Тимур ва гьесул команда
ГIемерал тIадмагIарулазулго гIадинаб, гIумру гьабулеб бакI хисизе хIажалъулеб къисмат батана ЛъаратIа районалъул Таш абураб жамагIаталъул росабазулги. ЗахIматаб хIалалда, къваридаб кIкIалахъ, бекьизе ракьгицин гIолареб бакIалда рукIарал гьел дагь-дагьккун гIатIиракьалде рахъана, магIишат гьабизе санагIат балагьун, батIи-батIиял рахъазде ккана.
ГIемерисел росаби чIунтана, умумузул мулкал чIвадназде сверана, мегIер-гIалах чIобоголъана. ЛъикIаб хIал гьеб бугилан абизе ресги гьечIо, гьечIониги хIакъикъат гьединаб буго.
Гьанже ташисез аслияб къагIидаялда гIумру гьабулеб буго Богъатыревкаялда, Загородниялда, Нечаевкаялда ва Учкенталда. Руго цоги-цоги бакIаздаги. Амма бищунго кIудияб, гIицIго ташисезул росу гIуна Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб Мазада СПКялда. Колхозалъул хъутан букIараб бакIалда гIун бачIана цIияб росу. КIинусгогIанасеб цIараки бугеб гьеб росулъ буго берцинаб мажгитги, гьелда цебе хIалтIулеб лъималазе исламияб лъай кьолеб мадрасаги, гьоркьохъеб школаги, школалда цебесеб ясли-ахги.
Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистан Республикаялъул бетIерлъун вугеб заманалда, хъутаналде хъил тIураб нухги гьабуна, бачана газги. Бихьухъе, квегIенлъаби ва санагIалъаби гIезегIан руго. Амма киналгоги гурел гьел гIурал ругел.

Жакъа бицен гьабизе бокьун буго гьеб росдал школалъулги гьелъул коллективалъулги хIакъалъулъ. ГIолареб жо буго гьениб, лъебералда щуго соналъ цебе, росу гьитIинаб заманалдаго бан букIараб школа. ГIемерал соназ гьеб школалъе нухмалъи гьабурав ва жакъаги нухмалъуда вугев Тимур МухIамаднабиевас бицана: «Нижер жигаралдаги, бажариялдаги, гъираялдаги рекъон хIалтIи гьабизе рес кколеб букIарабани, коллективалъ тарбия-лъай кьеялъул ишалъулъ жеги цIикIкIарал хIасилал рихьизаризе рукIана. БакIалъул къварилъиялъ кIудияб квалквал гьабулеб буго нижее. ЧанцIулго базейилан букIараб школалде республикаялъул программабиги регIулел гьечIо. Гьанже рагIи кьун буго хадусеб соналъ цIияб школа баялъул иш тIубазабизе, гьелда божун ва кьураб рагIи гьанжегIаги кквеялъухъ ралагьун нижги руго».
Гьенире чанги нухалъ тадбиразде щварал «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабазда бихьана росулъ бугеб ахIвал-хIал. Школалда гьитIинабго бакI бугониги, рокъоса бугес бугеб некIсияб алатги бачIун, гIуцIун буго музей.
Гьединаб къваридаб ва санагIалъи гьечIеб хIал букIаниги, Мазада школалда гьарулел хIалтIаби лъикI унел руго. Цоги бакIазда ругел гIадал, гьанжезаманалъул кIудияб школа букIарабани, кигIанги лъикI букIинаан гьезиеги. Гьал ахирал моцIазда жанир гьенир тIоритIаралщинал тадбиралги, гьезде гьабулеб лъикIаб хIадурлъиги бихьун, ракIалде бачIана Аркадий Гайдарил «Тимур ва гьесул команда» тIехь ва гьез гьарулел рукIарал пайдаял ишал.
Досул пионераз гIадамазе хIажатаб кумек балъго гьабулеб букIараб батани, Мазада школалъул директор Тимурицаги гьесул командаялъги гьоркьоса къотIичIого, рагьун ва бихьуледухъ гIуцIулеб буго тарбия ва лъай кьеялъулаб иш.
Школалъул ва ясли-ахалъул хIалтIухъабаз гьаб ахираб лъабго моцIалда жанир тIоритIана мисалиял тадбирал, масала; «Эбелалъул къо», «Художниказул къо», «Россиялъулаб Конституциялъул къо» ва цогидалги.
Бабаюрт районалда бугеб муфтияталъул лъай кьеялъулаб отделалъулгун школалъул чIахIиял классазул цIалдохъабазул дандчIвай гьабуна «РитIухълъи» абураб темаялда.
Гьенир тIоритIулел гIемерисел тадбиразда эбел-инсуца ва росдал гIадамаз гIахьаллъи гьабулеб букIин цIакъ берцин бихьана нижеда.
Мазада росдал школалъул мугIалимзаби ва цогидал хIалтIухъаби цадахъ рекъон хIалтIулел руго, ва гьезул лъикIаб коллективалъ хIаракаталда тIоритIула киналниги тадбиралги байрамалги. ХIалтIухъабазул цолъи нухмалъулесда бараб буго. Тимурие кIудияб баркала буго гьединаб коллектив гIуцIаралъухъ ва гьебгун рекъон гьабулеб хIалтIухъ.
Гьеб буго мисал босизе бегьулеб школа ва коллектив.
Рукъият ГIалисултанова