Социалиял гьиназда руго магӀарулазул батӀи-батӀиял къокъаби. Цояз кӀвар кьола рахьдал мацӀгун адабият ва маданият машгьурлъизабиялде. Цогидаз гӀуцӀула гурхӀел-рахӀмуялъул тадбирал. Киназулго аслияб мурадги буго халкъ гъункизаби, магӀарулазда гьоркьоб питна-кьал тӀагӀинаби ва гӀаммаб ишалъе гӀоло халкъ цолъизаби. Гьел къокъабаз гӀуцӀула чанги пайдаяб тадбир. МагӀарул районазде хьвадулеб нухда бугеб БагӀараб кьо биххидалги, гьеб къачӀаялда хадуб халккун, кумекан ахӀани, хӀалае рахъине хӀадурго рукӀана магӀарулал. Гьеб рахъалъ кӀудияб хӀалтӀи гьабун буго «Авар сиясат» абураб жамгӀияб къокъаялъ.

Гьал къоязда редакциялде рачӀун рукӀана гьеб къокъаялъул вакилзаби Гъайирбег ГӀабдулаев, Сидрат ГӀалибегова, МухӀамадсагӀид CагIидов ва Камил МухIамадов. Гьез бицана дагьалъ цебе ГъазимухӀамад имам ракӀалде щвезавиялъул хӀурматалда Хьаргаби районалъул КӀикӀуни росулъ тӀобитӀараб волейболалъул турниралъулги БагӀараб кьода сверухъ бугеб ахӀвал-хӀалалъулги хӀакъалъулъ.

ГъазимухIамад имамасул хIурматалда - волейболалъул турнир

Гьелъул аслияв гӀуцӀарухъанлъун вукӀана «АхӀулгохӀ» абураб Дагъистаналъул регионалияб жамгӀияб гӀуцӀиялъул нухмалъулев Гъайирбег ГӀабдулаев. «Гъоркьиса нижеца кӀудияб хӀурматалда гӀуцӀун рукӀана ГъазимухӀамад имам гьавуралдаса 230 сон тӀубаялъул тадбирал. Масала, МахӀачхъалаялда, «Труд» стадионалда, тӀоритӀана миллияб спорталъул 11 тайпаялъул къецал.

Исанаги ракӀалде ккана имамасул ватӀаналда кинаб букӀаниги тадбир гӀуцӀизе. Гьелъул хӀакъалъулъ бицун, дун ана Унсоколо районалъул Генуб росдал администрациялде. Гьенир гьечӀоан турнир тӀобитӀиялъе санагӀатал шартӀал. Гьезул изнуялдалъун пикру ккана тадбир Хьаргаби районалда гӀуцӀизе. КӀикӀуни росулъ буго «Лига гор» абураб идара. Гьелъул нухмалъулев ХӀамзатов Насрулаца разиго къабул гьабуна нижер пикру. КӀикӀундерил жамагӀаталдаги, гьезул бегавуласдаги, районалъул администрациялъул бетӀерасул ишал тӀуралев МухӀамад МухӀамадовасдаги дандбан, хӀадурана турниралъул программа.

Турнир букӀана 31 октябралда - тӀоцебесеб ноябралда. Гьенибе ахӀун букӀана 11 команда ва гӀахьаллъизе бачӀана микьго. Гьезда гьоркьоб букӀана Чачан Республикаялдаса Шали районалъул командаги. Турниралъул бетӀерав судиявлъун вукӀана КъахIиса Камил», - ан бицана Гъайирбегица.

