Рогьалил гIужалда, Чарахъ магIарда,

ГIиял гъади буго сверухълъи цIураб.

КьилимагIардасан гIанса хIинчIалъул

Панаял бакънаца тIалъи цIун буго.

Цо ГIабдайиласул къебелъул гьаракь

Ниж чIаго ругилан зваргъелеб буго.


Дир лъимерлъиялъул ракIалдещвеязда гьоркьоб бищун цебе гIадин ракIалде бачIуна радал тIулбузухъа беролеб кIкIуйги, корохъ бежулеб чадил махIги, къебелъухъ махх бухулеб квартIил гьаракьги. Гьел кидаго рукIана нилъер магIарухъ. Къебелъухъ квартIил сасиде ругьунлъун рукIана нилъ киналго. Чодул тIикъва беканиги, магI бортаниги, хъандиро гьабизеги, бел къачIазеги киналго рортулаан гьенире.

Гьанже гьеб кинабго цIакъго къанагIалъун буго магIарухъ. Щай гьедин ккараб, щай нилъеца гьел цIуничIел? Жаваб батуларел суалалги дагьаб мехалъ жалгоги тун, рачIа нилъ гьеб къадруяб, умумуз нахъе тараб пиша хвезе течIого, жакъасеб гIелалъе цIунарав чиясухъе гьоболлъухъе раккизе.

 Вуго гьединав чи жакъа Шамил районалъул Гъогъолъ гIумру гьабун. Умумузул тIабгIги ккурав, миллияб нахърателлъун лъугьараб махщелги цIунарав, магIарул гъанситодухъго гIадин, къебелъухъ бакараб цIаги свине течIев, унго-унгояв магIарулазул вакил – ГIабдайил МухIамадил АхIмад.

Гьунар бугев маххул къебед, ганчIида берцинаб накъиш угьизе кутакаб махщел бугев устар, жамагIатчи, ракIги гIатIидав, гIамалги берцинав инсан вуго АхIмад. Дида гьев лъалаан гьитIинаб мехалдаса нахъего. Гьоноде щвезе вачIунаан гьев зама-заманалдасан. Дир мадугьалихъ вукIана гьесул божарав гьобол ва рекIел гьудул, мунагьал чураяв АбакархIажиясул ГIамирхан. Кидаго гьесухъ рещтIунаан АхIмадги.

Гьев Гьоноде вачIараб къо гьитIинаб байрамалде, берцинаб ихтилат-кепалде сверичIого хутIулароан. Щайгурелъул тIадехун рехсей гьабураб махщелчилъиялдасаги къечIеб гьунар букIана АхIмадил кечI ахIизеги. Берцинаб, роцIараб гьаракьалъ гьес кечI ахIулеб мехалъ сверухълъи сасунаан. АхIмадил кечIги, гьес берцинго тIармида бачунеб бакъанги хирияб букIана гIадамазе. Гьесулги, гьесул кочIолги къимат гьабулаан. АхIмад берталъе ва рохалил дандеруссиназде ахIизе ирга букIунаан кидаго. Гьедин букIанин дун гьавилалдегиян бицунаан, гьедин батана дида лъалеб мехалъги.

Кинан кIочон телеб АхIмадица ахIулеб «ТIелекье кагъат» абураб машгьураб кечI:

Абилищ, ахIилищ, гIенеккиларищ?

ГIалибулат вугин кIалъа-басалев.

КIудияб росдада данде багъизе,

ГъалбацIул тIинчI буго ТIелекье бачIун,

ТIехIав, кIкIвеларасул заман гьаб гуро

Загьругун жубараб жавабал кьезе.

Дур аб салам-калам кигIан гьарзаяб

Кету-гIункIкIалдеги гIунтIизабулеб?

БачIунеб соналъул январалда гьесул гIумруялъул тIубала 75 сон.

Изображение

Инсухъан ирсалъе щвараб махщел

АхIмадил умумул ккола Гъуниб районалъул КIуяда росулъа. Жеги АхIмад гьавилалдего Чарахъ колохъе гочун руго гьесулги инсул умумул. Махщел бугев маххул къебед вукIанин бицуна гьесул инсул АхIмадил ГIабдайил МухIамадил хIакъалъулъги. Бицен буго сверухъ ругел маххул устарзабаз абулаанин: «ГIабдайил МухIамадихъе гIадин, Аллагьас жидехъе махх квегъун кьун гьечIин абун». Гьединав, сверухълъиялдаго машгьурав маххул къебед вукIана гьев.

