ЯхӀ-намус ва къадруялда ватӀан цӀуни – гьединаб буго БежтӀа участокалъул Кьадал росулъа Шарапудин Хетуровасул гӀумрудул магӀна. Жакъаги гьев вуго ватӀан цӀунулезул цебесеб кьерда, хасаб рагъулаб операциялда.
Жавабчилъи цӀикӀкӀарав, къвакӀигун бахӀарчилъи загьир гьабулев гьев чанцӀулго мустахӀикълъана къадруял шапакъатазе. Гьал къоязда, рагъулаб хъулухъ тIубазабулаго бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ, Ш. Хетуров мустахӀикълъана «Орден Мужества» абураб пачалихъияб шапакъаталъе.
РакӀ-ракӀалъ баркула ракьцоясда цӀияб шапакъат! Ниж чӀухӀула, бахӀарчиял, ватӀаналде ккараб къо борхизе нахъе къаларел ва, нилъер умумулго гӀадин, гьеб цӀунизе къеркьолел ракьцояздаса. Гьезул гӀумру букӀина нилъер халкъалъе даимаб мисаллъунги.
Шарапудин Хетуровасда шапакъат баркана БежтӀа участокалъул бетӀер Шамил Арадаховасги. «Ш. Хетуров гӀадинал бахӀарзаз чӀухӀизабула нилъер улка. Дунги чӀухӀула нилъер ракьалда гьединал, унго-унголъунги ватӀан хириял гIолохъаби рукIиналдаса», — ян абуна гьес.
ЛАЮЗА ГӀУМАРОВА,
«Бежтинский вестник»
газеталъул редактор