Турнир тӀобитӀиялъе квербакъаралъухъ гьес баркала загьир гьабуна Хьаргаби районалъул бетӀерасул ишал тӀуралев МухӀамад МухӀамадовасеги, МухӀамадов МахӀачил бетӀерлъиялда гъоркь жигараб гӀахьаллъи гьабураб КӀикӀуни росдал жамагӀаталъеги, Генуб ва ГӀашилтӀа росабазул вакилзабазеги, гьалбадерие тӀагӀамаб квен хӀадурарал богогьабазеги. «Жакъа кинабгӀаги тадбир гӀуцӀун бажаруларо, гӀарцул рахъалъ кумек гьабулел спонсорал гьечӀони. Турнир тӀобитӀиялъе гьединаб кумек гьабиялъул рахъалъ дица къотӀи гьабун букӀана ГъазимухӀамад имамасул тухумалъул чиясулгун, амма гьесул рес рекъечӀо гьелъие. Турнир байбихьизе лъабго къо хутӀун букӀана. Гьеб мехалда дица кумек гьарана «Дари добро» абураб рахӀмуялъул къокъаялъул нухмалъулей, «Авар сиясат» къокъаялъул гӀахьалчӀужу Сидрат ГӀалибеговалда. Гьелъ къокъабазде лъазаби битӀана, ва гьедин бакӀарана турниралъе хӀажатаб гӀарац - 55 азаргоялдаса цӀикӀкӀун гъурущ. КӀудияб баркала буго гьел жамгӀиял къокъабазда ругел магӀарулазе нижее гьабураб кумекалъухъ. Кумекалъе ватана «Мусабакъат» абураб спортивияб гӀуцӀиялъул нухмалъулев ГӀабдулагьги: гьес хӀаракат гьабуна кубокал росиялъеги цогидалъеги», - ян бицана Гъ. ГӀабдулаевас.

Турниралда бергьенлъи щвараб командаялъе кьуна 50 000 гъурущ, кӀиабилеб бакӀ щваразе – 30 000 гъурущ ва лъабабилеб бакӀалъухъ – 20 000 гъурущ. Киназего кьуна кубокалги, медалалги, дипломалги. Цоги букӀана щуго номинация: «Бищун лъикӀав защитник» ва гь.ц. Гьезие кьуна кубокги, дипломги, имамасул суратги.

ТӀоцебесеб бакӀалъе мустахӀикъ­лъана Хунзахъ районалъул команда, кӀиабилеб бакӀалъе – Чачан Республикаялдаса Шали районалъул команда ва лъабабилелъе – Шамил районалъул команда. Гьалбал рукӀин хӀисабалдеги босун, чачаназул командаялъе кьуна ГъазимухӀамад имамасул 230 сон тӀубаялде риччарал медалалги Баркалаялъул кагъатги. Баркалаялъул кагъат битӀана Шали районалъул бетӀерасеги.

ТӀасияб соналда кӀодо гьабизе буго Шамил имам гьавуралдаса 230 сон тӀубай. Гьелде хӀадурлъи гьабизе буго, ДРялъул Физкультураялъул ва спорталъул министерствоялъулгун дандги бан, гьез гӀарцул кумек гьабиялде хьулги буго.

Камил МухIамадов (турнира­лъул бетӀерав судья): «Имам Гъа­зимухӀамадилги Кавказалъулги тарих лъалел гӀадамал дагьлъулел руго. ЦӀалулел гьечӀо тӀахьал, газетал, журналал. ГӀолеб гӀелалъе аслияб жолъун лъугьун руго телефон ва цогидал гаджетал. Гьединлъидал имамасул хӀурматалда тӀобитӀараб турниралъухъ балагьизе бокьаразе рес кьуна нижеца, VK-ялда «прямой эфирги» рагьун. Гьелъухъ валагьана аза-азар чи. Гьезданиги лъан батила, щив чи вукӀаравали ГъазимухӀамад имам, кинаб лъалкӀ гьес тарабали магӀарул халкъалъулги Дагъистаналъулги тарихалда. ГьедингӀаги машгьурлъизабуна нижеца ГъазимухӀамад имамасул цӀар. ГӀолеб гӀелалда гьесул гӀумру-тарих лъазаби букӀана турнир тӀобитӀиялъул аслияб мурадго.

Масала, чан чиясда лъалел гьадинал хӀужаби: Кавказалъул рагъги лъугӀун, Россиялда гъорлъе Дагъистанги лъугьун хадуб нилъер гьаниса цониги чи ахӀичӀо пачаясул армиялда хъулухъ гьабизе. Доб заманалда гӀурус солдатаз хъулухъ гьабулаан 25 соналъ. 1917 соналда революцияги бергьун, Дагъистаналдаги советияб хIукуматги чӀезабун хадуб байбихьана дагъистаниял армиялде ахӀизе. 

40 сонил ригьалдаса тӀаде арал волейболистазул микьго команда букӀана турниралда гӀахьаллъулеб. Гьединал командаби Дагъистаналда гӀемер гьечӀо. ХӀаял рукӀана хӀалуцарал. «Имамат» абураб Унсоколо районалъул командаялъ къинабун букӀана чачаназул команда. Хадур дол бергьана Шамил районалъул командаялъукьа ва финалалде рорчӀана. Ахиралда кӀиабилеб бакӀалъеги мустахӀикълъана», - ян.

