РухIияб бечелъиялъул рагьдухъ
МухIамадрасул ГIумаровас - 60 сон
МагIарул шагIир МухIамадрасул ГIумаровасул къисматалъул сверабаздасан унаго, дун дандчIвалей йиго гьесул асаралгун. БитIун бицани, гъваридго гъорлъе лъугьун дида шагIирасул асарал лъалароан. Гьесул шигIрияб улкаялда дида гIицIго лирика бихьулаан. МагIарул машгьурал кочIохъабазги аслияб къагIидаялда ахIула гьесул лирикиял кучIдул. Амма МухIамадрасулил кучIдузул хIакъалъулъ дир пикру хисизабуна Поэзиялъул театралда тIобитIараб гьесул шигIрабазул байрамалъ. Гьелдаса хадуб цIалана гьесул хIакъалъулъ, гIенеккана шагIирзабазулги цIалдолезулги гьесул хIакъалъулъ ругел пикрабазухъги. Ва дица диего рагьана цIияв шагIир. Дие рокьана гьесул лирикиял асарал гурелги, ВатIаналъулги, миллаталъул букIинеселъулги, магIарулазулги, магIарул тарих берцин гьабурал миллатцоязулги хIакъалъулъ хъварал асарал. Гьесул асаралгун цадахъ дун цIидасанги щвана хунздерил тарихалъухъе, угьдана Бахтикагун цадахъ. ГIажаибго бокьана дие гьес Бахтикал хIакъалъулъ хъвараб кечIги. КIудияб асар гьабуна гьединго, хIежалде щведал ва гьелъулгун къо-мех лъикI гьабулаго, шагIирасул рекIелъ букIараб асаралъги. ШагIирасул жакъасеб хъвадарухъанлъиялъул темалъун ккола инсанасул рухIияб бечелъи.
МухIамадрасул ккола гIицIго шагIир гуревги, таржамачиги, публицистги, хъвадарухъанги.
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъги ракI-ракIалъ баркула МухIамадрасул ГIумаровасда 60 сонилаб юбилей. Гьарула гьесие хъвадарухъанлъиялъе дагьабги бегIераб къаламги тIадегIанал бергьенлъабиги. Щиб жоха шагIирасе 60 сон. Гъунаралъе кьолеб кIиабилеб рухI. КIиабилеб гIолохъанлъи. Къисматалда цебе гьабураб хIалтIул хIисаб кьолеб гIуж. РачIаха, хIурматиял цIалдолел, цадахъ сапар бухьине шагIирасул къисматалъул сверабазухъе.
Къисматалъул сверабаздасан
МухIамадрасул ГIумаров гьавуна 1966 соналъул 23 апрелалда Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росулъ.
Росдал школалда 8 классги лъугIизабун, цIализе лъугьана Буйнакскиялде педагогикияб училищеялде. Гьеб лъугIизабун хадув хIалтIизе витIана Гьоориб школалде учительлъун.
1985-1987 соназда Советияб Армиялда хъулухъ гьабуна.
Нахъвуссун хадув хIалтIана Бакълъухъ, ХIебда школазда, Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялда ва Бакълъухъ школалъул директорасул заместительлъун.
ЦIалана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталъул филологияб факультеталда.
2002-2007 соназда хIалтIана республикаялъул «Ассалам» газеталъул редакторлъун.
2007-2013 соназда хIалтIана Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандиясул пресс-секретарьлъун.
2013 соналдаса байбихьун вуго «Фикр» абураб информациялъулабгун аналитикияб централъул нухмалъулевлъун.
2015 соналда хIалтIизе лъугьана «Махачкалинские известия» газеталъул отделалъул редакторлъун.
ГIумаров ккола Россиялъул Журналистазул ва Хъвадарухъабазул союзазул член.
Цадахъго ГIумаровас бачунеб буго гIелмиябгун жамгIияб хIалтIиги.
