Солдатасул эбелги лъадиги
Солдатасул лъади, цадахъ эбелги, унго, магIарулай, цо дур берцинлъи! КIиязулго ургъел тIаде бегарай, мугIрул чIужугIадан, гьеб къвакIи киса?
Жакъа дун хIасратго гIенеккун йиго, солдатасул лъади, дур къисаялъухъ. Солдатасул эбел, ургъелаз куней, макьу кинаб щолеб, вас ракIалде щун!?
Васал ватIаналъул ругин абулеб гьеб дур каламалъулъ бугебщинаб яхI! ГIагарал мугIрузул эркенлъи цIунун, росгун вас аралъул харбил кьвари щиб?
Гьей мун гIадал лъудбуз, улбуз, ПатIимат, баччун буго дунял, кIигъежги гьабун. Гьайбатаб гьурмада гьуинаб гьими, къезабизе кIвечIеб пашманлъиялда - гьадин хъван букIана дица росги васги СВОялда ругел МахIачхъалаялъул №48 школалъул магIарул мацIалъул учитель ПатIимат АхIмадовалъул хIакъалъулъ…
БакIаб сихIкъотIиялъ нухарегIана
Жакъаги, Мурад къадаралде щун вугилан рагIидал, цIидасанги цIилъана дие ПатIиматица бицун букIараб:
- СВО байбихьилалде, дир вас Мурад, МахIачхъалаялъул №48 школа лъугIарабго, армиялдеги ун, ВатIаналда цебе тIадаб налъиги тIубан, тIадвуссун вачIун вукIана. Гьес хъулухъ гьабулеб букIана Воронеж областалъул Лиски шагьаралда. Къого сон барав гьесда ракIалде ккана хадусеб къисматги рагъулаб хъулухъалда бухьинабизе. Гьев хIалтIизе лъугьана Росгвардиялде. Гьединал ишазда гьев вукIаго, байбихьана СВО…
Я дица, я росас абичIо васасда гьев жеги гьитIинго вугин, дагьавги кIудияв гIезегIан чIайилан. Къойилъ гурищ вукIарав Совет Союзалъул БахIарчи, КIаратIаса МухIамадзагьид ГIабдулманапов. Къойилъе рахиндал гурищ гIолилазул анищал зобалазде роржунел – гьадин ракI-макI гьабулеб букIана дицаго диего. Амма ургьиб ракI твархелеб букIана, карандаса къватIибе кIанцIизе къваригIун, гьениб бакIги гIоларого. РекIелъ цо чIухIиги рещтIун букIана. Къойил бицунелъулха дицаго цIалдохъабазе ВатIан бокьизе ккеялъулги, СВОялъулги, КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзазулги хIакъалъулъ. Ва ахиралдаги абула улбуз васал жидеего гурел, ВатIаналъе гьарун рукIунилан. Лъималазда гьелъул магIнаги бичIчIизабула - ВатIаналде къоккараб мехалда, гьелъул хьолбохъ эхетуларев бихьинчи вукIине бегьуларилан. Гьале жакъа дир Мурадидеги щвана ирга ВатIан цIунизе. Гьанже дун нахъейищха къазе кколей? Яги васасе гIахьалаб гьечIищ дир хабар? Гьединал пикрабаз ракI батизабулеб букIана дир. Амма рекIел букIараб хIал бицине ккелищха гьанже. Цоги нухалда такрар гьабизе бокьун буго - дир рекIелъ букIараб чIухIи щибха кIудияб улка цIуниялъулъ дир Мурадилги бутIа букIиналдаса.
Гьел чIорогоял рагIаби гуро. Гьел руго, васасухъ урхъарай эбелалъул рекIел тIиналдаса бецIцIулеб магIуялъулъги ччун, къватIире рачIунел рагIаби. Амма магIу гIицIго дир буго, дица гьелъие ихтияр кьоларо рекIел ургъелал цогидазе гьурщизе.
Гьалеха тIаде щвана эбелалъул дарман Мурад нухарегIулеб къо. Дунги, рос МухIамадги, Мурадги – лъабалго къватIире рахъана. Мурадихъ ялагьун гIорцIулей йикIинчIо дун. Дагьалъ гъапуллъарав гIадин ккана Мурад. НухбитIун вуссагиха, бабал дарман, мун, ватIаналъул василан ахIизе бокьун букIана дие биччан гьаракьгун – гьесул макьу тIуркIилилан хIинкъана. Бокьун букIана гьесда къвал базе, каранде къазе, кидаялиго лъимерлъуда гIадин, гьесул кIаркьабазда баизе. Гьебмехалда дагьабго эркенлъи кьуна дица магIие. Гьеб МухIамадида бихьилиланги хIинкъун йикIарайха дун. Дарабиги гьекъон, къезабулеб букIана дица ургъел. Гьале щолел руго ниж. Машинаялъуб букIараб сихIкъотIиялъ дагьаб бакIлъизабулеб букIана ургъел. Амма Мурадида дир загIиплъи бихьизе тезе рес букIинчIо. ЦIакъго бакIаб цIайиялъул сихIкъотIи букIана гьеб. Гьедин абулеб буго МухIамадил балагьиялъги. Ва цIидасанги гьимана дун Мурадие. Гьеб гьимиялъулъги букIанщинаб пашманлъигиха…
Отпускалъги вачIуна Мурад. Гьев рокъове вачIиндал, данделъула гьесул рагъулал гьудулзаби. Мурадида цадахъ гьелгун дандчIвазе уна гьоркьохъев вас МахIачги. Щибаб дандчIваялдаса хадув гьезул гьудуллъиялдаги бахиллъун вачIуна гьев.