«Бищун лъикӀ хIалев» абураб цӀарги шапакъаталги щвана «Хунзахъ» командаялдаса ХӀасанов МухӀамадие. «ЛъикӀав защитниклъун» рикӀкӀана Шамил районалдаса волейболист АсхӀабов Мурад. «Ралагьаразе вокьарав» абураб шапакъат щвана КӀикӀуниса ГӀабдурахӀимов Хас­бу­латиеян шапакъатазе муста­хӀикълъаразул цӀаралги рехсон, Му­хӀамадсагӀидица загьир гьабуна гьадинаб пикру: «ЛъикӀаб тадбир букӀана. Цевегоялдаса вихьичӀев, ракӀщун вукӀарав чанги гьудул-гьалмагъ дандчӀвана дида гьенив. Гьениб лъай-хъвай ккана «Авар сиясат» къокъаялда ругел, жеги цоцазда рихьун рукӀинчӀел гьалмагъзабазулгун», - ан.

Жакъа нилъ киналго ругьунлъун руго, бокьараб къецалда бергьенлъи щваниги, лъикӀ цӀалулев вугилан кӀодо гьавун грамота кьуниги, гьелда цадахъ гӀарцул сайгъат букӀине кколин абураб пикруялда. Гьединлъидал кӀудияб масъала букӀана турниралъул дипломалгун медалазда ва кубоказда цадахъ гӀахьалчагӀазе гӀарцул сайгъатал хӀадуриги. Гьелъул хӀакъалъулъ гьадин бицана Сидрат ГӀалибеговалъ: «Турниралде хӀадурлъиялъги БагӀараб кьоялъул масъала тӀубазабиялъги гъункизарулел рукӀана нилъер магӀарулал. Гьеб буго бищунго дир ракӀбохизабулеб хӀужа. Турниралде дандечӀаралги камуларо «Авар сиясат» къокъаялдаги, амма ниж къуркьичӀо: ГъазимухӀамад имамасул хӀурма­талда тӀобитӀулеб тадбир буге­лъул гьебан абун, яхӀ речӀчӀизабуна магӀарулазда. МагӀарул чияс кумек гьаридал, хӀалае рахъунел гьечӀони, нилъер мунпагӀат щиб букӀунеб? Ратана, тӀад калам гьабичӀого, гӀарац рехулел чагӀиги. Гьезие кӀудияб баркала буго. РукӀана, дуе гьеб щай, Сидратин абулелги. Воре, гьединазухъ гӀинтӀамугеян абулелги. Нилъер имамзабазул цӀарал машгьурлъиялъеги магӀарулазул цолъи-гъункиялъеги гӀуцӀулел тадбиразда гӀахьаллъизе кидаго хӀадурай йиго дун», - ан.

БагIараб кьо:

халкъалъул унти

МагӀарул щуго районалъул жа­магӀатазе чара гьечӀого хӀажатаб буго БагӀараб кьодасан хьвадулеб нух. Кьо жагъаллъиялда ва хадубккун гьеб тӀубанго биххиялда бан, гӀадамал хьвадизе ккола, гӀемерал сверабиги рахъун, халатаб нухги бахун. Риидалцин захӀматал мугӀрузул нухал хасало лъугьуна кутакаб хӀинкъи бугеллъун. Дагьал гурелъул къварилъаби ккарал анцӀ-анцӀ соназ цере, гьел свераби рахунаго, машинаги гебегун ун. Гьебги хӀисабалде босун, «Авар сиясаталъул» вакилзаби къватӀире рахъана БагӀараб кьо къачӀаялъул иш хехлъизабиялъул мурадалда.

