ВукIанила кIиго гьудул, кIиявгоги даранчи. Гьал кIиялго цадахъ дараналъ хьвадулаанила. Цо нухалъ гьел унел рукIанила дараналъ нухда. Гьазул цоясда цIар букIанила Ламарт, цогидасда цIар букIанила Чумарт. Унаго нухда Чумартида батанила меседил цIураб цо таргьа. Гьес гьеб Ламартидаги бихьанила. Гьанже даран-базарги гьабун, нахъруссун рокъоре рачIунел, росдадаса рикIкIад гьечIеб бакIалда, Ламартица Чумартида абунила гьанже росулъеги щвезехъин руго, рачIаха гьеб месед бикьизеян. Гьал цо гъотIокь гIодор чIанила. Чумартие бокьун букIанила месед кинабго жиндиего хутIизе. Гьелъие гIоло гьас абунила: «Нилъеца гьеб кинабго цадахъ бикьиларо, кIияздаго гьоркьоб тани, гьудуллъи дагьабги щулияб букIунила. Гьединлъидал нилъеца гьалъул нилъеего къваригIараб дагьаб жоги босун, цогидаб гьаниб гъотIокь бахчун тела. КъваригIараб мехалъ гьеб босизеги рилълъина», - ян. Гьелда Ламартги разилъанила. Гьаниса дагьаб бикьун гьабги босун, цогидаб гьаниб бахчунги тун, гьал нахъе рилълъанила.

Къаси сардилъ вилълъун, Чумартица месед нахъе босанила, гьеб бакIги лъалареб куцалъ гьабун танила. Заман анила, гьанжеги Ламартие къваригIанила дагьаб месед, гьав вилълъанила Чумартида аскIове: «Дун напакъаялде ккун вуго, рилълъа дагьаб месед босизе», - ян. Ламартги разилъанила. Гьаниса бикьун дагьаб гьабги босун, цогидаб гьаниб бахчунги тун, гьал нахъе рилълъанила. Къаси сардилъ вилълъун, Чумартица месед нахъе босанила, гьеб бакIги лъалареб куцалъ гьабун танила. Заман анила, гьанжеги Ламартие къваригIанила дагьабги месед, гьав вилълъанила Чумартида аскIове: «Дун напакъаялде ккун вуго, рилълъа дагьабги месед босизе» - ян. Рилълъанила гьал кIиялго. Букъанила, балагьанила, гьечIила месед. Ламарт гьумер-кIал хачазе лъугьанила. Дуца гурони, гьеб лъицаниги инчIилан Чумартиде вагъанила. Чумартги гьеданила кутакаб гьаялдалъун. Кинго Ламарт гьасда божичIила, гьезул иш судалде кканила. Рилълъанила суд къотIизе къадиясухъе. Гьев гIенекканила гьазул гIарзалъухъ. Бицанила кIиясго.

Къадияс Ламартида гьикъанила: «Чумартица гьаб бикъи лъалел дур нугIзал ругищ?» - ан. Гьас абунила: «Дир гьеб нугIлъиялъе гьадаб гъветI бугин» - ан. Гьаб рагIуда къадияс кутакалда хIикмат гьабунила, гьадинаб жо гьасда рагIун букIинчIила кидаго. Нахъисеб къоялъ, цадахъ гIадамалги рачун, дибир вилълъанила гьеб гъотIохъе. Гьас гъотIода гьикъанила. Гьаб гъотIода жаниб бугеб гьодринив Ламартица жиндирго эмен вахчизе гьавун вукIанила, гьасда абизе жоги малъун букIанила.

Къадиясул суалалъе гъотIода жанисан жаваб кьунила: «Месед Чумартица бикъана», - ян. Къадияс цадахъ рукIарал гьалмагъзабазда абунила: «ГъотIода цIа гъе», - абун. Гъунила, цо заманалдасан гъотIода жанисан гьаракь бахъанила, дун вухIулев вуго абун. Гьанже цIа свине гьабунила, балагьанила, вугила Ламартил эмен жанисан къватIиве вахъун вачIинев, хвезе дагьав жо хутIун, тIун кьергун. Гьанже къадияс, кутакалда нагIана кьун, тIаде тударун Ламартги танила, меседги нахъе лъун Чумартги чIанила.