БатIи-батIияб буго Дагъистаналъул халкъалъул мегеж теялдехун бугеб бербалагьи. 1990-абилел соназда байбихьана нилъер бихьиназ, хасго гIолохъабаз мегеж тезе. Цебе мегеж букIана гIумру бихьарал, гIадат-гIамал лъалел харабазул гIаламатлъун. Советияб заманалда гIолохъабаз къанагIатги толароан мегеж. Амма камулел рукIинчIо кIвахIалал ва жидерго куц-мухъалъул тIалаб гьечIел магжилалги. Нилъер гIадаталда рекъон, мегеж тезе ккола диниял церехъабаз ва чIегIербаялъул къоязда киналго бихьиназ.

ЛъикIаблъун рикIкIуна

Исламалъ тӀадаблъун гьабуларо мегеж тей. Гьеб ккола сунна, ай лъикIаблъун рикIкIунеб, иш. Диналъул церехъабаз тӀадчӀей гьабула гIамалалъул дуруслъиялда ва чорхол рацӀцӀалъи цӀуниялда. Амма къунцIун къа­чIа­чIеб, хачIеб ва чорокаб мегеж бугев чиясе кинабгIаги кири букIунаро. МухIамад аварагасул заманалда мегежги кIкIварал, михъалги тарал чагIи рукIана бусурбанчи цогидаздаса ватIавахъиялъул гIаламатлъун.

Нилъер умумуз мегеж толаан, тӀоцебесеб иргаялда, диниял гӀиллабаздалъун - гьез мисал босулаан МухӀамад аварагасдаса, гьесул асхӀабзабаздаса, гӀалимзабаздаса, исламалъул церехъабаздаса.

ХӀадисазул мажмугӀазда буго гьадинаб насихӀат: «ГIемер Аллагьал (многобожие) ругездаса ратӀа чIа: мегеж къунцIуге, михъал кIкIвай», - ян. Мегеж ккола Аллагьасда божулев чиясул батӀалъи бихьулеб гӀаламат. Гьеб гуребги, гӀадатияб культураялда мегеж рикӀкӀунаан бихьинлъиялъул, камиллъиялъул ва къадруялъул хаслъилъун. Мегеж гьечӀолъи къабул гьабизе бегьулаан гӀодобегӀанлъиялъул яги «чӀужугӀаданлъиялъул» гӀаламат хӀисабалда. Гьедин, мегеж тей бу­кӀана гӀицӀго гӀадат гуребги, иманалда ва бихьинлъиялъул бичӀчӀиязда бухьараб, жиндирго хаслъиялъул кӀвар бугеб жолъун. Амма Дагъистаналда гIадат букIинчIо михъал кIкIван, мегеж толеб. Дир пикруялда, бихьинчиясул михъ-мегеж букIине ккола, берцинго къачIан, чурун, хан, куц-бегIалда рекъезабураб. Мекъи буго, цоги гIилла гьечIого, цIакъал чагIиян хIазе, гIоркьилаз каранде щолеб халатаб мегеж биччалеб къагIида.

Абула, чиясда дандчIвай гьабулин ратIлихъ ралагьун. Гьелъу­хъего, цо-цоязул пикру букIуна мегеж тарав чи бусурбанчи кколин, гьев бусурбанчи ватани, гьесдаса кинабгIаги зарал букIунарин. Жакъа къоялда гьеб къагIида хIалтIуларо. Щайгурелъул такъсирчагIазул, хъа­мал­чагIазул ва зулмучагIазул къо­къабазда гьоркьор руго гIемерал мегеж халатал бусурбаби.

Хьиндаллъиялъул цо росулъ дибир­лъи гьабулев вукIарав ма­гIаруласул тохаб хьвада-чIвади бихьун, хьиндалалъ абун буго: «Михъални дур дибирасул руго, амма берал хъачагъасул ругоха», - ян.

Магжил тарих

Советияб заманалде щвезегIан Дагъистаналда мегеж тей букIана тIибитIараб иш. Гьеб толаан исламалъул гIадатазда рекъон. Цо-цоязда мегеж тей бичIчIулаан бахIарчилъиялъул, къуваталъу­л ва гIакъиллъиялъул гIаламат хIи­са­бал­да. XVII гIасруялда Дагъистаналде щварав Турциялъул сапарчи Эвлия Челебица хъвалеб буго: «Дагъистаналда мегеж толеб буго анцIго соналдаса тIаде арал васаз. Гьениб мегеж кIкIвай рикIкIуна гIадлу-низам хве­забилъун, гьелъ рачуна дагIба- рагIиялде», - ян.

Инкъилаб бергьун хадуб мегеж «модаялдаса ана». Модалъун лъугьана бихьиназ гьурмал цIвакизари, гIемерисел дагъистанияз, хасго хъу­лухъчагIаз ва гIалимзабаз кIкIва­лаан мегеж.