Чарахъ ккола ТIелекь росдада аскIоб бугеб кули. ГьабсагIат гьенив щивго гьечIо гIумру гьабун. Гьезул гIемерисел Гъизилюрт районалъул Нечаевкаялде гочун руго.

Макъалаялъул байбихьуда кочIолъ рехсарал мухъалги АхIмадил эмен ГIабдайил МухIамадил хIакъалъулъ руго. Чарахъ гьесул букIараб къебелъул рукъалъул чIваднал руго жакъа хутIун. Амма гьел чIвадназул тарихалъ чанги умумузул бицен рагьизе буго нилъее, сихIкъотIун гьезда аскIор эхетидал. Гьелъул цIорорал къадаз бахчараб чанги балъголъи буго, гIемерисез цадахъ хабалъе араб. Гьел къадаз цIунун буго ГIабдайил МухIамадил къебелъухъ раччида кIутIулеб квартIил гьаракь. БагIарараб маххул кесекалда гъоркь харицелалъул сурат бижулеб, чол тIикъва лъугьунеб куцалъул нугIзал рукIана гьел, тIатIала ккарал чIвадназул къадалъа къватIире раккарал ганчIал.

Октябралъул авалалда АхIмадихъе гьоболлъухъе щвана дун. Гьалгощинал соназ АхIмадил къебелъиялъе бугеб гьунаралъул рагIаниги, гьес гьарулел хъандираби, гIащтIал ва чодуе тIукъби рихьаниги, жеги гьесул къебелъухъе щун вукIинчIо. Раччида нахъа хIалтIулев АхIмадилгун гара-чIвари гьабизе букIараб къасд нахъе тIамун толеб букIана. Гьанжесалалъ тIокIаб теларилан щулияб ниятгун ун вукIана гьесухъе Гъогъолъе.

- Мунагьал чураяв инсухъаго щвараб махщел буго дие гьаб. Эмен ГIабдайил МухIамад, Аллагьас хIал алжаналъуб батаги гьесул, вукIана сверухълъиялдаго жиндир цIар тIибитIарав, бергьараб махщелалъул маххул къебед. ГIумруялда жаниб гьес гьабунщинаб хъандиро, харицел, чодуе тIикъва-магI ва цогидабги алат рикIкIине лъугьани, гьабсагIат рагIалде бахъунеб жо гьеб букIинаро.

Эмен гьавун вуго 1899-1900 соназда гьоркьов. ГIумру гьесул ана тIекьадеридаги кIуядеридаги гьоркьоб бугеб Чарахъ. Нижер аслуги гьениса, Чарахъан бачIараб буго. Гьенив 1952 соналъул январалда гьавуна дунги. Инсуца бицунаан гьитIинав чи жив куйдузде колотIе араб мехалъ, гьенир аскIорго Агъал Муса ва МухIамад-мирза абулев, сверухълъиялдаго рагIарав, бергьарав кIиго устар вукIанин. Гьездаса тIоцеве чодуе тIикъвадул магIал къотIизе ругьунлъанин живилан бицунаан гьес. Хадув Агъал Муса хвараб мехалъ гьесул букIараб квартIа-гъецIги жиндие щванин бицунаан инсуца. Гьел ккола гIага-шагарго 1915-1916 сонал. Хадув балугълъуде вахингун, эмен хIалтIун вуго цин Лъебел мухъалда, хадув Гъунив, гьелдасаги хадув КъахIив. ГIемерисел сонал гьесул ана Чарахъ. Гьединав бергьарав устар вукIана гьев, маххул хIалтIи цIакъ лъикI лъалаан гьесда.

Гьесул заманалда Гьолокь вукIана Гъазияв абун гIертIал гьарулев устарги. «Гъазиясул гIеретIги ГIабдайиласул хъандироги» абун халкъалда гьоркьоб хутIараб биценги буго.

