Гьикъе-бицина
«Дун хIалтIулеб бакIалъул директорас дир харжалдаса гIакIаялъе ккуна гIарац. Гьесул ихтияр бугищ гIарац кквезе? ХӀалтӀи кьолев чиясул щиб гьабизе ихтияр букIунеб?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна адвокат АхIмадов Илясица:
- ЗахIматалъул кодексалъул №192 статьяялда рекъон, гӀадлу-низам хвезабиялдалъун лъабго тайпаялъул гурони тамихӀ гьабизе бегьуларо: бадибчӀвай, цебеккунго лъазаби ва хӀалтӀудаса нахъе рехи. Масала, хIалтIуде кватӀанин абун, харжалъул цо бутӀа тIаса кквей ккола къанун хвезаби.
ТамихӀ хӀисабалда, тIамизе бегьуларо дагьаб харж щолеб яги захӀматаб хӀалтӀуде. Гьединго гьукъараб буго хӀалтӀухъан «жиндирго ихтияралдалъун» хIалтIудаса нахъе ине тӀамизеги, тӀадецуй гьабунцин.
Къануналда бихьизабун гьечӀо хьвада-чӀвади квеш гьабиялъухъ, кватӀиялъухъ, кӀвар кьечӀолъиялъухъ яги гъалатӀал риччаялъухъ гӀарцул гӀакӀа къотӀизе. ХӀалтӀи кьолев чияс гьединал тамихIал гьарулел ругони, гьес хвезарулел руго захӀматалъул къанунал ва гьел ишазда тӀасан гӀарза хъвазе бегьула захӀматалъул инспекциялде яги судалде.
ХӀалтӀухъабазул ихтияр букӀуна эркенаб заманалда цогидаб хӀалтӀи кьолезухъ хӀалтӀизе (по совместительству). Гьеб мухӀканго бихьизабун буго Россиялъул Федерациялъул ЗахӀматалъул кодексалъул №282 статьяялда, гьениб чӀезабун буго штаталда гуреб хӀалтӀи гьабизе ихтияр.
Жалго бетIергьанал чагIазул бакIазда ва хӀатта цо-цо хIукуматалъул идарабазда хIалтIулел гӀадатиял хӀалтӀухъабазул ихтияр буго бизнес гьабизе, гьелъ гьезул аслияб хӀалтӀуе квалквал гьабулеб гьечӀони ва гьезул хӀалтӀул къотӀи-къаялъул шартӀазда дандекколеб батани.
ХIалтIи кьолев чиясул ихтияр букIунаро, кIудияб гIилла гьечIого, хӀалтӀул шартӀал квешлъизаризе. ХӀалтӀул шартӀал квешаб рахъалдехун хиси, букӀа гьеб харж дагьлъи, график хиси яги дагьаб къадруяб, яги дагьабго харж щолеб хъулухъ кьей. Гьебмехалдаги хӀалтӀухъанасда лъазабизе ккола бищун дагь гьабун кӀиго моцӀалъ цебе; бугеб батани, кьезе ккола цогидаб дандекколеб хIалтIи, гьеб хиса-баси гьабизе ккола хӀалтӀухъанасул разилъиялдалъун.
Хъизаналъулаб ахӀвал-хӀал, лъади йикӀин яги ригьин гьабизе ракӀалда букӀин рикӀкӀунаро хӀалтӀуда хурхараблъун. Гьел рахъазде гьоркьоре лъугьин, ЗахӀматалъул кодексалда гуребги, Россиялъул Федерациялъул Конституциялъул 23-абилеб статьяялдаги дандекколаро, ай хIалтIи кьолев чиясул кинабгIаги ихтияр букIунаро хIалтIухъанасул гIумруялда гьоркьове лъугьине.
ХӀалтӀи кьолев чияс хадувккун хъулухъалдаса нахъе арав чиясде, гьев цӀидасан цогидаб бакIалде хӀалтӀуде восизе виччачӀого вукӀине гIоло кинабгIаги тӀадецуй гьабулеб бугони, гьеб рикӀкӀуна захӀматалъул ва гражданлъиялъул ихтиярал хвезарилъун.
Нури Нуриев