун? Мун щакдарулаанищ ХIусенида, — ян цIехана нижеца гьесул лъадуда.
— Киданиги щакдаричIо. ГIолохъанаб заманалда цо-цо гьединал жал рукIаниги, киданиги лъазе течIо дирго ракIхвей. Гьев дихъа лъицаниги вахъулареблъи лъалеб букIун батилаха, — ян абуна гьелъги елъулаго.
— Дурги гьалъулги лъай-хъвай кинха ккараб, ХIусен?
— Дица театралияб институт лъугIараб сон букIана. Типлисалда йикIарай гьалъул гьалмагъалъ алъухъе битIараб цо посылка букIана дихъе кьун. ПатIимат йикIана пединституталда цIалулей. Гьенивго цIалулев вукIана дир вацги. Хадуй, гьалмагъгун цадахъ дица гьей ахIана спектаклялде. Гьедин ккана нижер лъай-хъвай. Гьелдаса нахъе цадахъги руго.
— Иргадулаб ролалде хIадурлъи кин унеб артистазул? Сундулъ бугеб хаслъи?
— Театралде пуланав авторасул пьеса бачIиндал, гьеб цин къабул гьабизе ккола театралъул худ.советалъ. Гьез тасдикъги гьабун, мугьруги кьабун гурони гьеб нижехъе кьоларо хIазе. Лъица щиб хIазе бугебали цебеккунго дандги бала.
Цогидал актераз кин гьабулебали дида лъаларо, амма хIазе бугеб роль дихъе кьун хадуб гьеб лъикI, ахха-тIараде щун лъазабула. Пьесаялда жанив гьев герой щив кколев, кинав чи вугев, гIамал-хасият, пикру гьабулеб къагIида, ретIа-къай, гьев кIалъалев куц — кинабго рагIа-ракьанде щун лъикI цIалула, лъазабула. Гьелде тIадеги дицаго жубала гьесул жанисеб психология, гьесул гьаракьалъул хаслъи, гьетIа-къули, велъулеб къагIида — жанисебги къватIисебги образ, тIабигIат, сипат-сурат мухIканго диего рагьула. Гьедин малъулаан нижеда театралияб институталда цIалулеб мехалъ.
Гьелдаса хадув вахуна сценаялде, лъазабула сценарий. Гьебги, рекIехъе цIалулеб кечI гIадин гуреб, гьеб лъазабулеб къагIидаги батIияб букIине ккола актерасул. Мисалалъе, кечI гIадин гьебги лъазабун цеве вахъани, гьеб роль кколаро, дуца гьеб рекIелъан биччазе ккола. КIиго сагIаталъ гIумру гьабизе ккола пуланав чиясул образалда. Дур гьаракьги хисизе ккола. ГьабсагIат мунги дунги кIалъалеб мехалъ гIадаб гьаракь бугони, гьеб данде кколаро сценаялда. Дуца гьабураб калам рагIизе ккола залалъул щибаб бокIнилъе.
Киноялда хIалев артистасул роль тIубанго батIияб букIуна. Гьенив щивав героясе дандекколеб лага- черх тIаса бищизе рес букIуна режиссерасул. Мисалалъе, цо пуланаб роль хIазе гьенив анцIго чицин вукIуна вихьизавун. Гьелда абула кастингилан. Гьев анцIавго чиясда гьоркьоса тIасавищун ахиралда тасдикъ гьавула цо чи. Диего киноялдасаги театралда хIазе бигьаго букIуна. Киноялда, мисалалъе, хасалил заман бугони бищун ахиралда, гьеб бищунго цебе бахъула. Хадуб кIочона тIоцебе хIан букIараб эпизод. Гьедин щибаб дубль батIаго, бутIа-бутIабиккун рахъулел рукIиналъ, киноялда мун хадув гъоларо цо-цо жалазда. Театралда бигьаго букIуна.