- Эбел, диеги бокьун буго СВОялде ине. Мурадицаги гьесул гьалмагъзабазги бицунеб гьудуллъиялда бахиллъун вуго дун - цохIо хандакъалъур регун, гьитIинабго чадил кесекгицин бащад гьабун, цояв вакъун вугони, цогидас кIалдиб квен лъолареб, цояв лъукъани, цогидасда гьев хвасар гьавичIого чIезе кIолареб, рохелги пашманлъиги гIахьалаб. Гьелеха, эбел, дуе рагъулаб гьудуллъиялъул берцинлъи. Гьелъул хIалбихьичIого, ворчIиларин ккола дунгоги, - ян абуна гьес. Зама-заманалдасан рагъулаб формаги ретIун, матIуялда цеве эхетула, бихьуларищ цо жинда гьаб форма рекъон бугеб куциланги абун. Данде дица жаваб кьечIони, эбел, щайха мун юцIцIун чIарайиланги абула. БитIарабха, бабал меседилан. Дицаги абулаха. Щиб лъалеб, мун дагьалъги кIудияв гIелалде, гьеб СВОги лъугIизе батилаян тIадеги жубала дица.
Васги СВОялде нухарегIун, гьесул мугъзада нахъаги вахчун, жив рокъов вукIине рекъон гьечIилан лъазабуна цо нухалда МухIамадицаги. Гьесие щиб жаваб кьелебалигицин лъаларого хутIана дун. Бугониги, щибго хIалги лъазе течIого, дица абуна ракIалде кковухъе гьабейилан. Дица унгейилан абунигицин, чIезеги вукIинчIо гьев, дицаги киданиги абизе букIинчIо унгейилан. Солдатасул эбелалда рекъон букIинчIо.
- Дунги инчIони, дун гIадалги инчIони, жеги дунялалъул согIлъи лъаларел ва бичIчIуларел гIолилазде тIаде ВатIан цIуниялъул ишги рехун чIей битIараб гьечIо. Доб КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда 70-80 сон баралги рукIанагури рагъухъаби. Дозги цIунун, нилъехъе кьураб ВатIан гурищ гьаб. КIикъоялда анцIилъе ваханиланги абун, рокъовищ дун чIелев. Дол бахIарзазул рухIалъукьа нечезе ккеларищ дунги дун гIадалги. ВатIан цIуни - гьеб киназего гIаммаб иш. «ГIисинлъимал» гIадал гIолохъабазде ватIанги рехун тун, жал херлъун ругилан гIодор чIараздаги рекъоларо дун, - илан абуна МухIамадица.
Цинги тIадеги жубана:
- Кьвагьун бажарани, кьвагьила, бажарулеб гьечIони, лъукъаразе кумек гьабила, гьезие кванил нигIматал раччила, насихIатал цIалила, гIумруялъул дарсал кьела. Батила дида рагъул авлахъалда гьабизе жо, - ян. Гьедин ккана МухIамад Донецкиялде.
МухIамадица жинцаго абухъе, ккани, кьвагьулебги буго, цогидазе къваригIаралъе векерахъдулевги вуго, рагъухъабазе кванил нигIматалги раччулел руго, лъукъа-къотIаразе кумекалъе вортанхъулевги вуго. Гьадин дунги йигоха росасулги васасулги пикрабазда…
ЧIужугIаданалъул
къуватги сабруги
ГIагараб Самилахъ росулъе отпускалъ вачIиндал, Мурад ахIулаан школалде, цIалдохъабигун дандчIвазе, щолаан гьев живго цIалараб МахIачхъалаялъул школалдеги. Чанги гIахьаллъана «БахIарзазул партаби» рагьулел ва СВОялда хурхарал цогидалги тадбиразда.
Щиб тадбиралде цадахъ кканиги, дицаго бицен гьабулаан ПатIиматие васасул хIакъалъулъ. ЦIакъ бокьулаан дие гьелъухъ гIенеккизеги. Учитель йикIиналъ батила, пасихIго, гIадамазул ракI жинца бицунелде тIаде цIаледухъ, хабар бицине лъалаан гьелда. Бахиллъулаан дун ПатIиматида:
- Бихьулищха, ТIадегIанас кьун букIунеб къуватги сабруги чIужугIаданалъе, - йилан кколаан дида, гьелъухъги ялагьун.
БукIаниги, гьимиялдаго цадахъ цо хIинкъараб сихIкъотIиги букIана. Хабар бицунелъулги, зама-заманалдасан лъалхъулаан, гIенеккун чIолаан - пикрабаз дое рикIкIаде, васасухъе ячуней йикIун ятила гьей.
Мурадие къадар щун бугилан хабар рагIараб мехалдаги, кIвечIо дида ПатIиматихъе кIалъазе. ГьабсагIаталда гьей йихьизе инеги кIвезехъин гьечIо. Дагьабго заман гьоркьоб индал, щвела гьелъухъе. Мурадил берталъ сваказегIан кьурдизе рагIиги кьун букIана дица ПатIиматие.
Гьадинал руго Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа СВОялъул гIахьалчи МухIамад Гьидуримовасулги, Самилахъ росулъа ПатIимат АхIмадовалъулги, гьезул вас, СВОялъул гIахьалчи, сержант Мурад Гьидуримовасулги къисматазул лахIзатал.
Шамай Хъазанбиева