Республикаялда буго 6000-ялдасаги цIикIкIун тарихияб объект. Гьезда гъорлъ руго некIсиял сиялги, рагъулал хъулбиги, басриял мажгитазул хутIелалги ва цогидабги. Къокъго абуни,
ракI тIаде цIалел, гIемерав чиясе интерес бугел тарихиял бакIал гIезегIан руго. Гьел киназдаго сверухъ хIалтIи гьабулеб идара ккола ДРялъул Маданияб ирс цIуниялъул рахъалъ агентство.
Гьелъул нухмалъулев МахIач Мусаевасул гIахьаллъигун, 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана пресс-конференция. 6000 тарихияб объекталда гьоркьоса 2000-яб гурони гьечIо федералияб сияхIалде босараб. Гьединго, МахIач Мусаевас абухъе, гIемерал бакIал рагIула жеги гьезул, ай агентствоялъул сияхIалде росичIелги.
Республикаялъул бечелъилъун рикIкIунел гьел бакIал рикьула лъабго тайпаялде. Гьелги ккола тарихиял назарал (памятникал), ансамблял ва цогидал.
Умумузул щибаб кверагъари бихьулеб хIалалъ цIунизе ккола
Жалго назаралги рикьула тарихиял ва архитектуриял тайпабазде. Тарихиялин абун гьезда цIар чIваялъе гIилла ккола кинаб букIаниги тарихияб лъугьабахъиналъул нугIзаллъун
гьел рукIин. Масала, Гъуниб районалъул Къорода росулъ бугеб некIсияб мажгит. 1832 соналда кIиабилев имамлъун ГьоцIалъа ХIамзат вищана гьенив. Амма гьединаб кIвар бугеб тарихияб лъугьабахъиналъул нугIлъун кколеб гьеб мажгиталда сверухъ, гьанже заманалъул шартIазда рекъон гьарун ругел хIалтIабаздаса рази гьечIолъи загьир гьабуна МахIач Мусаевас.
Гьединаб тарихияб бакIалде щведал, гIажаибаб асар гьабула. Гьениса умумузул гIетIулги бихьинчилъиялъулги махI чIвалеб бугин ккола. 300-400 соналъ цебего букIараб гIадаб ахIвал-хIал гьединал бакIазда цIунизе кIвей буго жакъа бищун кIудияб масъала. РугебгIан мехалъ, бажарарабгIан заманалда, умумузго ран ратараб хIалалда гьел бакIал наслабазе цIунизе ккола нилъеца. Квеш ккараб жо буго гьезул кIвар кинавго чиясда бичIчIунгутIи. Мисалалъе, цо некIсияб магIарул росулъ хутIараб, умумузго бан букIараб некIсияб мажгиталъул ялъуни рукъалъул, яги сиялъул бетIергьанлъун ватулев вуго тIоцебе гьелъие кьучI лъурав чиясул анкьабилеб наслуялъул чи. Гьесин абуни, тарихалъеги маданияталъеги кигIан кIвар гьелъул бугебали санцин гьабичIого, жиндиего цIияб мина базе биххизабулеб буго. Жиндир умумузул бакI бугин, бокьараб гьабиларищин кIалъала.
Гьединал гIадамалгун хIалтIизеги цIакъ захIмалъула. ГIолеб гIелалъе мисаллъун букIине, маданияталъул ирс хIисабалда, цIунизе хIажат бугин гьеб бакIилан абуни, тIоцебе кьо
леб суал букIуна жиндие щиб гьелъ кьезе бугебин абураб. Хадубго цун кьола кIиабилебги суал, ай жиндие щоле-толеб жо букIунищин абураб, - ан бицана М. Мусаевас.
Хрюг росдал мажгиталъул сиги
Бищун машгьурал бакIаллъун ругин абизе бегьула Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъалаги», Гьооргун КъахIир ругел некIсиял сиялги. ВачIанщинав туристги уна
гьезухъ балагьизе. Гьезул кумекалдалъун кисакибего гьезул цIарги рагIулелъул, гьел бакIал рихьизе рачIунезул къадарги гIемерлъулелъул, гьел цIи гьарун къачIазе ракIалда бугищ агентствоялдаян Мусаевасда гьикъидал, гьес гьадинаб жаваб кьуна:
- Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул хъала» жеги щулаго бугин абизе бегьула. ГIагараб заманалда хIалтIи гьабизе ккараб хIалалда гьечIо гьеб. Гьаадерил ва къехIдерил некIсиял сиязул бащдал жеги сах-саламатго ругониги, хутIарал бащдал цIи гьарун къачIазе кколеб хIалалда руго. Нижеда ракIалда буго некIсиял сиял ругел росаби музей-заповедникаллъун лъазаризе. Гьедин гьабуни, пайдаги букIина. Мисалалъе, Гъамсукь росдал хутIелазухъ балагьизе къойида жанив азарго туристги вачIуна. Гьезие белтал ричулеб къагIида гьабизе щай бегьулареб?
М. Мусаевас бицана лезгиязул Хрюг росулъ бугеб мажгиталъул хIакъалъулъги. 22 метр бугеб си рагIула гьелъул. Республикаялда руго умумуз рарал мажгитал. ГIага-шагарго
450 мажгит. Гьездаго гьоркьор руго насраниязул килисабиги. Масала, Кала-Корейшалда буго гьединаб мажгит, Дербенталда буго. Югалъулаб Дагъистаналда гIемер руго гьединал бакIал.
Дие асар гьабураб мажгит буго Генуб росулъ. 13 соналъ цеве щун вукIана гьениве. Кавказалъул имамзабаз жаниб какги бараб, 250 сонги балеб мажгит ккола гьеб. Гьениб жакъаги бессун бугин ккола дол гьалдолел къоязул бухIиги асарги. Нилъер умумузул чIухIиги, къвакIиги, яхIалъул борхалъиги гьелда жаниса тIагIинчIого бугин ккола. Гьалдаса хадубги наслабазе, умумузго ран рукIараб къагIидаялъ, гьезулго архитектурияб хаслъигун ва берцинлъигун цIунизе лъикIан гьел, - ин бицана МахIач Мусаевас.
Кала-Корейшалъул киналго ресал ругин гьеб дунялалъулго кIвар бугеб тарихияб бакI хIисабалда ЮНЕСКОялъул сияхIалде босизеянги абуна гьес. ГьабсагIаталда гьеб сияхIалда
буго гIицIго Дербенталъул Нарын-Хъала.
Сурат босана гьаб сайталдаса —