Гьес гIурус ва магIарул мацIазда басмаялда бахъана анцIгоялдасаги цIикIкIун тIехь: «Устарзабазул дугIаби ва тавбу»; «Дагъистаналъул гIалимзаби»; «Макруяб заман»; «ГIалим КъурамухIамад-хIажи»; «Дихъего кагътал» кучIдул ва поэмаби; «ХIакъикъияб хIикмат», СагIид-афандиясул асаразул хIакъалъулъ, «Имам Шамилидаса СагIид-афандиясде щвезегIан», «Бакълъухъ: Тарихияб очерк», «МагIарул рухIияб адабият: Советияб заман (1917-1991)» монография ва цогидалги.
ГIумаров ккола динияб адабият магIарул мацIалдаса гIурусалде ва гIурусалдаса магIарул мацIалде таржама гьабулезул бищун лъикIаздаса цоявлъун. Гьес руссинаруна КъурамухIамад-хIажиясул гIемерисел тIахьал, Гъодобериса АхIмад-хIажиясул ва цогидал гьанжесел гIалимзабазул хIалтIабиги ва тIахьалги. Таржамабазда тIад хIалтIулаго, гьес динияб ва диналда хурхарал темабазда хъвараб 250 батIи-батIияб тIехьалъе редакторлъи, таржама ва корректорлъи гьабун буго.
КIвар бугеб хIалтIи гьабун буго ГIумаровас гIелмияб цIех-рехалъул рахъалъ халкъиял асарал ва рухIияб ирс лъазабиялда тIад. Гьес тIаса бищараб тема ккола жеги лъицаниги борхун букIинчIеб, магIарулазе балъго букIараб, дин гьукъараб заманалда гIалимзабаз ва устарзабаз балъго хъварал (нахъе рахчун рукIарал) асарал загьир гьари, гьел цоцазде ккезари, лингвистикияб анализ гьабун, щибаб асаралъул автор мухIкан гьави. Гьеб хIалтIул тIоцебесеб хIасил гIадин, ГIумаровас басмаялда бахъана «МагIарул рухIияб адабият (Советияб заман)» абураб мухIканаб монография. Гьаниб ГIумаровас рорхулел руго, динги диниял асаралги хъвазе ва цIализе гьукъараб заманалда, нилъер гIалимзабаз балъго гьел хъваялъул суалал. Бицунеб буго дол гIалимзаби-шагIирзабазда бихьараб захIматалъул, гьез дин цIунараб куцалъул ва халкъалда ислам ракIалда чIеялъе ургъарал цIиял къагIидабазул хIакъалъулъ. Гьебго заманалда рухIияб адабият цебетIун букIин бихьизабулеб буго гьеб хIалтIиялда. Адабияталда гIодосаго рижарал темаби ва жанрал гIалимзабаз церетIезарун, бечед гьарун цIунун рукIин баян кьолеб буго.
РухIияб адабият цебетIеялъул ва цIунун хутIиялъул хIакъалъулъ масъалаби рорхарал, аналитикиял ва цогидалги МухIамадрасулил макъалаби рахъана республикаялъул газет-журналазда: «Дагестанская правда», «ХIакъикъат», «Ассалам», «Махачкалинские известия», литературияб альманах «Гьудуллъи», «МагIарулай» ва районазул газетазда. ГIумаров кколаан магIарул мацIалда бахъулеб букIараб эркенаб «Миллат» газеталъул редколлегиялъул членги.
Гьес жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго республикаялъул жамгIияб хIалтIулъ.
2016 соналдаса нахъе М. ГIумаров ккола магIарул басмабазул цолъиялъул нухмалъулев. Гьеб буго магIарул миллиябгун маданияб автономиялъ гIуцIараб ассоциация. Гьелда гьоркьоре уна Дагъистаналда басмаялда рахъулел киналго магIарул газеталги журналалги.
ГIемерал соназ маданият ва адабият цебетIезабизе гьабураб хIалтIухъ ГIумаровасе кьуна батIи-батIиял шапакъатал.
МухIамадрасул ккола жамгIияб хIалтIиги, магIарул адабияталъул тарих ва жакъасеб хIалалъул гIелмияб цIех-рехги цадахъ бачунев маданияв хIаракатчиясул мисаллъун.
Шамай Хъазанбиева