Исана 85 сон тIубана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъ. Гьелда бан чанго тадбир тIобитIана республикаялда. ШагIиралъул байрам кIодо гьабуна гIагараб Хунзахъ районалдаги.

Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда гьелъие сайгъат гьабураб тадбир тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъги. Гьаб нухалда дандеруссин тIобитIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ. Байрамалъе сценараий хъвана Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ. Гьеб нухда бачана Авар театралъул актерал МухIамад Дудуевасги Анисат Насрулаевалъги. Данделъиялде рачIун рукIана шагIиралъул пагьму-гьунар бокьулел дагъистаниял, гьелъул пишацоял, студентал, журналистал, «ХъахIал къункърабазул» байрамалде рачIарал Москваялдаса гьалбал.

Нужер чIвалеб хъаталъ къуват кьуна дий

Данделъиялъул байбихьуда кIа­лъазе яхъарай шагIиралъ абуна:

- ХIурматиял магIарулал, магIа­рул абадият бокьулел дагъиста­ниял! ТIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьа­бизе бокьун буго дир тадбир берцин гьа­бизе рачIарал нужее. Нуж, цIал­долел, рукIинчIелани, жакъа бу­кIинароан дир шигIруги. Дир аса­разе нужеца кьураб къиматалъги чIвараб хъаталъги гIумру тIегьазабуна дир шигIрияб дунялалда. Гьале жакъаги нужеда цее дун, доб кьогIаб рагъул лъимер. Дир лъимерлъиялда дандчIвай гьабуна рагъалъ. Гьелъ лъадарана дир хасият. Заман щвелалдего, кIудияй гIезаюна. Рагъда хадусел соналги захIматал рукIана. Росдал руччабазул магIугун цадахъ кIудияй гIун ячIана. Дун ккола КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, Югославиялъул бахIарчи МухIамад Батировасул яс. Гьелъги батила дир хъвадарухъанлъиялъулъ аслияб бакI кколеб рагъул темаялъ. ГIагараб ракьалъул тарих лъайги - гьеб буго нилъер щивасда тIадаб иш. Чанго нухалда дирго асаралгун тIадюссана тарихалде. Гьедин бижана «Баху бика» трагедияги.

КIудияб ватIан бокьизе ккани, цин гьитIинаб ватIаналъе бетIер къулизе ккола. Гьелде бугеб рокьи цIалдолезе гьурщулаго, рижана ватIаналде рокьи куцалел кучIдул. СВОялъги хасаб бакI ккуна дир кучIдузулъ. ВатIаналъул унти ри­кIкIа­на дираблъунгун. Гьедин рижана ватIанги гьелъул бахIарзалги кIодо гьарурал шигIраби. ГIурабго заманалда хIалтIана гIагараб Хунзахъ росулъ учительлъун. Гьел рукIана дир гIумруялъул бищун­го талихIал соназул цоял. ЦIалдо­хъабазда аскIоб дие дуниял дагьабги гIатIилъулаан. Гьезул хIикматаб дунялалъ дие рагьана гIумруялъул балъголъаби, гьезул гIумруялъул дар­салгун цадахъ гIун ячIана. Ва гьале жакъа нужеда цее яхъун чIун йиго дун, нужеца чIвараб хъа­талъ къуват кьурай гIадатияй чIу­жугIадан-шагIир. ГIодое къулула дун нужер щивасда цее, - ян.

Изображение

Залмул гьунаралъул хIакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Хъвадару­хъабазул союзалъул правлениялъул председатель Марина АхIмадовалъ, «Литературияб Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор Мурад АхIмадовас, Москваялдаса гьобол, шагIир Нина Поповалъ, Россиялъул мустахIикъай учитель Чакар Мажидовалъ ва цогидазги.

З. Батировалъул кучIдул цIа­ла­на Поэзиялъул театралъу­л ар­тис­таз, театралъул актер, Да­гъис­­таналъул мустахIикъал артистал МухIамад ГIабдулатIиповас, ХирамухIамад ХирамухIамадовас ва Рамазан Халидовас. ШагIира­лъул рагIабазда кучIдул ахIана Да­гъистана­лъул хал­къиял артистал МухIамад ГIа­ба­совас, Абакар ГIумархIажиевас, ГIаб­дула Му­хIамадмирзоевас, Да­гъистаналъул мус­тахIикъал артисткаби Машидат ГIумарасхIабовалъ, Зубаржат МахIачевалъ Авар театралъул артист Салим Камиловас ва цогидазги.

Байрамалъул гIахьалчагIазе лъи­кIаб асар гьабуна шагIиралъул цIал­дохъан, ТIанусиса Сайгид ГIа­лиевасул кIалъаялъ. Гьес ра­кIал­да­сан рикIкIана гьелъул «Авар мацI» абураб кечIги.

Тадбиралъул ахиралда Нина Поповалъ Залму Батировалъе кьуна «За заслуги в литературе» абураб орден. Залму ккола Дагъистаналда гьеб шапакъат щварай тIоцеесей шагIир. «ХIакъикъаталъги» баркула газеталъул цеегосей гьудул Залму Батировалда иргадулаб шапа­къат.

* * *

Кинаб асарха, масала, дие гьабулеб ракьцояй Залму Батировалъул асараз. ЦIакъго хIикматаб, хIеренаб, недегьаб асар. Гьеб асаралде гьоркьобе уна магIуги. ШагIиралъул асарал цIалулаго, я магIу бачIуна дир, я рекIелъ кинабалиго рохел рещтIуна.

Щиб багьана батунги, бокьула шагIиралъухъе гьоболлъухъ ине. Нагагь дун кIалъазе яги ячIине кватIани, гьей жийгоги кIалъан ячуна дихъе, гьоболлъухъ ахIун. Ва Залму Батировалъул библиотекаялда байбихьула адабияталъул сагIат. Гьелъ дие бицуна доб заманалда рукIарал хъвадарухъабазул, шагIирзабазул, гьезул кколел рукIарал кепал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. Дидаго гьел лъалел рукIараб гIадаб асар гьабула дие Залмуца бицаралъ. ШагIиралъул цIиял кучIдул тIоцере дида рагIулин абуниги, мекъиги букIинаро. ГIе­мерал кучIдул руго Залмул гIурус мацIалде руссинаруралги. Гьезда гьоркьобги хасаб бакI ккола Марина Колюбакина-АхIмадовалъ гIу­рус мацIалде буссинабураб «Баху-бика» трагедиялъ. Автор ва тар­жа­мачIужу мустахIикълъана Рос­сиялъул «Слово» премиялъе. Гьел ккола Дагъистаналдаса гьеб премия щварал тIоцереселги. Амма Залму Батировалъул асаразулъ ди­да даим рагIула, биценазда рекъон, рокьуе цIакъго ритIухъаблъун ри­кIкIунеб гIанса хIанчIил гьаракь. Гьеб хIинчI ракIалде щвезабураб лъебергоялдасаги цIикIкIун кечIги буго шагIиралъул. Биччанте гьеб хIанчIил ритIухълъигун рещтIине цIалдолезухъе шагIиралъул шигIра­би.

Шамай Хъазанбиева