Шекспирил Гамлетги, къирал Лирги
-ХIусен, 1969 соналдаса нахъе гIемерал ролал хIана дуца. Гьединго 2021 соналъ дуца хIадур гьабураб «Кьурулъ хутIарав ГIалиги» лъикI къабул гьабуна магIарулаз. Режиссер хIисабалда, рукIанищ рагIалде рахъинчIого хутIарал хIалтIаби?
— Дида ракIалдани гIемерал жал рукIана, мунагьал чураяв СалихI Имангъолов хваралдаса диде хьулги букIана Авар тетралъул. «Кьурулъ хутIарав ГIали» малъичIого, дица жеги чанго маргьаги хIадурана Авар театралъул сценаялъе. Гьелги лъуна. Гьединго рукIана жеги хIисабалде росарал цоги проектал. Амма БетIергьанас батIайиса хъван букIун буго, щибха гьабилеб?
Актер хIисабалда, диего бокьун рукIаразда гьоркьоса хIачIого хутIарал ролал рукIана Шекспирил «Къирал Лир» драмаялдаса ханасул ва Гамлетил ролал. «Къирал Лир» дицаго магIарул мацIалдеги буссинабун, гьабсагIатги дир рокъоб буго гьеб гIодоб лъун. Амма батIи-батIиял гIиллабазда бан, сценаялда лъечIого хутIана.
Шекспирил Гамлет буго гIолохъанав актерас хIазе кколеб роль. Театралде вачIаралдаса нахъе дида кидаго гIолохъанчиясул роль хIазе тIадкъалаан. Сонал аниги, дун гьеб образалъе дандекколевлъун хутIана. Дир я чехь бачIинчIо, я кIаркьаби гургинлъичIо. Лага-черхалъул чIурканлъиялда барабги гIемераб жо букIунелъул актерасул хъулухъалда. Мисалалъе, бакътIерхьул пачалихъазда, гьединго Россиялъул театразда буго кьварараб низам — дуца мунго вичча-вихъан тани, кьаралъизе лъугьани, я харжалдаса махIрум гьавула ва духъе ролал кьоларо, ялъуни тIуванго театралдаса нахъе витIула. Нужедаги рагIун батила, киноялда цо пуланаб роль хIазе ккани, актер 20 килограммалъ хIалакълъизе кколин цебе шартI лъолаан. Гьедин гьабизеги ккола. Актер вукIине ккола «речIчIани къадалъ, къосани хIоболъин» абухъе. Бичча-бихъан къаркъалаги тани, тIаде килограммалги рачIани, черхалъул чIурканлъи гуребги, берцинлъиги хола. Гьединлъидал дица гIемер абула театралъул жакъасел гIолохъанал актеразда: нужедаго хадуб халкквей, чучлъизе чIоге, кьаралъизе рукIунгеян. Бищунго кьварарарал судияллъун нилъго рукIине ккола, цогидаз гIайибчIвалеб хIалалде ккечIого рукIине.
ХIакъикъаталдаги гIемераб хабар ккана нижер гьеб къоялъ. Хабар-каламги букIана ракI рагьараб, аваданаб, махсара-хочI гIемераб. Машгьурав актерас ракIалде щвезаруна жакъа нилъгун гьечIел, театралъул тарихалда кIочонареб лъалкI тарал артисталги: ГIабдурахIман Магаев, Басир Инусилов, Зайнаб Набиева, ГIайшат Къурбанова, МахIмуд ГIабдулхаликъов, Муса ГIабасов, Асият Мамаева ва цогидалги. Гьайгьай, тIадехун цIарал рехсарал ПатIимат Хизроевагун Сидрат Мажидоваги.
Макъалалялъул байбихьуда абухъе, исана 90 сонил тарихалъул тIамач нахъехун бегулеб буго нилъер миллияб театралъ. Гьелъ нахъа тараб бечедаб, хвел гьечIеб нухда цIализе бегьула гьединалго хвел гьечIел артистазул машгьурал цIаралги. Гьел цIаразда гьоркьоб мустахIикъаб рукIелги ккун, наслабазе мисалъун хутIила ХIусен Казиевасул цIарги.
Ашахан Юсупов