Гьеб мурад тӀубаялъе гьабураб хӀаракаталъул хӀакъалъулъ бицана Камилица: «Июналда биххана кьо. Байбихьанила гьеб къачӀазеян, гӀенеккун чӀун рукӀана гӀадамалги. Амма хӀалтӀи гьабиялдаса рази рукӀинчӀо: цӀакъго хӀинцаб букӀана кьо къачӀалезул хӀаракат. Стратегияб кьо къачӀалеб бакӀалда 2-3 хӀалтӀухъан вукӀине бегьилищ? Гьелде тIадеги, кIиабилеб октябралда бачIараб гIоралъул кутакалъ биххизабуна гьеб. Лъабго моцӀ бана, кьо дагӀагьунаго. Гьеб ишги рагӀалде бахъинчӀо. Октябрь, тӀаде гӀунтӀулеб хасел, щиб гьабизехъин бугеб кьоялда? КӀицӀулниги цӀикӀкӀинабуна магӀарул росабалъе рекӀадухъ босулеб букӀараб гӀарац, кванил нигӀматазухъ ва цогидаб къайиялъухъ ахӀулеб багьа. Дагьабниги цӀад барабго, кӀкӀалахъе унел машинаби. КидаллъизегӀан гьедин рукӀинел? Гьеб ва цогидал суалаз рахӀатхварал гӀадамал гӀемерлъулел рукӀана. Гьедин байбихьана къокъаялда жаниб гьелъул хӀакъалъулъ бицине.

ХӀукму ккана, гьелда сверухъ ругел масъалабазул цӀех-рех гьабизе, гьел тӀуразаризе рес кьолел нухал ратиялъул мурадалда, кьо балел махщелчагӀазулгун гӀакълу дандбазе ва хӀасил баян гьабизе киналго данделъизе. МахщелчагӀазухъ гӀенеккидал, бичӀчӀана гьеб кьо хехаб заманалда жаниб къачӀазе ресго гьечӀеблъи.

Гьеб мехалда рилълъана кьодухъе. Лъазабуна, кинав подрядчикас гьеб иш тӀаде босун бугебали, чан чи гьенив хӀалтӀулев вугевали. Гьеб хӀалалда хӀалтӀулел ругони, чанго лъагӀелалъ магӀарулазда кьо бихьизе гьечӀеблъи бичӀчӀана. Байбихьана, цогун бащдаб сагӀаталъул халалъиялъул Дарада-Мурадасан нухдасан инчӀого, батӀияб къагӀида гьабизе бегьулародаян халгьабизе. Лъуна Интернеталда ругел батӀи-батӀиял гьурмазда кьодухъ букӀараб дандчӀваялъул видео-роликал. Гьелдаса хадуб ДРялъул Транспорталъул министерствоялъ тӀобитӀана пресс-конференция, гӀуцӀана хасаб комиссия ва гьелда гъорлъе вачана «Авар сиясаталъул» вакил ГӀалиасхӀаб Хархачаевги Хьаргаби районалдаса кьоял ралеб «Мостостроялъул» лъикӀаб лъай бугев технолог КъурамухӀамадги.

ГӀадамазухъа налогги бакӀарун, гьелдаса пачалихъалъ харжги кьун тарал хӀакимзаби щунцин гьечӀоан гьеб кьодул хӀакъикъат лъазабизе. Гьелъул жагъаллъи-къварилъиялъухъ халгьабизе махщелчагӀи ритӀун ратичӀо, заманалъулаб нух рагьиялъе рес бугищали цӀех-рех гьабун батичӀо. Нижеца гьеб кинабго цебелъуна комиссиялъул данделъиялда, бицана заманалъулаб кьо баялъе санагӀатаб бакӀги. Комиссиялъул данделъи лъугӀарабго, министрасул заместительгун цадахъ ана БагӀараб кьодухъе.

Квадрокоптералъ сверухълъиялъухъги халгьабун, нижеца бихьизабураб бакӀалда кьо базе бегьулин абураб пикруялде рачӀана Транспорталъул министерствоялъул хӀалтӀухъаби. Ахирги хӀукму ккана БагӀараб кьода аскӀосан заманалъулаб нух бахъизе. КӀиабилеб къоялде кьода хӀалтӀулев вукӀана 15 чи. Лъабго моцӀалъ лъабго чи гурони вукӀинчӀеб бакӀалда. ЦӀикӀкӀана техника, хехлъана гьабулеб хӀалтӀи. Гьедин бахъана заманалъулаб нух ва 31 октябралда гьеб рагьана». Гьеб ккола «Авар сиясат» къокъаялъул хIаракатчагIаз гьабураб иш».

Нилъер халкъалъе цӀакъ хӀа­жа­таб нух рагьиялъе хӀаракат гьа­бурал «Авар сиясат» къокъая­лъул вакилзабазе баркала кьуна «ХӀа­къи­къаталъул» бетӀерав редактор Темирхан ХӀасановас.

ХӀадурана Кавсарат

Сулеймановалъ.