Араб анкьалда дагъистаниязе къиматаб сайгъат гьабуна машгьурав магӀарулав, меценат, Россиялъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул тӀоцевесев вице-президент ГӀумар МуртазагӀалиевасги халкъазда гьоркьосел проектазул куратор ва басмаханачи Николай Ильиницаги. «Россия - дир тарих» абураб музей-паркалда цебелъуна «Дагестан. История, культура, идентичность» абураб кӀудияб тӀехь. Гьеб басмаялда бахъана ГӀ. МуртазагӀалиевасул квербакъиялдалъун. Дагъистаниязда гьев лъала спортсменазеги, унтарал лъималазеги, школалгун больницаби ва диниял бакӀал раялъе кумек гьабулев меценат хӀисабалда.

ТӀехь цебелъеялъул тадбиралда гӀахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеров, сенатор Ильяс ГӀумаханов, ДРялъул культураялъул министралъул ишал тӀуралей Зарема Бутаева, гӀелмиялгун жамгӀиял гӀуцӀабазулги маданиялгун спорталъул идарабазулги вакилзаби.

НекӀсияб заманалдаса жакъа къоялде гӀунтӀун республикаялъул тарихги, маданиятги, искусствоги гъорлъе бачараб тӀехь бахъизе ракӀалде ккарав чилъун ГӀ. МуртазагӀалиевас рехсана Н. Ильин. «Азербайжаналъулги Грузиялъулги хӀакъалъулъ тӀахьал басмаялда рахъун хадуб северияб рахъалда вугев гьезул мадугьал ва Россиялъул субъектазда гьоркьоб халкъал гӀемерлъиялъул рахъалъ цебехъанлъун бугеб Дагъистаналде кӀвар буссинабизе рекъараб букӀинин ракӀалде ккана дида. Дагъистаналде чанго сапар гьабурав дида дандчӀвана гӀакъилал, ракӀ разиял ва гьалбал хириял гӀемерал гӀадамал. Дун щвана Да­гъистаналдаги Москваялдаги ругел Хъвадарухъабазулгун гӀалимзабазул ва Художниказул рокъове ва дие сайгъат гьаруна гьезул тӀахьалгун каталогал», – ин хъван буго тӀехьалъул цеберагӀиялда Н. Ильиница.

ТӀехьалда лъун буго 26 авторасул макъала. Гьел ккола тарихчагӀи, археологал, этнографал, искусствоведал, филологал ва цогидал гӀалимзаби. Гьеб бикьун буго 28 бутӀаялде, ва щибалъ рагьулеб буго некӀсияб, гьоркьохъелгун XVIII–XX гӀасрабазда ва советияб заманалда букӀараб тарихгун маданият гъорлъе бессараб Дагъистаналъул сипат. Хасал бутӀабазда бицунеб буго умумузухъа наслабазе ирсалъе щвараб халкъияб устарлъиялъул хӀакъалъулъ, масала, цӀулада ва ганчӀида расенал рикӀиялъул, щегӀил тӀагӀелал гьариялъул, халичагун тӀанса бессиялъул, меседилгун гӀарцул тӀагӀелазул, ярагъ гьабулел махщелчагӀазул ва гь.ц.

Дагъистаналъул тарихалъул хӀакъалъулъ бицунаго, кӀвар буссинабун буго гьениб гӀумру гьабулел халкъазул къисматалде, гьезул мацӀазде. Бицунеб буго республикаялда тӀиритӀарал диназулги, адабияталъулгун фольклоралъулги, музыкаялъулгун кьурдабазул ва театразул хӀакъалъулъги. Гьелде тӀадеги кьун руго тӀабигӀиял памятниказулги, халкъиял байрамазулги, гӀадатазулги ва спортивиял хӀаязулги (гугариялъул, масала) хӀакъалъулъ баянал. Ахирисеб бутӀаялда бицунеб буго Дагъистаналъул халкъазул богогьанлъиялъул хӀакъалъулъ. ЦӀалдолесе къиматаб сайгъатлъун ккола гьеб гӀуцӀиялъул къагӀидаги. Мисалалъе, хасаб QR-кодалдалъун 28 мацӀалда цӀалула Расул ХӀамзатовасул «МагӀарулал» абураб кочӀол мухъал. ТӀехьалъул ахирисел гьурмал чӀорого тун руго, гьелъул бетӀергьанас наслабазе насихӀат яги хитӀаб хъваялъул мурадалда.

«Дагестан. История, культура, идентичность» – гьеб ккола гӀелмияб цӀех-рех гуребги, регионалъул суратаздалъун бечедаб архивги. Гьеб къиматаб сайгъат кодобе босизе щварав дагъистаниясе рес щвела жиндирго росдалгун районалъул ва цогидал миллатазул вакилзабазул тарихги рухӀияб бечелъиги лъазабизе. Гьединал тӀахьаз нилъер халкъазул цолъигун гъунки жеги щулалъизабиялде хьулги буго.

Кавсарат Сулейманова