Чарахъ букIана инсул къебелъул рукъ, гьаниб Гъогъолъги букIана. Сверухъ ругел росабалъ гьесухъе рачIунаан гIадамал жидерго хIажат тIубазе. Цоязе хъандиро гьабулаан, цоязе харицел гьабулаан, гIащтIал гьарулаан, чодуе тIикъваби ва магIал гьарулаан. ГIемерав чиясул хIажат тIубарав чи вукIана мунагьал чурад. Гьебго махщалиде дунги ругьун гьавуна. ГьитIинго бижанин абизе бегьула дирги гьелдехун рокьи. Эмен хвана гIумруялъул 90 сон барав чи. Амма 80 сон барав чиясги къебелъухъ хIалтIун батIи-батIияб алат гьабулаан гьес. ГIолохъанаб мехалда цохIо къоялда жаниб 11 хъандироги гьабун буго гьес. Дихъан бищун цIикIкIун ичIго гурони бажаричIо. Гьанже кIиго гурони бажарулеб гьечIо.

Амма битIараб бицани, маххул къебелъиялдасаги, ганчIида накъиш бикIиялде цIикIкIун букIана дир рокьи. Гьединго дица хIалтIизе гьабуна гIарцул устарлъиги. Цо-цо дица гьарурал руччабазул курхьаби, хонжрол лъалида тIад гIарац бекьун гьабураб накъиш ва цогидалги жал руго рокъор цIунун.

Чарахъ вугеб мехалъго ругьунлъана инсудасан маххул устарлъиялъе. АскIор ругел росабалъа гIадамалги рачIунаан гьесухъе харицелал, хъандираби гьаризе. Жинцагоги гьарулаан, дунги тIамулаан. Гьанжеги инсулго букIараб перело буго дица нахъе цIунун. АскIоре рачIарал гIадамазул хIажат тIубан гурони, гьезухъа мухь босизе нияталда цониги нухалъ раччида нахъа гIодов чIечIо. Гьаб жоялъухъ гьаб мухь кколилан лъиданиги жеги абурав чиги гуро. Жинцаго кьуни, гьелдаса инкарги гьабичIо. АскIове вачIарав чиясул хIажат тIубай кири кIудияб иш бугелъул, рехун течIо дица къебелъи. Мунагьал чураяв инсулги васият букIана, аскIове вачIарав чи нахъчIвагейин абураб.

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул зиярат

- Гьелда гьоркьоб ганчIида тIад накъиш бикIулебги ана дир гIумрудул сонал. Занал гьарулаан, гьецIо бекIкIулаан.

ХIебде рачIунелъул, тоннелалъул кIалтIа бугеб ГIабдурахIман-хIажиясул зияраталъул къватIисел къадазда тIад тIарикъаталъул устарзабазул силсилаялда (сияхI) гIарабалъ ругел цIарал рикIулев, накъишал рахъулев хIалтIана чанго соналъ. Жиндир баракат киназего щваяв, Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIамад-афанди чIаго вукIаго, гьес тIадкъараб хIалтIи букIана зиярат гьабизе. ГIемерал соназ хIалтIана дун гьенив. Амма рукъ-бакIалъул тIалабаздаса ва хъизан-лъималазул суалаздаса регIичIого, тIубан рагIалде бахъинчIо гьеб хIалтIи.

Дица гьаб гIумруялда квер бачIеб устарлъиги течIо, цIулал устарлъиги гьабуна, минабазе тIохалги гьаруна ва гIарцул устарлъи гьабизеги хIалбихьана. Гьедин гIемераб жоялда кверги бан, гьелда хадув векерулевги вукIун, цонигияб рагIалде бахъинчIого хутIанин пикруги букIуна. Доб кициялда абухъе, кIиго гIанкIида хадувги векерун, цонигиябги щвечIого хутIана, - ян бицана гьес раччида нахъа хIалтIулаго.

Амма АхIмадица жиндиего гьединаб къимат кьуниги, сверухълъиялда рикIкIунев устар вуго гьев жакъаги. «АхIмадил хъандироянги» абун, жакъа цIакъ къимат гьабула гьесул хъандироялъул, мисалалъе, нижер росулъ. Дун гьениве араб къоялъги мадугьалихъ росулъа гIадамалъе хъандиро гьабуна гьес дида гара-чIварулебгIан заманалда.