2000-абилел соназда байбихьана гьеб ахIвал-хIал хисизе. ГIолилаз байбихьана диниял гIадатазде тIадруссине, гьелдалъун мегеж тей машгьурлъана. ГӀемерисезе гьеб лъугьана иман загьир гьабилъун ва исламалъул рахъкколеб букӀиналда тӀадчӀей гьабулеб къагӀидалъун. Гьедин, Дагъистаналда магжил тарих ккола гӀадаталги, политикиял тIадецуялги, хисулел жамгӀиял роценалги цоцалъ журараб хIакъикъат. Жакъа цӀидасан мегеж лъугьун буго гӀемерисел бихьиназул гӀумруялъул бутӀалъун.

Михъичазул тайпаби

«Михъичал» рикьула гӀага-ша­гарго лъабго тайпаялде. ТӀоцебесеб тайпа ккола творческиял махщелазул гӀадамал. Гьезие мегеж ккола рагӀул эркенлъиялда тӀадчӀей гьаби, гьединго кинал рукӀаниги низамазда бараб жо гьечӀин аби ва хӀалтӀулъ тӀубараб эркенлъи загьир гьаби. КӀиабилеб тайпа - диниял гӀиллабаздалъун мегеж толеб агьлу. Лъалеб букӀахъе, киналго диназда - жугьутӀ диналда, ГIисал диналда ва исламалда мегеж тей рикIкIуна цӀакъ кирияб ишлъун. Ал-Бухариясул хӀадисазул тӀехьалда буго: «Аварагас абуна: «Дуца дурго мегеж биччай, михъал кIкIвай», - ян.

Лъабабилеб тайпа ккола бусурбабазда релълъинеян мегеж тараб къавм.

Мегеж тейги гьеб къунцIиги ккола щивав чиясул ихтияр. Амма, мегеж толеб бугони, лъикIаб букIина гьоркьо-гьоркьовниги матIуялъуве валагьулев вугони, ва аскIор ругезда берцин бихьиладай дир мегеж абун, пикру гьабулеб бугони. Гьеб рахъалъ дида цIакъ берцин бихьулаан цеве вукIарав Дагъистаналъул муфтий СайидмухIаммад Абубакаровасул мегеж. Дица абила гьесул гIадаб мегеж букIине ккелин бусурбабазе мисаллъун.

НекIо магжиде

букIараб бербалагьи

НекIсияб Египет

НекIсияб Египеталда мегеж тезе ихтияр букIана гIицIго пиргIавнил ва гьесда аскIор ругезул. ХӀатта Хатшепсут пиргIавнилъцин гьурмада бан букӀана гьересияб меседил мегеж.

НекIсияб Греция

Афиназда мегеж кколаан философазул ва гӀакъилзабазул гӀа­ла­мат­лъун. Михъал теялъул къагIида хи­сана Александр Македонскиясул заманалда. Гьес жиндирго рагъухъаби тӀамулаан мегеж кIкIвазе, рагъулъ тушбабаз гьезул мегеж кквечӀого букӀине гIоло.

НекIсияб Рим

НекӀсияб Рималда мегеж ри­кӀкӀу­наан гIалхуллъиялъул гӀаламатлъун. Гьениб мегеж модаялде бачIана ГIисал дин тIи­би­тIидал.

ГIарабустан

Анкьабилеб гӀасруялдаса байбихьун, ГӀарабустаналда бусурбабазул умматалда лъикIаблъун бихьизабуна мегеж тей.

Россия

Россиялда, рекьарухъабаздаса бай­би­хьун, бояразде щвезегӀан, ки­на­зулго букIунаан мегеж. Гьеб ахӀвал-хӀал хисизабуна Петр ТӀо­це­весес. Европаялъулазда релълъине кколилан, гьес киналго тIа­муна муг­жул къунцIизе. Мегеж тезе изну букIана гIицIго кашишазул ва рекьарухъабазул. Амма, шагьаралде лъугьунаго, гьез кьезе кколаан хасаб магъало.

Мегеж тей жакъа беццараб, метер - какараб

Бихьулеб букӀахъе, магжидехун бугеб бербалагьи кидаго гӀадин бухьараб букӀана жамгӀиял, маданиял, диниял ва хӀатта политикиял рахъазда. Гьоркьоса къотӀичӀого хисулеб букӀана гьелъул мода: жакъа мегеж тей беццараб, метер - какараб хIисабалда.

Киназго тIадчIун тIубала бихьулеб суннат, амма гIемерисеб мехалда нилъеца тIубаларо чияр бераздаса бахчараб, амма тӀадаб иш. Масала, нилъеда кIоларо мегеж кIкIвазе, амма нилъеда бигьаго кӀола эбел-инсуе мутӀигӀлъичIого рукIине яги кьураб рагӀи хвезабизе.

Нури Нуриев