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажиясул зияраталда, АхIмадил хIалтIуе къимат кьезелъун, Москваялдаса ахIарав архитекторасда гьелъие багьа чIезабизе кIун гьечIилан бицунаан къого соналъ цебего.

ЧIикIаса КIудиясул зияраталда, гьесул хабада чIвараб зани гьабурав чиги АхIмад ккола.

- Инсулго букIараб махщел хвезе течIого цIунун буго дуца. Амма дида, мисалалъе, жакъа мунго гIадин гьеб ишалъе ритIухъаллъун ругел чагIи дандчIвачIо. Гьеб лъугIун унеб бугин кколеб гьечIищ, маххул, цIулал, ай цогидабги бокьараб умумузулго букIараб махщелчилъи?

- Валлагь, битIараб бицани, дица гIадин ракIбатун гьаб хIалтIи гьабулев чи жакъа сверухълъиялда гьечIин абизе бегьула. Лъадалъ махх рекъезабизе, гIиси-бикъинал алатал гьаризе лъалев чи вукIинарищха, гьабсагIат гьелъие кигIан бокьаниги технологиялги цогидал сурсаталги ругелъул. Амма къебелъухъ махх багIаризе ва гьеб лъадаризе лъалев, газа-бел къачIан бажарулев, хъандираби гьаризе кIолев устар гьечIо аскIоса-гIебеде. Инсул росулъ КIуядацин хутIун гьечIин ккола гьединав чи. Гьандихъ вуго цо гьединав устар хутIун. ТIелекь вукIана Абубакар Сидикъ абун лъикIав къебед, гьесул вац ХIажияв вукIана, гьанже гьелги ана, лъугIана киналго…

КочIол дунялалда

- ГIолохъанаб мехалъ кечIги ахIулаан дуца, АхIмад. Хасго Гьоноде мун вачIараб къо ихтилаталде сверулаан…

- Гьанже дуца гьикъулеб бугелъул, бицун телин. Дун вукIана гьитIинав гIолохъанчи, инсуда аскIов Чарахъ къебелъухъ, гьесие кумекалъе эхетун. Инсухъе рачIунаан ТIелекьа кечI ахIизе гьунар бугел гIолохъаби: ИсмагIилил ХIажиявги Абубакарил МухIамадги, гьезулго цевехъан вукIана цоги …

Мунагьал чураяв инсуе цIакъ бокьулаан кечI-бакъан, ихтилат. Жиндаго аскIоре рачIарал гьел гIолохъаби кечI ахIизе тIамулаан, гьез ахIулеб кочIода гъоркь цо-цо кьурдул свериги бахъулаан. ЦIакъ хIетIе тIадагьав чиги вукIана мунагьал чурад. Инсуеги хирияб букIиндал, кечI-бакъаналде рокьи бижун бачIана диргоги. Цо къоялъ тIамурги кодобе босун ахIизе хIалбихьидал, гьаракьги батана. Гьедин, дидагоцин лъачIого гIадин, тIатана кочIоеги махщел.

Гьонодаса дир кьерилал рукIана мунагьал чураяв Имагъазали, Гьиматил МухIамад. Гьел рачIунаан дихъе щвезе, Чарахъе. Колхозалъе хер бецулел гIадамал ругелъуре рилълъунаан, дунги вачун. Дица кечI ахIулаан, гьел кьурдулаан. Гьедин гьонодисезе ахIун, ругьунлъун ватилин тIамурги хъван кечI ахIизеян рикIкIуна дица (велъулаго).

Амма щибаб жоялъул жиндирго авалги ахирги букIунелъул, кечI ахIизе байбихьарабго гIадин, гьеб лъугIизе толеб ригьги лъазе ккола чиясда. КIикъого сон баралдаса дица тIокIаб кечI ахIичIо (гьанже росдал мажгиталда как ахIула АхIмадица – авт.). Сценаялде вахун, концертал кьейги пишалъунги гьабичIо. Бертабалъ, горсвериязда, аваданал дандеруссиназда, кочIол къимат гьабизе лъалел гIадамал аскIор рукIиналъ ахIана дица кечI. Заман щварабго, тавбуги гьабун, тезеги тана.

Ашахан Юсупов